Аслияб гьумералде

Дилималда руччабазул мажлис

Дилималда руччабазул мажлис

Дилималда руччабазул мажлис

Казбек районалъул Дилим росулъ тIобитIана «Аллагьасе мутIигIай чIужугIадан» абураб мажлис.

 

Казбек районалъул руччабазул рухIияб лъай кьеялъул отделалъул цеехъан Аминат Аштаевалъ цIабицана тасаттур щиб кколебали, гьелъул аслу, хIикмат ва камилаб къагIида.

«Тасаттурин абун цохIо хIижаб къаялда абуларо. Гьелъ жанибе бачуна таслим, ай тIубан Аллагьасул амруялъе мутIигIлъи ва табаррудж гьабунгутIи, ай кинаб къагIидаялъ бугониги, чияр бихьиназда цебе берцинлъи къватIиб чIвазабунгутIи», - ян бицана гьениб.

Аварагас ﷺ иман щула гьабиялде кIвар кьуна, кIиабилеб иргаялда, какалда тIадчIей гьабуна, хадуб гурони, ай гIага-шагарго гьижрияб 5-6 соналъ, рещтIинчIо тасаттуралъул аятал. Гьеб ккола авараглъи кьун 18 сон араб мех. Иманалъул щулалъи камилаб даражаялде щун букIиналъ, ГIаишатица бицухъе, гьел аятал рещтIаралго, мажгиталде, какде ракIарун рукIарал руччабаз гьебсагIат тIалаб гьабуна бетIер-рас бахчизе жо. Хадусеб къоялъ рогьалил какда цониги бетIер бахчичIей чIужугIадан йикIун гьечIо. Батараз кIаз къан, батичIез ххамил кесек ботIрода жемун, бихьиназул чалма къан, гьебги щвечIел, хIатта гIодобе рехун букIунеб турут ботIроде рехун рачIун руго. Гьединаб букIана асхIабзабазул руччабазул Аллагьасул амруялъе мутIигIлъи.

Хадубги, Авар театралъул хIалтIухъабазул кумекалдалъун, кIазил къимат цIуниялъул кIвар баян гьабулеб «МагIарулалъул шал» абураб постановкаялдаса хадуб, Аминат Аштаевалъ рачIаразе жеги баян гьабуна тасаттур инсанасул вижиялъулъго лъураб, гьес кидаго тIалаб гьабулеб жо букIин. Ва гьелде кIвар кьунгутIиялъе, нич тIагIиналъе аслияб гIиллаги – хIарамаб квен кванай букIин. Гьелъ бахчизе ккараб жо рагьиялде рачуна. Инсанияталдаго гьелъие тIоцебесеб мисалги - нилъер эбел-эмен - Адамги ХIаваги руго. ТIадегIанав Аллагьас Жинцаго Къуръаналда абухъе, кваназе гьукъараб пихъ Алжаналда кванайдал, гьезул ретIел тIаса ана, гIаврат загьирлъана ва гьел нечана.

Гьединго ракIалде щвезабуна, ТIадегIанав Аллагьас ва Аварагас руччабазе кьураб кIудияб къимат.

«…Хазина тIалаб-агъаз гьечIого цебе рехун букIунаро, гьасухъ-досухъ кодоб толаро. Хазина буго цIакъ къимат гьабулеб жо, гьеб бахчизе, цIунизе ккола», - ян бицана гьениб.

ТIолабго мажлис баракатаб, лахIзаталъцин гъапуллъизе рекъолареб хIалалъ пайда цIикIкIараб букIана. Гьеб данделъиялъул хIасилалда, гьений гIахьаллъарай Авар театралъул хIалтIухъаналъ гьенибго кIаз бана ва тIокIалъ бахъизе гьечIин лъазабуна.

Аллагьас киназего тавпикъ кьеги битIараб нухдасан ине, иманалъул нуралдалъун гвангъараб сухъмахъ кквезе. Амин!

 

Хадижат Хизриева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...