Аслияб гьумералде

ГӀакълу кин кьелеб?

ГӀакълу кин кьелеб?

Дир вас гӀолиллъиялде вахана ва гӀенеккуларевлъун лъугьун вуго. Нижер бухьеналъул рачел биххидал ургъулев вуго щибдай гьабун лъикIилан.

 

Дица байбихьана гьесул анлъго сон барав вацасе батIи-батIиял масъалабазда хурхарал харбал, къисаби рагӀун рицине. РацӀцӀалъиялъул, Аллагьасе мутӀигӀлъиялъул, тавбуялъул, букӀинеселъул хӀакъалъулъ ва гь. ц. ТӀоцебе дир кIудияв вас рикӀкӀад чӀолаан, «гьеб дида хурхараб жо гуро, дун гӀенеккиларо», - ян абулеб гӀадин.

Заманалдасан нижеда чӀана гьев, нижер гара-чӀвариялъухъги гӀенеккун. Гьеб гӀадат нижеца кӀиго соналъ халат бахъинабуна ва хIасилги лъикIаб ккана. Дир вас мукӀурлъана анцӀго соналдасан ва гьес абуна: «Дие гьел харбал цӀакъ хӀажат рукӀана, нуцӀида нахъа чIунцин гӀенеккулаан дун», - ян абуна.

Ясазул богорукъалде рокьи ва рокьукълъи

Цо къоялъ мадугьалгун йикӀаго гьелъ бицана жиндирго кӀудияй ясалъул хӀакъалъулъ. Гьелъ абуна, пуланаб къоялъ богорокъое лъугьанин ва жиндир яс цIарагI чуризе хӀаракат бахъулей ятанин. Амма гьелъ гIодобе лъим тӀун букӀанин, тӀагӀелал чурулеб сапун хвезабун батанин.

«Дица бадибчӀвайги гьабун, тамихӀ гьабун букIана гьелъие. Гьеб къоялдаса нахъе ясалъе богорукъ рокьукъаблъун лъугьана», - ян.

Гьелдаса хадуб заман иналде дир ясалъги хӀаракат бахъулеб букIана дие кумек гьабизе. Дидаго лъачӀого богорокъое лъугьун ятана гьей кванил тӀагӀелал чуризе, амма гьелдаго цадахъ гьелъ тӀолабго рукъ лъел цIезабунги бугоан. Дун жание ячIиндал, яс гьимана, эбелалъе гьабураб кумекалдаса чӀухӀун йикIин бихьизабуна. Аллагьас дие сабруги кьун, мадугьалалъул кьогӀаб хӀалбихьи ракӀалдеги щвезабун, дица дирго яс еццана ва гьелда цадахъ елъана, цIарагI чуризе малъана ва хадуб баркала кьуна гьабураб кумекалъухъ. Хадубккунги гьелъ дие чанго нухалда гьединаб кумек гьабуна, дица гьелъул гъалатӀазде сабру гьабуна.

Гьеб кинабго букӀана лъимерлъуда. Гьанжейин абуни, кIудияй гIедал, рукъалъул хӀалтӀуе йохуца холаго кумек гьабула гьелъ дие.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...