Аслияб гьумералде

Сурма: гӀадат, пайда ва гӀелму

Сурма: гӀадат, пайда ва гӀелму

Аварагасул ﷺ суннат цIуни ккола гьесдехун рокьи загьир гьаби. Амма щибаб суннаталда жаниб бицун бажарулареб хIикмат бахчун букIуна. Гьединал Аллагьасул Расуласул ﷺ гӀумруялъулъ хасаб бакI ккурал суннатазда гьоркьоб буго сурма хIалтIизаби.

 

 Ибну ГӀаббасица бицун буго: «Беразда хъвалеб жоялъул бищун лъикӀаб ккола сурма. Гьелъ берзул канлъи лъикӀлъизабула ва берзул тIелхал кIудиял гӀезарула», - ян (Тирмизи).

 

Гьанжесел гӀелмиял цӀех-рехал

Цогидал малъа-хъваялго гIадин, сурмаялъул суалалдаги милладияб гӀелму хъвачӀого хутӀун гьечӀо. ЦӀех-рехаз тасдикъ гьабулеб буго, сурмаялъул, хасго исмид абураб тайпаялъ, цо чанго пайдаяб хаслъи кьолеблъи. «Химия ва гIумру» абураб журналалда кӀвар буссинабулеб буго сурмаялъул антисептикияб хасият букӀиналде ва некӀсияб заманалда гьеб хӀалтӀизабулеб букIинабиялде берзул унтаби сах гьаризе.

Казахстаналъул миллияб медицинаялъул университеталъ гьабураб цӀех-рехалъ бихьизабухъе, сурмаялъул биологиялъулаб хӀаракатчилъи цӀикӀкӀараб букӀуна ва гьелъ электроредуктивиял процессазда гӀахьаллъи гьабула. Гьел гурелги жеги гIемерал пайдаби руго гьелъул. Амма гьеб пайда щвезе ккани, тӀаса бищизе ккола бацIцIадаб, тӀабигӀияб сурма.

Сурма ккола бихьиназеги руччабазеги гIаммаб суннат. Кинниги, нилъер заманалда гьеб цIикIкIун руччабаз хIалтIизабула. Гьелъ беразул берцинлъи цIикIкIинабула, канлъи бачIинабула, берзул тIелхал халалъи, ризлъиялъе квербакъула. Амма лъазе ккола, гьеб бахун чияр бихьиназда цее ин мунагь букIин. Бищун лъикIаб къагӀида – кьижулаго хIалтIизаби буго. Аварагас ﷺ щибаб бералда лъабго нухалъ бахунаан сурма, гьелъие хасаб гIучIалдалъун. Гьеб хIалтIизабулаго суннаталда нахърилълъине ва Аварагасулгун бухьен щула гьабизе ният гьабила, суннат чIаго гьабиялъул кири щвезе.

Аварагасул ﷺ рикIкIен гIемерал хIадисаз ахIулел руго чорхол рацIцIалъиялъул ва сахлъиялъул тIалаб гьабиялде. Гьеб ахIиялъе жаваб гьабиги бахчун буго сурма хIалтIизабиялъулъ. Гьелдеги тIаде, росасда берцин йихьиялъе бахунеб бугин ният гьабуни, цо гIамал гьабиялдалъун чанго суннат цIунарайлъун йикIина.

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...