Аслияб гьумералде

Аллагьасда божиялъул хIикмат

Аллагьасда божиялъул хIикмат

ТIадегIанав Аллагьас хирияб Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеца гьаре, дица жаваб кьела», - ян. Гьеб хирияб аяталдалъун ТIадегIанас нилъеда лъазабулеб буго нилъее бокьараб жо Жинда гьаризе ккейги ва гьелъие жаваб Жинца кьезе букIинги.

Аллагьас нилъеца гьарараб жоялъе бачIинахъего жаваб щвезе букIиналда ракIчIун нилъ рукIине г1едег1изе бегьуларо, щайин абуни, нилъ рижарав Аллагьасда лъалелъул нилъее маслихIатаб жо. ДугIаялъе жавабги Аллагьас нилъее маслихIат бихьун гьабула.

Гьединго, дунялалда нилъеца гьарараб Аллагьас жаваб гьабичIого тараб жоги, Ахираталда гьелъухъ нилъеца гьараралдасаги лъикIаб кьезе тун букIунебиланги абула цIаларал чагIаз. Цо къоялъ толеб дунялалда Аллагьас кьураб нилъее хIасратго бокьараб жоялдаса, даимаб Ахираталда Аллагьас кьезе нахъбахъун тарабги лъикIаб гьечIищ, хIисаб гьабидал.

Нилъеца гьарараб дугIаялъе жаваб Аллагьас кьечIого телин абун щакдаризеги цIакъго какараб буго. Щайгурелъул гьеб кколелъул Аллагьасда щакдари. Гьелдаса нилъ Аллагьас цIунаги.

Эбелалъе жиндирго лъимер кигIан хирияб букIунебали нилъеда лъала. МацI лъалареб хIайваналъулцин жиндирго тIинчIалде букIунеб рокьи, тIалабагъаз бихьула.

Эбелалъул лъимаде букIунеб рокьиялдаса г1емер нухалъ цIикIкIараб букIунебила Аллагьасул жиндирго лагъасде бугеб рокьи. Ва гьелда рекъон, Аллагьас гьаб панаяб дунялалде биччараб нилъее кьураб кинабго нигIмат-рахIматги бугебила Ахираталда нилъее кьезе бугеб нигIмат-рахIматалъул рикIкIун хIалкIоларел бутIабазда гьоркьоса цо бутIа.

Аллагьас нилъеда тIаде риччарал балагьазда жанирги рукIунелила нигIматалъул бутIаби, нигIматазда гьоркьор балагьалъул бутIаби рукIунелго гIадин. Ва гьаб киналдасаго нилъеда бичIчIизе ккола ТIадегIанав Аллагьас нилъ киданиги рехун толареллъи, Аллагьасде тавакалги рокьиги букIун хадуб, гьаб дунялалъул рокъоб, щиб къо тIаде бачIаниги, нилъеца гьеб бигьаго нухда бачине букIинги.

Гьаниб рехсезе бокьун буго гьал къоязда Ачхой-Мартаналда ккараб хIикматаб лъугьа-бахъин. Нилъеда лъала ТIадегIанав Аллагьас бесдалал цIакъ кIодо гьарун рукIин, гьездехун букIине кколеб хасаб гурхIалилги бицун букIин. Хирияв Аварагасги гIемер бицараб буго бесдалаздехун букIине кколеб тIалаб-агьазалъул ва гьелъухъ бугеб кIудияб даражаялъул.

Ачхой-Мартаналдаса эмен гьечIей бесдалай ГIаишал анищ букIуна анцIго сон бараб къоялъ сайгъаталъе чу щвезе. Гьеб анищги гьелъ киназдасаго балъго гьабун букIуна. АнцIго сон бараб къоялъ гьей школалдаса щвана ва киназдасаго балъго кагъат хъвазе лъугьана. Гьеб кагъатги букIана гьелъ Аллагьасухъе хъвалеб, жинда жанибги жиндир инсухъе кье, Аллагь, гьаб кагъатилан абулеб. Кагътида бицунеб букIана хварав инсуда жиндирго анищалъул. Кагъат хъван бахъиндал, гьитIинай ясалъ гьеб понцIорал шаразда бухьана ва зодобе боржине биччана.

