Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Мекъаб даруги гьабун чиясе зарал ккани, тохтурас жаваб кьезе кколищ?

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Дару гьабизе лъай гьечIев тохтур лъугьани, ккараб заралалъухъ гьес жаваб кьезе ккола», - ян (Абу Давуд, Тирмизи).

Гьелда рекъон, тохтурлъиялъул тIубараб лъай ва махщел гьечIесе бегьуларо гIадамазе дару гьабизе. Тохтурас жаваб кьезе ккола сах гьарулел гIадамазул.

Махщел ва лъай бугев тохтурас битIараб даруги хIалтIизабун зарал ккани, гьес жаваб кьезе кколаро. Кинниги махщел бугев тохтур мекъи ккани дару гьабиялъулъ, гьес жаваб кьезе ккола.

Тохтурасул лъай ва махщел чIезабула кIиго тохтурас. Гьев кIиясго чIезабуни пуланав тохтур мекъи ккун вугин абун, гьес жаваб кьезе ккола ккараб заралалъухъ.

ХIижамалъул махщелчияс жаваб кьезе кколаро унтарас яги гьесул жаваб кьолез ихтияр кьун хадуб гьесие хIижама яги би биччан хадуб зарал ккани.

(«Нигьаятул МухIтаж»)

ГIодобе рехараб бананалъул хъалалда тIадги чIун, хъуштIунги ун чи гIодов ккани, гьеб гIодобе рехарас жаваб кьезе кколищ?

ГIаммаб нух хIалтIизабулев чияс гьабулеб жоялъул жаваб кьезе ккола. Бокьа-бокьараб жо гьабизе бегьуларо. Мисалалъе, гIаммаб нухде цо чияс бананалъул хъал рехани ва нухдаса унев, лъачIого тIадги чIун гIодов ккани, рехарас жаваб кьола ва ккараб заралги бецIцIизабула. Амма бихьизеги бихьун ургъунго тIад чIани ва гIодов ккун заралги ккани, рехарав чияс жаваб кьезе кколаро. ГIадамал рилълъунареб яги бихьизабураб бакIалде кьишни рехани, гьеб мехалъги жаваб кьоларо. Гьединго жаваб кьезе кколаро гьороца, бихьизабураб бакIалдаса къватIиб босун бачIараб кьишни сабаблъун, зарал кканиги.

(«ТIухIфатул МухIтаж»)

Как ахIун яги къаммат гьабун хадуб суннатаб бугищ аварагасде ﷺ салават битIизе?

Как ахIулесеги ва как ахIи рагIарав щивасеги суннатаб буго аварагасде ﷺ салават битIизе, как ахIун яги къаммат гьабун хадуб. Гьединго суннатаб буго как ахIун хадуб дугIа цIализеги.

Гьелъие далиллъун гIалимзабаз чIезабуна имам Бухарияс Жабир бин ГIабдуллагьидасан бицараб хIадис: «Как ахIулев рагIарав чияс салаватги битIани, дугIаги цIалани (гьелъие бихьизабураб), дир шафагIат гьесие букIине буго», - ян (Бухари).

(«ТIухIфатул МухIтаж»)

ЗухIаялъул как кин балеб? Гьелъие бихьизабураб хасаб заман бугищ?

Жиделъ жамагIат бихьизабичIеб суннатал каказдасан ккола зухIаялъул как. Гьелъул гIужги, бакъ баккун хочол къадаралде гьеб борхидал, байбихьула (гIага-шагарго 20 минуталдасан) ва бакъалъ зобалъул бакьулъа бакI бахиндал, заманги лъугIула.

ЗухIаялъул какил бищун дагьаб кIиго ракагIат ва бищун цIикIкIун 12 ракагIат бала. КIиго ракагIаталдаса цIикIкIун балес цо саламалдалъун киналго ракагIатал цадахъго разе бегьула, амма кIи-кIи ракагIаталдасан салам кьун базе беццараб буго.

