Аслияб гьумералде

Бищун Хириясул ﷺ эбел

Бищун Хириясул ﷺ эбел

Бищун Хириясул ﷺ эбел

Аварагасул эбел, къурайшиязда гьоркьой бищун лъикIай, насабалъул рахъалдасан бищун яцIцIадай, халкъалда гьоркьоб къадруяй, жиндир хIакъалъулъ бицен халкъалда гьоркьоб гIасрабаз цIунизе бугин жиндие рагIи кьурай Вагьбил яс Аминат.

 

ЯцIцIадай, хIурмат цIикIкIарай Вагьбил яс Аминат гьаюна анлъабилеб гIасруялъул бакьулъ, къадруяб тухумалда.

ГIабдулмутIалибил ГIабдулла-гьица гьей ячараб мехалъ, бертин лъабго къоялъ гьабуна. ТIоцебесеб сордоялъ, Аминатида макьилъ бихьана, нуралъул чIораз, гьелда гъорлъанги ун, сверухълъиго гвангъизабун. ХIатта гьеб нуралдалъун, гьелда Шамалда ругел Бусраялъул кIалгIабигицин рихьана. Гьелдаго цадахъ, цо гьаракьалъ абуна: «ХIакълъунго, гьаб гIаламалъул Сайид вуго дуца ургьив цIунун», - ян.

Аминатида ракIалде щвана, цебего, Загьра ал-Килабия абурай пал къотIулей гIаданалъ абун рукIарал рагIаби: «Нужеда гьоркьой йиго цIуниялде ахIулей, яги цIуниялде ахIизе вугесул йикIинесей эбел» ва Аминатиде ишара гьабун букIараб куц. Гьелъ макьу бицараб мехалъ, ГIабдуллагьидаги ракIалде щвана, цебего, Варакъа ибн Навфалил яцалъ гьесда жийго ячеян гьарулеб букIараб куц. Амма Аминат ячун хадуб, гьей гьесухъ ялагьичIо. Гьелъул сабаб цIехараб мехалъ, гьелъ абуна, гьесул гьурмада халлъулеб букIараб нур гьанже бихьулеб гьечIин.

ГIабдуллагь Аминатида аскIов вукIана анцIго къоялъ. Хадуб, Шамалъул рахъалде унеб гIиргун, гьев сапаралъ вахъана. Аминатил ракI лъикI букIинчIо, рахIатхвеялъ кверде йосулей йикIана.

ГIабдуллагь сапаралъ вахъун моцIидасан, Аминатида бичIчIана лъимаде йикIин. Росасда рохел бицине бугеб гъираялъ, гьесухъе йоржинегIаги рес букIарабаниян кколеб букIана гьелда.

Къоял унел рукIана, амма ГIабдуллагь нахъвуссунев вукIинчIо. Гьесухъ балагьун чIарай лъадул гъира букIана, щиб-кин бугебали лъазе, хабаргIаги щвелародаян. Амма цо къоялъ гьелъухъе вачIана жиндирго эменги ГIабдулмутIалиб. Гьес байбихьана гьелъул ракIбатулел рагIаби абизе, гьей сабруялде ахIизе. Гьес бицана, унтуца кверде восарав ГIабдуллагь, Ясрибалда имгIаласухъ вугин. Цодагьал къояздасан гьес гьаб дунял теялъул хабар щвана гIащикъго гьесухъ балагьун чIун йикIарай гIолохъанай лъадухъе.

КIиабилеб нухалъ жиндир чIужуялда берчIвазе хъван букIун гьечIо гьесие. 28 сонил гIумруялде вахарав гьес гьеб хIалалда тана гьаб дунял, кIудияб ургъел-къварилъиялда Аминатги тун.

12-абилеб рабигIул аввалалъ хIара чIвана Аминатида. Гьей жийго цохIо йикIана ва хIинкъизе бачIана. Амма дагьаб заманалдасан гьелда сверухъ нур халлъана ва гIемерал руччаби аскIор рихьана. Гьелда ккана, гьел Гьашимил кьибилалъул гIагарал руччаби ругин, амма хадуб бичIчIана, гьел гуреллъи. Гьезда гьоркьор рукIана: ГIиса аварагасул эбел Марьям, фиргIавнил лъади Асият, Ибрагьим аварагасул чIужу Гьажар ва цогидалги. Рогьалил гIужалда гьелъ, нуралъул цIурав вас гьавуна. Жеги лъиданиги ахIун букIинчIеб, МухIаммад абураб цIарги лъуна.

ГIарабазул гIадаталда рекъон, Аминатица вас, кигIан ракIалъе захIмалъаниги, гIалхул гIарабиязухъе хахизе ва хьихьизе кьуна. Ункъо сонил гIумруялде вахиндал, гьитIинав МухIаммад эбелалъухъе нахъвуссана.