Аллагьасеги бокьана гьитIинай ГIаишал анищ тIубазе. Аллагьасе бокьун хадубин абуни, гьеб цIакьго бигьаго тIубаларищха!

ХIалкIолев Аллагьасул къотIиялдалъун ГIаишал кагъат боржун бачIана, Ачхой-Мартаналдаса чанго анцIго километралъ рикIкIад бугеб Самашки росулъе ва гьениб гьебги чIана чуязул илхъидул бетIергьанасда цебе. СубхIаналлагь! Аллагьасе цо жо лъугьине бокьидал, гьеб лъугьиналъе щибго квалквал Гьес тунгутIиялъул хIикмат гьечIищ, хIисаб гьабурав чиясе! Чуязул бетIергьанасда Аллагьас ГIаишал анищ тIубай тIадкъайги гьечIищ Аллагьасул гурхIалил хIикмат!

Гьеб кагъатги цIалун, дов чи, ай Идрис гIодула. Гьесул ракIалъе кIудияб асар гьабула гьитIинай ГIаишал иманалъул щулалъиялъ ва гьелъул рекIелъ Аллагьасде бугеб божилъиялъ. Идрисица хIукму гьабула ГIаиша ялагьизе.

Жидерго рокъове лъаларев чи лъугьун вачIиндал ГIаишал эбел хIинкъула, ГIаиша абуни гIодизе лъугьуна. Ясалда бичIчIула Аллагьас гьелъул анищ тIубазе витIарав чи гьев вукIин. ХIакъикъаталдаги Идрис вукIуна гьей ясалъе чуги бачун вачIарав чи.

Росдал гIадамаздаги лъала ГIаишал Аллагьасухъе хъвараб рисалаталъул хабар. Гьезиеги бокьула гьеб хIикматаб лъугьа-бахъиналда гьоркьор гIахьаллъизе ва киназго данде гIарацги рехун, цоги чу босула гьелъие.

Аллагьас анищ тIубаялдаса йохарай ГIаишаца Аллагьасе кIудияб рецц гьабула ва жиндирго кIиябго чуялда цIаралги, хирияв Аварагасул r чуязда рукIарал гIадинал лъола – «Ас-сакъаб» - хехго бекерулеб ва «Ал-лазал» - хехго мурад тIубалеб.

Росдал гIолохъабаз тIаде босула гьитIинай ясалъул чуязул тIалабагъаз гьабизе.

ПатIимат ХIасанова

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...


ХIикматал махлукъатал

Попугай ччугIа Пляжал гIуцIулеб. Гьеб ччугIил щибаб чIандероялда руго нус-нус гьитIинал, горал гIадал жал цоцалъ щулаго гъункун лъугьарал, гозоялъул кинниги сипат бугел цаби. Цабиги руго батIи-батIияб маххалдасаги къвакIарал. Цабзаздалъун гьез кораллал къунцIула. Габуралъул рахъалдаги руго жеги...


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...


Пашманлъи тIаса инабулеб

ТIадегIанав Аллагьас инсанияталъе гIемерал нигIматал рижун руго. Хирияб Къуръаналда хъван буго (магIна): «Гьев инсан кин валагьуларев Аллагьас ﷻ жиндие ризкъилъун кьун бугеб батIи-батIияб тIагIамалде». (Сура «ГIабаса», 24 аят).   Гьел нигIматазул цояб ккола хъабахъ....


Курми росдал къо

Курми росулъ тӀобитӀана росдал къоялда хурхун байрамалъулаб тадбир. Гьеб къоялъул аслияб лъугьа-бахъинлъун букӀана щивав чияс жидерго къуват, гьунар, бергьенлъи босизе бугеб гъира бихьизабизе рес кьураб спортивияб къец. Гьелдаса хадуб киналго гьалбал кваназаруна ва цо-цо церехъабазе кьуна...