2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.
Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби.
Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...
НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...
ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...
ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...
Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде.
Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...