Аслияб гьумералде

Чорхолабгун рухIанияб рацIцIалъи

Чорхолабгун рухIанияб рацIцIалъи

ГIаишатидасан бицана, цо нухалъ гьелъул яц, Абубакарил яс Асмаъ, тIеренабго гурдилъ Аварагасухъе ﷺ ячIанила. Гьев цогидаб рахъалде вуссанила ва абунила: «Я Асмаъ, хIакълъунго, чIужугIадан балугълъиялде яхиндал, гьелъул гьабги, гьабги гурони (жиндирго гьумералдеги квераздеги ишанги гьабун), щибго жо бихьизе бегьуларо», - ян. (Абу Дауд)

 

ТIаде щварал риидалил къояз гIемерисел руччабазда ккола, тIаса ретIел бахъун, лугбал загьир гьарун хьвадиялъ, гьел багIариялдаса хвасарлъизе ругин абун. Амма хIакъикъат гIаксалда буго.

БетIергьанас Къуръаналда абун буго (магIна): «Дуца абе (я МухIаммад), дурго руччабазда, ясазда ва муъминзабазул руччабазда, жидедаго тIад пардав байин. Гьедин гьел ратIа рахъизе бигьаго букIине буго (гъаравашаздаса ва квешаб хьвади бугел руччабаздаса) ва гьел инжит гьариялдаса цIунун рукIине. ХIакълъунго, Аллагь ТIаса лъугьунев, ГурхIулев вуго». (суратул «АхIзаб», 59 аят)

ТIадегIанав Аллагьас лагъзадерида тIад лъураб щибаб жоялда жаниб тамашаяб хIикмат букIуна. Гьединго гьукъараб жоги, чара гьечIого, заралияб букIуна.

Сахлъиялъул рахъалдасан балагьани, тIад пардав гьечIеб тIомалде бухIараб бакъул чIорал щведал, чорхое гIемераб зарал ккезе рес буго. Ультрафиолеталъул чIораз тIомое цIакъ хIажатаб коллагенги эластинги хвезабула. Гьеб сабаблъун хехго херлъула, гьурмада рукIкIалаби цудунго лъугьуна, тIомода тIад пигментиял тIанкIал раккизе рес буго. Гьеб гуребги, заманалдасан, жеги тIомол рак гIадал квешал унтабицин загьирлъизе бегьула, ультрафиолеталъ жеги иммунитетцин загIип гьабула.

БотIрол расуеги цIакъ кIудияб зарал буго бакъул. Жиндаса рас гIуцIараб кератинги аминокислотабиги гьелъ рихх-риххизарула. Гьелъул хIасилалда рас тIеренлъула, бигьаго бек-бекун унеблъун лъугьуна, кенчIей тIагIуна, гъенола, херлъилелдего хъахIлъула. Жеги ботIрол тIом букариялъе гIиллалъун чIола.

ХIижаб ккола чорхолаб ва рухIанияб рацIцIалъи. БатIи-батIиял унтаби, аллергия тIаде цIалеб хIур-чороклъиялдаса черхги цIунула гьелъ, батIи-батIиял чорокал пикраби ва ниятал жиндехун чияр бихьиназул раккиялдаса намусги цIунула. ХIижабалъул киналго шартIал тIуран, модаялда рекъезабун гуреб, кколеб хIалалда гьеб ретIарай чIужугIадан, хIакълъунго, Аллагьасул цIуниялда гъоркь йикIуна.

РухIанияб ва сахлъиялъулаб пайда гуребги, хIижабалъул цоги тIокIлъи - гьелъулъ бугеб рахIат ккола. Дуцаго пикру гьабе, хирияй яц, кида дур черх парахат букIунеб? ГIатIидаб гурде ретIидалищ, къараб, гали тIамизе квалквал гьабулеб ретIидалищ? Кида мун багIарараб къоялъ гьогьомун йикIуней? ТIад рекIараб, тIомое хIухьел гьукъулеб ретIидалищ, гIатIидаб, эркенаб, гьури хьвадизе биччалеб ретIидалищ? Амма унго-унгояб хIалалъ гьеб рахIат щвейи-щунгутIи щияй чIужугIаданалда жиндаго бараб буго. Кинин абуни, ретIел бищизе ккола синтетикаялъул гуреб, хIухьел биччалел тIабигIиял ххамазул. ЦIакъго риццатал гурел, амма гъорлъан жо бихьуларел.

