Суал-жаваб

Пуланав чиясе кьураб закагIат хIакъикъияблъун рикIкIунищ гьеб кьолес гьелъул цIарги бахъун батичIони. ШартI бугищ кьолес гьеб баян гьабизе?
ШафигIияб мазгьабалда рекъон, шартI гьечIо кьолес гьаб закагIат бугин баян гьабизе. Щайгурелъул гьеб нияталда бараб букIиналъ. Кьолесул гьединаб ният букIун батани, гьеб закагIатлъун рикIкIуна, босулесул нияталде балагьичIого.
(«ТухIфатул мухIтаж»)
Чанго ретIел ретIарав хIажичияс чан гIакIа кьезе кколеб?
РетIелги ретIун гIумра ялъуни хIеж бухьани, халгьабизе ккола цо бакIалдайищ ялъуни батIи-батIияб бакIалдайищ ретIарабали. Цо бакIалда ретIун батани, халгьабизе ккола цоцада хадубищ ялъуни гьоркьоб заман унищ ретIарабали.
Цо бакIалда, гьоркьоб заман инчIого ретIун батани, цо гIакIа гурони кколаро, чан ретIел ретIаниги. БатIи-батIияб бакIалда ялъуни цо бакIалда гьоркьоб заман ингун цадахъ, щибаб ретIараб ретIел рикIкIун гIакIа тIаде ккола. Лъазе ккола, цого ретIел чанго нухалда ретIидалги гIакIа такрарлъулеблъи.
(«Ал-ИзахI фи Манасикил ХIаж»)
Аварагасул ﷺ мажгиталде щолаго щиб гьабизе лъикIаб бугеб?
Аварагасул ﷺ мажгиталде щолаго лъикIаб буго тавбу цIигьабизе, гьелъул шартIалги тIуран. Гьединго, жиндирго ракI бацIцIад гьабизе дунялалъул пикрабаздаса, зияраталда хурхинчIебщинаб тезе, ракIалъ кколеб къагIидаялъ аварагасдаса ﷺ щолеб нигIмат къабул гьабизелъун.
(«Жавгьарул Муназзам», ибну ХIажар Гьайтами)
Тира-сверизе унев чияс сапаралъул рухсаби хIалтIизаризе бегьулищ?
Сапаралъул рухсаби, ай как данде боси, къокъ гьаби, лъабго сордо-къоялъ мачуязда масхIу гьаби гIадал жал хIалтIизаризе ккани, гьеб букIине ккола халатаб, хIалалаб, цо хасаб бакIалде ва кIвар бугеб къасдалъе гIоло гьабулеб сапар.
Тира-сверизе, ай батIи-батIиял шагьарал, улкаби рихьизе унев чияс сапаралъул хIукмаби хIалтIизаризе бегьуларо ШафигIил мазгьабалъул киналго гIалимзабазда аскIоб. Гьеб кIвар бугеб къасдалъе гIоло гьабулеб сапар гурелъул.
Амма рахIат, хIухьбахъи гьабизе унев чи ватани, гьес как къокъ гьабизе бегьиялда тIасан гIалимзабазул хилаф буго. ИбнухIажарида аскIоб бегьула, Рамлиясдаги ХатIибу Щирбиниясдаги аскIоб бегьуларо.
Гьаниб хIухьбахъиялдасан мурадги ккола берцинал бакIал рихьизелъун гьабулеб сапар. Гьел рихьун, гьезде вуссун черхалда тIад бугеб бакIаб хIал тIаса инелъун. Мисалалъе, тIубараб лъагIалица хIалтIуде хьвадулевги вукIун, отпускги босун хIухьбахъи гьабизе арав чияс, ИбнухIажарида аскIоб, сапаралъул рухсаби хIалтIизаризе бегьила, гьесул сапар лъагIалида жаниб данделъараб захIматаб хIал тIаса инелъун гьабураб бугелъул. Амма гьадингоги вега-вахъун рахIаталда вугев чи тира-сверизе ани, гьес сапаралъул рухсаби хIалтIизаризе бегьиларо, ШафигIил мазгьабалъул киналго гIалимзабаз абухъе. Ва амма гьеб хIухьбахъиялъул хIасилалда тIаса унеб унти батани, ИбнухIажаридаги Рамлиясдаги аскIоб бегьула рухсаби хIалтIизаризе. Унти тIаса инелъун гьабулеб сапар кIвар бугеблъун бугелъул.
(«ТухIфатул мухIтаж» ва »ХIаваши щирваний», «Нигьаятул мухIтаж» ва «ХIашияту ГIалий щабарамаллисий»)
Сапаралдаги вукIун, какал данде росизе ракIалда бугев чияс, кин гьабуни лъикIаб бугеб?