ВукIинесев аварагасул 6 сон тIубайдал, эбел, гьевги вачун, сапаралъ яхъана. Маккаялдаги Мадинаялдаги гьоркьоб бугеб ал-Абва абураб бакIалде щведал, кутакаб гьури бахъана. Салул авлахъалда ругел гьезие рахчизе бакIал тIагIана. ГIемераб мехалъ гIодобцинчIеб бурангун хIал тIагIинегIан къеркьана Аминат. Жиндир гIумру рагIалде бакIарараблъи бичIчIарай гьелъ, недегьго, тамахго цо вугев васасда ахирисеб нухалъ къвал бана ва бадиса магIу чвахана. ТIагIун лъугIулеб бугеб, рагIун-рагIичIеб гьаркьидалъун абуна гьелъ: «Кинабго чIагояб жо хвезе буго, кинабго цIияб жо биххизе буго, тIолабго жо тIагIине буго, дунги холей йиго, амма дир хIакъалъулъ хабар хутIизе буго, дир вацIцIадав, тIаса вищарав вас сабаблъун», - ян.

Гьелъ гьаб дунял тана. Буранги гIодобе буссана. Сверухълъи сихIкъотIиялъ цIуна. ХутIана гьитIинаб лъимер, хутIана гIодилеб, ятимлъиялда.

34 соналдасан Аминатил цIар рагIизе буго гIаламалъулго сайид, тIаса вищарав, ТIадегIанав Аллагьасул бищун хирияв илчи, дунял-ахираталде щвезегIан жив авараглъун витIарав МухIаммадил эбел абун. Гьей цониги бусурбанчиясдаги кIочене гьечIо. Гьелъул цIар лъайги щивасда тIадаб буго, лъималазда гьитIинго малъизе кколеблъиги чIезабун буго.

Аллагьас нилъ дандчIвазе хъван батаги Алжаналда, гIаламалъул хирияв, нилъер ХIабиб МухIаммадгун ва гьесул хириял агьлу-байталгун. Амин.

«Нисау хIавла Ннабийи» абураб тIехьалдаса

 

Хадижат Хизриева

2025-06-01 (Зул ХIижжа 1446 с.) №11.


Алжаналде нух

Хъизан ккола ТIадегIанав Аллагьасул рахъалдасан бугеб бищун кIудияб сайгъат, лъикIлъиялъул ва рухIияб цокIаллъиялъул кьучI. Жакъа нилъеда гIемер рагIула ратIалъанин абун бицунеб. Цебе рос-лъади ратIалъизе цIакъго кIвар бугеб гIилла къваригIунеб букIун батани, жакъа хъизамал риххулел руго щибго...


Сабру гьабизе кумек кьола

«Тасгьилул Манафи» абураб тIехьалда хъван буго: «Ромашкаялъул бухIараб ва бакъвараб тIабигIат буго. Гьелъ чехь тамах гьабула, нервабазул система щула гьабула, ботIрол ва цогидал лугбузул хIалтIи щула гьабула. БетIер унти чучула, тIогьилаб унти (желтуха) сах гьабула, кIващ хъамула...


Конкурсалъул хIасил гьабуна

«Религия сегодня важные темы» абураб тIехьалда тIасан тIобитIараб къецалъул хIасилал гьаруна Каспийск шагьаралда. Рехсараб шагьаралъул аслияб мажгиталде данделъун рукIана къецалъул гIахьалчагIи, гьезул умумул, учительзаби ва цогидалги. ТIоцебесеб 20 бакI ккуразе кьуна шапакъатал ва...


ШайтIан инжитлъулеб къо

ЗулхIижа моцIалъул ичIа-билеб ккола ГIарафа къо. Гьеб къоялъ гьабураб лъикIлъиялъухъ чанго нухалда цIикIкIун кири щолин абула. ХIакъикъаталдаги гьеб къоялъул тIадегIанлъи гIицIго Аллагьасда ﷻ гурони лъаларо. ЛъикIлъиго гIадин, гьеб къоялъ гьабураб квешаб гIамалги чанго нухалъ кIодо гьабун хъвала....


ГIидалъул къо

Исламалда гIидалъул къо ккола цIакъ хирияб къо. Гьеб хирияб буго рамазан моцIалъул гIидалдасаги. Гьеб къоги ккола зулхIижалъул 10-абилеб къо. ГIидалъул къоялдаса хадур рукIунел лъабго къоялда абула ташрикъалъул къоялинги.   Гьеб къоялъул хиралъи «ИтхIафалда» хъван буго:...