Щибаб зухIаялъул какалъе ният гьадин гьабила: «Дица ният гьабуна суннатаб зухIаялъул кIиго ракагIаталъул как базе», - ян. АлхIамалда хадуб тIоцебесеб ракагIаталда суратул «Кафирун», кIиабилелда - суратул «Ихлас» цIализеги лъикIаб буго.

Абу Зар Гъифариясдасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Рогьел баккаралдаса нужер щивасда щибаб лага рикIкIун садакъа кьезе бихьизабун буго. Щибаб тасбихI гьаби (субхIаналлагь аби) садакъа ккола, щибаб хIамд (алхIамдулиллагь аби) садакъа ккола, «ла илагьа илла ллагь» аби садакъа ккола. ЛъикIалде гьесизари ва квешалдаса нахъчIвайги садакъа ккола. Цебе рехсараб гьеб кинабго жанибе бачуна кIиго ракагIаталъул бараб зухIаялъул какалъ.

(«ТухIфатул МухIтаж»)

РачIого гьоркьор хутIарал суннатал какал рецIизе лъикIаб бугищ?

РачIого гьоркьор хутIарал гIидалъул, ратибатазул, зухIаялъул ва цогидал, разе хасаб заман жидее чIезабурал, какал рецIизе лъикIаб буго.

Цо сабаб тIаде бачIиндал ралел какал, масала, какие чуриялъул как, тахIият как, бакъ-моцI кквеялъул какал рецIизе суннатлъи гьечIо. Амма чиясул гIадат билълъун батани щибго сабабги гьечIого суннатал какал ралеб, гьедин биччараб как гьесие бецIизе лъикIаб буго, бигьалъиялде гьев ругьунлъичIого вукIине.

(«ИгIанату ТIалибин»)

Хварасул налъаби рецIулелъул, Аллагьасда ﷻ цере ругел хIукъукъалищ цин рецIулел яги гIадамазулалищ?

Хварасул хутIун ругони Аллагьасда цере ругел, ай рецIизе кколел закагIат, хIеж, кафарат, назру гьабураб иш гIадал ва гIадамазе кьезе кколелги, амма гьел киналго рецIизегIанасеб жо нахъеги тун гьечIони, цин цебе гьабула закагIат-хIеж гIадал тIадехун рехсарал, Аллагьасда ﷻ цере ругел хIукъукъал тIуразари.

Аллагьасда ﷻ цере ругел киналго хIукъукъал рецIиялъе гьес нахъе тараб гIолеб гьечIони, щибаб хIакъ хал гьабун рекъовутIа буголъи бикьула, гьедин бикьидал хIеж тIубазегIанасеб гьелъул, ай хIеж бецIиялъе бутIаялъе щвечIони, гьебги цогиял Аллагьасда ﷻ цере ругел хIукъукъазде бикьула.

Гьелъие хIужалъунги бачунеб буго ибну ГIабасидасан бицараб аварагасул ﷺ хIадис. Гьес абун буго, аварагасухъе ﷺ ячIанин пуланай чIужугIадан ва абунин: «Я Аллагьасул расул, дир эбел хвана цо моцIалъул кIалалги рецIичIого. Бегьулищ дица гьелъул кIалал рецIизе», - ян. Аварагас ﷺ гьелда цIехана: «Дур эбелалда тIад цоги налъи букIарабани дуца гьеб бецIилаанищ?» - абун. Гьелъ жаваб гьабуна: «БецIилаан», - абун. Цинги аварагас ﷺ абуна: «Аллагьасда ﷻ цебе бугеб налъи жеги рекъараб буго бецIизе», - ян.

(«ТIухIфатул МухIтаж»)

Малъазда гъоркь чороклъигун бараб как рикIкIунищ?

Какичури бегьизе ккани, шартIазул цояб буго лъим щвезе кколеб бакIалде гьеб щвезе гьукъулеб жо букIунгутIи, гьелдаго релълъун буго малъазда гъоркь бакIги.