Сапаралда вугесе бокьани какал данде росизе, ва гьев цевехун уневлъун вугони, тIоцебесеб какил заманалда ва кIиабилелъул гIужилъ лъалхъи гьабизе ракIалдаги бугони (лъалхъараб заманалъги жив сапаралдаго даимлъун), гьесие рекъараб буго тIоцебесеб как кIиабилелде босизе. Мисалалъе, къалъул как бакъанилалде, маркIачIулаб боголилалде. ТIоцебесеб какил гIуж букIаго лъалхъи гьабизе ракIалда бугони ва кIиабилелъулъ цевехун уневлъунги вукIине, гьеб мехалъ рекъараб буго лъалхъи гьабураб тIоцебесеб какил гIужилъго гьел разе.
РакIалда бугони кIиябго какил гIужазда цевехун уневлъун вукIине яги кIиялъулго бокьаралда лъалхъи гьабизе, гьел хIалазулъ гIемерисел гIалимзабаз лъикIаблъун рикIкIараб буго тIоцебесеб как кIиабилелде босизе.
Кин бугониги, цояб гIужалъулъ раялда тIокIлъи бугони (мисалалъе, пуланаб гIужилъ какичури гьабизе яги чIолеб бакIалда санагIалъаби цIикIкIарал рукIун), гьеб гIужалдаго рала.
(«ТухIфатул мухIтаж»)
Какил тIоцебесеб кIиго ракагIаталда хадуб сураби кин цIалилел? Сураялъул бакьулъан цIалулеб бугони «агIузу» ва «бисмиллагь» бахъизе лъикIаб бугищ?
Какил тIоцебесеб кIиго ракагIаталда АлхIам цIалун бахъиндал, лъикIаб буго Къуръаналъул цогIаги аят цIализе. Бищун лъикIаб буго лъабго ялъуни цIикIкIун аят цIализе. ТIубараб сура цIализе лъикIаб буго, гьоркьоса босун цIалиялдаса. АлхIамалда хадуб сура цIализе тIадаб бугин абурал гIалимзабиги руго.
ТIоцебесеб ракагIаталда, кIиабилеб ракагIаталда цIалулелдаса халатаб сура цIализе лъикIаб буго. Гьединго лъикIаб буго Къуръаналъул тартиб цIунун цIализе.
Халатаб сурайищ цIалилеб ялъуни тартибищ цIунилебин абун суал бугони, тартиб цIуни тIаса бищула. Масала, тIоцебесеб ракаталъул АлхIамалда хадуб Къулгьу цIалидал, суал бачIани хадуселда тартиб цIунун суратул «Фалакъищ» цIалилеб ялъуни тIоцебесеб ракагIаталда халатаб, хадуселда къокъаб цIализе тIаса бищун Къулгьуялдасаги къокъаблъун бугеб суратул «Кавсарищ» цIалилеб абун, тартиб цIуни тIаса бищила, ай суратул «Фалакъ» цIализе лъикIаб буго.
Сураялъул бакьулъан цIалулеб бугониги, «агIузу» ва «бисмиллагь» бахъизеги лъикIаб буго.
(«ФатхIул мубин», «ТухIфатул мухIтаж»)
Аллагьасе ﷻ бакI, рахъ чIезабизе бегьулищ?
ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ махлукъаталъул бижарабщиналъул сипатал чIезаризе бегьуларо. Гьесда ﷻ щибго релълъун гьечIо, Гьев ﷻ лъидаго релълъаравги гьечIо. Гьединлъидал бакI, рахъ, заман, гIорхъи ва цогидабги чIезабуларо.
ТIадехун рехсарал сипатал БетIергьанасе чIезаруни, гьелъ рачуна Аллагьасе ﷻ бакI, рахъ чIезабиялде, цинги нилъ рачуна заман чIезабиялде ва Гьесие ﷻ байбихьи букIиналде. Аллагьасе ﷻ гьел сипатал рекъоларо ва Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго Жиндие рекъоларебщинаб сипаталдаса.
Къуръаналдаги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ баянго лъазабуна гьел сипатал бегьулареблъиялъул хIакъалъулъ:
«Щибниги Гьесда релълъараб гьечIо. Гьесда (Аллагьасда) кинабго жо рагIула ва бихьула», - ян (сура «аш-Шура», аят 11).
Аллагьас ﷻ абуна: «Гьесда релълъараб щибго ва щивго гьечIо», - ян (сура «Ихлас», аят 4).
Аллагь ﷻ вацIцIад гьави ккола асхIабзабазулги, тIабигIуназулги, имамзабазулги, гIалимзабазулги, ай салафу-салихIуназул гIакъида.
Имам Байгьакъияс «ШугIабул иман» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго гIорхъи, бакI, рагIал чIезабиялдаса», - ян.
«ГIакъида ТIахIавия» абураб тIехьалда имам ТIахIавияс хъвалеб буго: «Аллагь тIадегIанав вуго гIорхъи-рахъ букIиналдаса, гьединго вацIцIадав вуго лугбал рукIиналдаса. Аллагь ﷻ анлъго рахъалда гьечIо, бижараб махлукъат гIадин».