Аслияб гьумералде

Аллагьасе ﷻ рокьулел

Аллагьасе ﷻ рокьулел

Аллагьасе ﷻ рокьулел

Жакъа гIемерисел руччаби руго хIалтIулел. ЧIужугIаданалъул загIипал гъуждузде бегун буго бакIаб гьир: хIалтIи, рукъ, лъимал. Гьелде тIадеги, нагагь данде кколареб, ракIалъ босулареб бакIалда хIалтIизеги кколей ятани, щибха гьабилеб?

 

ГIемер рагIула диналъул яцазул гIарзал, хIалтIи чIалгIун бугин, гьенибе гали чIезецин бокьуларин, щибаб нухалъ хIалица унин абун. РатIалъизе ресги батичIони, гьединаб зулмуги хIехьон нуж ратани, гьале, диналъул яцал, нужее кумекалъе цо-цо малъа-хъваял:

  1. ТIоцебесеб иргаялда, балагье, кигIан дуе бокьулареб бугониги, гIадамазе щиб пайда бугебали дуца гьабулеб хIалтIудаса. ГIабдуллагь ибн ГIумарица бицараб хIадисалда буго: «Бищун Аллагьасе рокьулел лагъзал – бищун пайда цIикIкIарал руго». Гьедин, кIвар бугеб хIалтIи батани, щукру гьабе, мун гьелдалъун Аллагьасул рокьи щвеялъе мустахIикълъизе рес буго.
  2. БацIцIадаб ният гьаби. Хирияб хIадисалда буго: «ХIакълъунго, нияталда рекъон рукIуна пишаби», - ян (Бухари). Дуца ният гьабуни, гьабулеб хIалтIудалъун цогидазе пайда-хайир, кумек гьабизе, чиясул иш-хIажат тIубазе, Аллагьасул разилъи тIалаб гьабизе, гIадатияб дунявияб хIалтIи гIибадаталде буссуна.
  3. «Аллагь Жиндир лагъасул хIажатал тIуралев вукIуна, гьес диналъул вацасул хIажатал тIуралел ругебгIан мехалъ», - ян абураб Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисги кIочене биччаге.
  4. ХIалтIуде иналдаса яги кверзул махщалидаса дур къасд букIунге цого-цо гIарац щвей. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда баян гьабун буго, ризкъи кьолев цо Жив вугин абун. «Нижеца кьола нужее ризкъи», - ян («АнгIам», 151 аят).

Нилъеца Аллагьасде таваккал тIамизе ккола. РакIалда кквела гьаб аятги: «Аллагьасукьа хIинкъулел лагъзадерие Гьес бокьараб бакIалдасан нух бахъула, ва ракIалдацин гьечIелъуса ризкъиги кьола», - ян абураб («ТIалакъ», 3 аят). Гьедин гьабуни, хIалтIуда баракат лъела.

  1. Чан чи вугев хIалтIиги щоларого. Дуего кьураб нигIматалъухъ щукру гьабе, гьелъулъ Аллагьасул рахIму халгьабе. Мунго разиял, ракI бохизабулел ишал дандчIвайдал щукру гьабун, алхIамдулиЛлагь абе. БетIергьанас щукру гьабурав лагъасе нигIмат цIикIкIинабула.
  2. КIванагIан хIаракат бахъе лъикIал рахъазде кIвар кьезе. Берцинго балагьани, гIунги тIокI ратула сверухъ гьайбатлъаби.
  3. ХIалалаб ризкъи тIалаб гьабизе щвараб ресалъул къимат гьабе. Имам АхIмадица бицана, Аварагас ﷺ абунин: «Жиндир хъизамалъе хIалалаб ризкъи тIалаб гьабизе къватIиве вахъарав чи, Аллагьасул нухда вуго», - ян.
  4. ХIалтIи хIалтIуда те. Щивав чиясул букIине ккола эркенаб заман. Хъизамгун жура-гъурай.
  5. Дур ракI бохизабулеб жо балагье, хIалтIуда хурхинабун, гьелда тIадчIей гьабе. Масала, дуе кофе бокьулеб батани, гьеб гьениб гьекъе ва гь. ц. Мунго хIалтIулеб стол, кабинет батани, гьеб берцинго, дурго бер бохулеб хIалалъ къачIай.

Хьул буго, хириял яцал, гьал малъа-хъваяз нужее кумек гьабилин абун. Амма кIочонге, лъикIабги квешабги БетIергьанас хIалбихьиялъе кьун букIин. Гьесда гьарила сундулъго маслихIат ва сабруги гьабила.

 

Хадижат Хизриева

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...


Щай рахъунел?

Мавлид ахIулеб заманалда бусурбабазда гьоркьоб машгьураб гIадат буго, МухIаммад авараг ﷺ гьавураб лахIзаталъул ахIулелъул, киналго тIаде рахъунеб. Гьебги гьабула Аллагьасул Расул вокьиялъул, рохелалъул, гьесие гьабулеб адаб-хIурматалъул гIаламат хIисабалда.   Гьеб гIадат къабул гьабурал...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...