КIвар бугеб суал ккола, нилъер цо-цо яцаз жидерго тIалаб гьабичIого толеб: риидал щватаби ретIи. ХIижабалъул камураб шартI сабаблъунги гьелда рекъараб гIазаб букIине буго жужахIалда. ТIолабго черхги бахчун, цо сан баккун тани, хасс гьабун гьеб бакI бухIилин буго. Гьединлъидал, нилъеего цIодорлъи гьабун, киналго бакIал рахчиялде кIвар кьезе ккола. ХIатIазда ретIулел чурапалги гъорлъан жо бихьуларел рукIине ккола. Гурдил къвалалги, квер борхидал, кверазул рищи жидедасан баккуларел, нахъе рортун унарел рукIина яги квердаххелал ретIила. Рачел къай - Исламалдаса рикIкIадаб, хIижабалъул мурад хвезабулеб жо буго. Жеги цIакъго бадире рехун рачIунел кьерал, кенчIолел нагIлаби рикIкIад тела. Амма чIегIераб, бецIаб ретIелги риидал лъикIаб гьечIо: гьелъ бакъ тIаде цIала, рагIарула. Бищун лъикӀаб къагIида - гвангъичIел, амма бецIал гурел кьерал тIаса рищи буго. Берцинал духабазул, мискалъул махIал къватIире лъугьунаго гьариги, нилъеда лъала, хIарамаб букIин. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Щий чIужугIадан йигониги берцинал махIал гьарун, гIадамазда цеесан арай, гьезде махI чIвазелъун, гьей зиначIужу йиго». (АхIмад)

Гьурмада косметика бахинги, рокъоб, росасда цебе гуреб, къватIие яхъунелъул бегьуларо. Йилъунаго хъуй гьабулел хьитал шаригIаталъ гьукъун руго. Гьезулги чорхое кIудияб зарал буго: мугъзагьодалде, рукьбузде хIал щола, ччобори хIалуцун, дугъдан чIун букIуна.

ГурхIулев Аллагьас нилъ заралалдаса цIунизе тIадкъараб хIижаб, щайтIаналъ кверде росарал гIадамазда, кьварараб гIурхъичIвайлъун бихьулеб буго. БичIчIи гьечIолъиялъ, жидее лъикӀаб малъидал, инкаралде арал, гурин чIарал лъималазда релълъун гьел гIадамаз шаригIат мугъзаде нахъе рехулеб буго. Щибниги хIижабалъ кьолеб пайдаялъул баян нилъехъе щун букIинчIебаниги, гьеб, нилъ рижарав Аллагьасул амру букIин гIезе кколаан. Кинниги, иман загIиплъиялъ напсалъ тIад кверщел гьабулеб батула. Гьаб къокъаб гIумруялда жаниб сабру гьабун бажарани, чорхол берцинлъи чиядаса бахчун хьвадани, даимаб, хIурулгIинзабазулалдасацин бергьараб берцинлъи кьела БетIергьанас Алжаналда.

Киналго диналъул яцазе Аллагь разияб хIалалъ хьвадизе тавпикъ кьеги.

 

Хадижат Хизриева

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Лъадул хIакъ цIунизе ккола

Хъизан ккола Аллагьас инсанасе кьурал бищун кIудиял нигIматазул цояб. Исламалъ хасаб кIвар кьола ригьин гьабиялде. Ригьин гьаби рикIкIуна жамгIияб гIадатлъун гуребги, гIибадатлъунги, гьелдалъун цIунула иманги, яхIги, насаб халат бахъинабиги.   Хасго ригьин гьабизе лъикIазул цояб ккола шаввал...


КIудияб макъам

ХIурматиял бусурбаби. Аллагьасул диналде халкъ ахIи буго аварагзабазул ирс. Гьезул тIубараб гIумруго къурбан гьабун ана халкъ битIараб нухде ахIулаго. Гьелда жаниб аслияб жоги ккола гIицIго ихлас, ай ракI бацIцIалъи букIин. Гьебги щибго гьечIеб бакIалда бокьарав чиясе щолеб жо гуро.   Ихлас...


Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзаби щвана Беларусиялде

Беларусиялъул муфти Абубекир Шабановичасухъе гьоболлъухъе щвана Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул делегация. Гьелъие нухмалъи гьабуна регионал церетӀезариялъул департаменталъул начальник АхӀмад Надирбеговас. Гьединго делегациялда гьоркьор рукӀана ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул...


ТалихIкъосин, балагь-къварилъи, унта-щокълъи

Унти буго Аллагьасул ﷻ рахIматазул цояб, гьелъ загьир гьабула инсанасул загIиплъи ва хIалкIвей гьечIолъи. Унти рикIкIуна гIицIго черхалъул къварилъилъун гуребги, иман щула гьабизе бачIараб хIалбихьилъунги мунагьал чурулеб алатлъунги. ХIадисалда бицараб кинниги, унтараб мехалъ сабру гьабиялъ...


Тушбабаздехунги букIана гIафву

Аварагзабазул тIабигIа-таздасан ккола хIилму ва гурхIи. Аллагьас ﷻ Аварагасдехун абулеб буго: «Дуца гIадамаздехун гьабулеб гIамалалъулъ бигьаяб, хIеренаб нух тIаса бище ва жагьилал гIадамаздасаги вусса», ай гьез гьабуралда релълъараб ахIмакъаб гьабугейин ва гьезул рагIи-гIамал гIадахъги...