Аслияб гьумералде

КIал кквеялъул хIикмат

КIал кквеялъул хIикмат

КIал кквеялъул хIикмат

Киназдаго лъала ражаб, шагIбан моцIалъ ккурал кIалаз черх хIадурулеблъи тIаде бачIунеб Рамазан моцIалде. ПалхIасил, кIал кквеялда жаниб черхалъе, хасго рухIияб рахъалъе гIемерал пайдаби руго. КIал кквеялъул хIикмат буго инсанас жиндир лагълъи, мутIигIлъи Аллагьасде загьир гьабизе гьев тIами. Гьединго камилаб кIал кквеялъ инсанасул ракI борчIизабула, ракIалда Аллагь чIезавула. Щайин абуни, инсанасда ракъи-къечалъул асар лъайдал, жинца гьеб кинабго Аллагьасе гIоло бокьун тун букIин ракIалде щола, Аллагьасул балагьиялда, Гьесул бетIергьанлъиялда гъоркь живго вукIин ракIалде щвезабула.

Гьединго кIал кколеб рамазан буго баракатаб моцI, къад кIал ккун, къаси таравихIал ран, Къуръан цIалун, садакъа кьун, сардилъ тIаде рахъун гIибадаталдалъунги тIагIатаздалъунги цIезабизе кколеб моцI. Гьеб кинабго рахъалъ гIемерисел бусурбабазулъ чIаголъи лъугьуна рамазан тIаде щведал. Гьединго инсанасул чехь бакъун бугони, гьесул гIибадаталъе черх чIаголъула.

Кидаго гIорцIун вукIунев чиясул ракI согIаб, биццатаб букIуна, гьелъ инсан гIорхъи бахарал жал гьаризе тIамула. КIал кквеялъ инсанасул напс куцала, ракI бацIцIад гьабула. Кидаго гIорцIун вугев чиясда мискинпакъирасул ракъи щибжояли лъаларо. КIалги ккун жинцаго ракъиялъул кьогIлъи чIамараб мехалъ, ракъаразда бугеб хIалги лъан, гьезие кумек гьабизе, гьезда гурхIизе ракI гьесула кIал ккурасул.

КIал кквеялъ квербакъи гьабула мунагьаздаса лугбал, квешлъиялдаса черх цIунизе, гьелъ гIибадаталъул кавабиги рагьула. КIал кквезе суннатлъулел къояздасан ккола ГIарафа къо. Гьебги хIежалда гьечIев чиясе суннатлъула. Гьеб ккола зулхIижа моцIалъул ичIабилеб къо. Гьеб къоялъ кIал ккурав чиясул гьелда цебесебги хадусебги соналъул мунагьал чурула.

ГIашураги тасугIагIаги ккола мухIаррам моцIалъул анцIабилеб ва ичIабилел къоял. ГIашура къоялъ кIал ккуни, цебехун соналъ гьарурал мунагьал чурула. Гьединго суннатлъула щибаб анкьида жаниб итни-хамизалъги кIалал кквезе. Суннатлъула рузман къоялъ кIалал кквезеги, гьелда цадахъ я цебесеб яги хадусеб кколеб бачIани, гьечIони - жибго рузман къоялъ кIал кквезе карагьатаб буго. Гьединго суннатлъула щибал моцIрол 13, 14, 15 къояз кIалал кквезе.

Суннатаб буго рамазаналда хадусеб шаввал моцIалъ анлъго къоялъ кIал кквезе. Рамазаналъги ккуни, гьелда хадуб шаввалалъул анлъго къоги ккуни, гIумруялъго кIал ккуравлъун рикIкIуна. Суннатаб кIал кквеялъулги кири цIикIкIараб буго. Аллагьасул нухда цо къоялъ кIал ккуни, Аллагьас гьев лъабкъоялда анцIго соналъул манзилалъ жужахIалдаса рикIкIад гьавулин хIадис буго.

КIал кквеялъул суннатаздасан ккола заман щварабго, ай бакъ тIерхьарабго кIал биччай. КIалги биччазе суннатаб буго чамасдакIалдалъун, цинги лъедалъун, цинги щиб бугониги гьуинаб жоялдалъун. Гьединго суннаталдасан ккола радакь кваназе тIаде рахъин, радакь кванай кватIизаби (щаклъиялде ккечIебгIан заманалъ), гIемер Къуръан цIали, гIемер Аллагь рехсей, хIарамалдаса берал, гIундул, мацI ва цогидал лугбал цIуни, рогьел баккилалдего жанабаталдаса черх чури, мажгиталда игIтикафал гьари (хасго рамазаналъул ахирисеб анцIабго къоялъ), дугIа гIемер гьаби (хасго кIал биччараб гIужалъги, радакь рахъараб мехалъги), цогидал кIал биччазе кваназе рокъоре ахIи, гьуинал махIал черхалда гьаричIого тей (хIалкIун букIаго), черхалъе лазат щолел жалаздаса, масала, лазатал нигIматал кванаялдаса, хасго гIемер кванаялдаса чехь цIуни.

Берцинлъиялде балагьиялдаса берал цIуни, берцинал бакъназухъ гIенеккиялдаса гIундул цIуни, ай къокъго абуни хIалалал ругониги, черхалъе лазат щолел жалаздаса рикIкIалъи. ГIадамалгун къацандиялдаса, дагIбадиялдаса, вагъиялдаса мацI цIуни, цояв вагъулев вугониги данде вагъичIого дун кIал ккун вугилан жаваб кьей, садакъа гIемер кьей, мажгитазде гIемер хьвади.

Гьал церехун рехсарал суннаталги адабалги цIунарав чиясе кIалалъул камилаб кири щола. ЦIуничIони кири мукъсанлъула, хасго гъибат-бугьтан, гьереси-мацIалдаса мацI цIуничIони, хIарамал жалалдаса черх цIуничIони, кIал кквеялъул вакъиги, къечейги гурого щибго мунпагIалъи кколаро. КIал кколеб моцI ккола черхалъе рахIатги тун гIибадаталъе цIакъ бахъизе кколеб моцI.

АРСЛАНГIАЛИ ГIУМАРОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...