Аслияб гьумералде

Щулияб хъизамалъул аслу - чIужугIадан

Щулияб хъизамалъул аслу - чIужугIадан

Жеги лъимерлъудаго гIемер рагIулаан: «КIудияб дармил битI ккаги», «Хъизамалъул талихI кьеги» абурал гьарарахьиял.

Узухъда, гIумрудул нух нахъа тарал, лъикIаб-квешаб бихьарал руччабазда лъикI лъаларищха кьогIалдаса гьуинаб батIа гьабизеги, гьетIаралдаса битIараб нух тIаса бищизеги. Щулияб ва кIудияб хъизам гIуцIи ккола хIакъикъаталдаги чIужугIаданалъул сабрудул матIу. Гьайгьай, букIуна цо-цо умумуз абухъегоги: «ХIамил рачIчIалъ чаргъедо ккураб» талихIги ва амма, гIемериселъ, гьеб ккола лъадул гIакълудул хIасил

Жакъа гьаб макъалаялъулъ бицен гьабизе бокьун буго, жий хIакъикъаталдаги лъикIал лъудбузул мухъилъ рехсезе мустахIикъай РахатIа росулъа ГIалиева Кавсаратил хIакъалъулъ. БачIине бегьула суал: «Дуда киса лъалеб лъикIал лъудбузул мухъилъ йигищ гьей гьечIищали?» абураб.

Абу Гьурайратидасан бицун буго, МухIаммад аварагасда гьикъидал: «Кинай чIужугIадан йигей бищунго лъикIай?» - абун, гьес жаваб кьунила: «Жинда бер чIвайдал рос вохулей, гьесие мукIурай ва гьесда данде яхъунарей», - абун.

Кавсаратихъги валагьун ПатхIулал гьурмада бигъараб гьими бихьидал кинабго якъинлъана ва бичIчIана гьей лъикIазул цояй йикIин. Хабар-каламалда рукIаго лъана исана гьезул хъизам гIуцIаралдаса 50 сонилаб юбилей букIинги.

- Бицеха, Кавсарат, 50 соналъгицин дуда бер чIвайгун кунчIулеб гьими росасул гьурмада цIунун хутIиялъе бугеб балъголъи.

- Щибха букIинеб, мукIурлъи, мутIигIлъи ва рослъи росасухъ тей, - абун жаваб гьабуна гьелъги.

- Чан сон букIараб, Кавсарат, нуж данделъулеб мехалъ?

- Дир букIана 16 сон, ПатхIулал 23 сон. Гьалеха, нижеца нахъа тун буго 50 сон. Буго ункъо лъимер. Ункъалго лъималазул буго тIадегIанаб лъай. БукIана захIматабги бигьаябги заман. Цадахъ баччана, борхана, хIалтIана. КъуркьичIого хъизам цIуниялда тIад хIалтIана, лъималазе тарбия кьуна. Жакъа нахъа тараб гIумрудул хIисаб гьабулаго Аллагьасе рецц гьабулеб буго, гьадинаб берцинаб хъизамалъухъ.

- Хъизамалъулаб гIумруялда дуда бичIчIараб балъголъи бугищ?

- Бищунго кIудияб талихI букIун буго талихIаб хъизам, лъикIав рос.

- Рос лъикIав вукIине ккани лъадуца щиб гьабизе кколеб?

- Щуго нухалъ лъикIай йикIине ккола лъади; росасулги, гьесул гIагарлъиялъулги балъголъи къватIиб чIваларей йикIине ккола; росасулгун ккараб дагIба-къец эбелалда бицунарей йикIине ккола; росасухъ гIин барай йикIине ккола.

- Бищунго кIудияб гIарз букIуна руччабазул, бетIергьанчияс гIайиб гьечIого дагIба бекьулеб бугин абун. Кинха йикIиней лъади гьединаб къецалъулъ?

- Щияй лъадуда лъазе ккола, хъизам цIунун хутIи, рукъалъул гъасда цIа ссунгутIи чIужугIаданалда бараб букIин. Щулияб хъизамалъул аслу ккола чIужугIадан. ГIилла гьечIого бетIергьанчияс дагIба бекьулеб бугони, юцIцIун чIа, цо дагьалъ къватIиехун яхъа, ракI чуче. Жинда гIилла батичIониги сунца бугониги хехлъизавун ватизе рес буго чи. Сабурго гьеб лахIзат хIехьани, хадуб лъикI букIуна. Сабру - алжаналъул кIулин абула.

- Кинаб насихIат гьабилеб россаби жиндир заманалда рокъоре руссунел гьечIин зигардулел руччабазе?

- Гьуинаб, хинаб квенги, гьурмада гьимиги, хIеренаб каламги, къирун нуцIаги бугони, ресги чараги гьечIо росасул ракI рокъобе цIачIого. Дирго ясаздаги абула, киназдагоги абулеб буго, воре, росасул ракI буссинабуге рукъалдаса.

- Бищунго талихIаб къо?

- ТалихI дир рухIалда лъана хIежалъул ракьалда, гьеб букIана хIакъикъаталда магIуги рохелги жубараб талихI. Аллагьас щивав бусурбанчиясе рес кьеги гьеб талихI лъазе. Цоги, дир цо вугев васасе бертин гьабулеб къо.

- Дур пикруялда росасе мукIурлъиги, росасул тIалабчилъиги лъадарулеб насихIат сундулъ бугеб?

- РакIчIун абизе кIола, гьеб гIамал рос-лъадул чорхолъ куцала какица, хъизамалда нурги бала какица, инсанги камил гьавула какица. Инсуца кидаго тIадчIей гьабулаан какида, гьес абулаан: «Цин налъи кье!». Какиде бугеб рокьиги, жавабчилъиги гьитIинго дир чорхолъ лъуна эбел-инсуца, гьелъ бигьа гьабуна гIумруялда дандчIварал захIмалъабиги.

Гьалеха лъималги гIуна, дунгоги кIодолъана, бугониги как цIи гьабизе рачIаян ахIигун хехлъана мадрасалде. Багьжат абун гIолохъанай яс йиго дарсал лъолей. Намуслъунги йикIана дидасаго гьитIинай ясалда цее цIализе ине, бугониги парзалъул бугеб бичIчIиялъ дида кIвечIо как цIи гьабичIого чIезе. Аллагь разилъаги Багьжатидаса. Гьей сабаблъун ккана дир как камил гьабиялъе.

- Кинаб гIакълу кьелеб гIолохъанал лъудбузе?

- Дица абила рукъалъул гIадлу букIуна Закон инсухъ бугони. ТалихIаб ва щулияб хъизам гIуцIизе бихьиназе гIакълуги, лъудбузе сабруги кьеги БетIергьан Аллагьас.

ГАРА-ЧIВАРИ ГЬАБУНА З. МУХIАМАДОВАЛЪ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....