Гьединлъидал, малъазда гъоркь чороклъигун гьабураб какичури рикIкIуна тIубачIеблъун. Гьединлъидал цин малъазда гъоркь бугеб чороклъи инабизе ккола, цинги чуризе ккола гьезда гъоркь лъим щвечIеб бакI ва хадур ругел лугбал. Ният ва гьумер чури цIи гьабизе кколаро, чурани гIола кверал чуриялда хадусел лугбал (гIункIрукьалде щвезегIан кIиябго квер, бетIералда масхIу ва хIатIал).

Амма малъазда гъоркь бугеб жо батани чиясдаса жиндасаго лъугьараб цIияб гьан яги гIетI бакъвараб гIадаб, гьелъ какичуриялъе квалквал гьабуларо. Гьединго какичуриялъе квалквал гьабуларо малъазда гъоркь бугеб тамахаб чороклъиялъ, ай чурулелъул лъим жинда жанибе лъугьунеб.

(«ХIашияту Ширвани»)

Рузман къоялъ сапар гьабизе бегьулищ?

Рузман тIалъулев чиясе гьеб къоялъул рогьалил какил гIуж щун хадуб сапар гьабизе бегьуларо, нухда унаго базе рес ккелин яги унеб бакIалде щвелин абураб пикругIаги гьесул батичIони.

Киналалиго гIиллаби рукIун сапаралде вахъине кколесул пикру бугони нухда яги унеб бакIалде щун гьениб рузман базе щвелин абураб, гьеб мехалъ хIалалаб букIуна сапар гьаби.

Бегьизабиги буго сапар хIалалаб бугеб мехалъ. Сапар бугони магIсияталъе унеб яги гьелде рачунеб, рузман бачIого сапаралде вахъине гьукъараб буго. Амма бичIчIизе бегьуларо рузман бан хадуб магIсияталъе гьабулеб сапар шаригIаталда бегьизабулеб бугин абураб жо.

(«ТухIфатул МухIтаж»)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Рагъухъабазул гIумру хвасар гьабуна

ГIадатияб гуреб ва рекIее асар гьабулеб лъугьа-бахъин ккана СВОялда. Дагъистаналдаса школлъималаз гьабураб ва гуманитарияб кумек хIисабалда битIараб гьиналъ кумек гьабуна тушманасул дроналъ гьужум гьабичIого букIине ва нилъер рагъухъабазул гIумру хвасар гьабизе.    Гьеб кумек щварав...


ГIалимзабазул советалъул резолюция

2026 соналъул 11 февралалда тӀобитӀараб ДРялъул ГӀалимзабазул советалъул данделъиялъул хIасил гьабун, жакъа къоялъ чара гьечIел диниял, тарбия кьеялъул, хъизамалъул, жамгӀияталъул ва социялиял суалазул халги гьабун, ГӀалимзабазул советалъ, ТӀадегӀанав Аллагьасда ва жамгӀияталда цебе жидерго бугеб...


Рагъухъабазе кумек гьабулеб ателье

ГӀумарасхӀабги гьесул лъадиги руго нилъер рагъухъабазе кумек гьабулел чагIи. Гьез гьабулеб ишалъул хIакъалъулъ рагIидал, ният ккана гьезухъе щвезе ва гара-чIвари гьабизе.    – ГIумарсхIаб, рагъухъабазе кумек гьабизе ккелин абураб пикруялде кин нуж кантIарал? - Нижер буго «Баракат» абун цIар...


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


СВОялъулазе кумек гьабу-ралъухъ медал

Хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазе гьабураб ва гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ жамгӀияб шапакъат кьуна Дагъистаналъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъе.   РФялъул «Хранители России» абураб жамгӀияб гIуцIиялъул хӀукмуялдалъун гьелъие кьуна «За вклад в победу СВО» абураб...