Аслияб гьумералде

ТIоцебе ислам босарай

ТIоцебе ислам босарай

ТIоцебе ислам босарай

Хадиджа бинт Хувайлид – МухIаммад Аварагасул ﷺ тIоцеесей хъизан. Гьей йикIана йорхатай, цIодорай, бахьинаб гьумералъул, таваккал бугей, ритIухъай, къурайшиязда гъорлъ бищун машгьурай ва къадруяй гIадан.

 

Гьей йикIана сахаватай, мискинзабазе ва гIага-божаразе кидаго кумекалъе ятулейлъун. Гьелъул гIамал букIана камилаб, бацIцIадаб, мукъсанлъи гьечIеб.

Хадижатица даран-базар гьабулаан. Гьеб ишги бачунаан ритIухъго. Мухьдае гIадамалги ккун, къайиги босун ритIулаан даран гьабизе Шамалде. МухIаммадица 25 сон тIубайдал, гьевги, Хадижатил гьариялда рекъон, варанабазул каравангун Шамалде (Сириялде) ана. Шамалдаса вуссиндал, гьес Хадижат лъадилъун ячана. ХIираалъул нохъода вукIиндал тIоцебесеб вахIю рещтIиндал, бихха-хочараб хIалалда вукIарав гьес, рокъовеги вачIун, Хадижатида лъугьа-бахъаралъул бицуна. МухIаммад хIинкъун вукIана авараглъиялъул бакIлъи баччизе кIвеларин, амма Хадижатица гьев гIодове виччазавуна: «Дица баркула дуда гьеб кIудияб рохел. АллагьасхIаги, БетIергьанас мун киданиги гIодовегIан гьавиларо, щайгурелъул дуца щулаго ккола гIагарлъиялъулгун бухьен, кидаго битIараб гурони бицунаро ва кумек гьабула загIипазе».

Хадижатица гьаруна Аварагасе кIиго васги (гьел гьитIинго хвана) ункъо ясги. Аварагасул ﷺ тухум лъугьана МухIаммадилги Хадижатилги яс ФатIиматидаса, дурусго абуни, ФатIиматил васал ХIасан ва ХIусенидаса. Аварагасул тухумалдаса рахъана кIудиял имамзаби, вализаби, тIарикъаталъул шайихзаби. Расуласул наслуялъул чагIи нилъер заманалдаги руго.

Имам АхIмадидаса бачIана Авараг ﷺ гьедун вугин, Аллагьас жиндие Хадижатидаса лъикIай чIужу кьечIин абун. Аллагьасул Расулас абулеб букIун буго гьей жинда божанин, цогидаз жив нахъчIвалелъул, гьелъ жиндие боцIи-мал кьунин, гIадамаз жиндихъа бугебщинаб бахъараб мехалъ, Хадижатидаса жиндир лъимал рукIанин, батIиял лъудбуздаса рукIинчIин гьел.

Хадижатил гIумруялъул хал гьабидал, нилъеда бихьула гьей йикIараблъи цее тIурай даранчIужу. Гьелъ бича-хиси гьабулаан, бажаригун иш-пиша цебе бачунаан ва гьей йикIана ГIарабустаналъул бищунго бечедал руччабазул цояй. Маккаялъул даранчагIазда гъорлъ Хадижатил кIудияб къадру букIана ва гьелда абулаан «аль-Кубра» абун.

Исламалъул тарихалъулъ Хадижатил кIвар цIакъ кIудияб букIана. Руччабазда гъорлъ тIоцебе ислам босарай чIужугIаданги гьей ккола. Гьединго Аварагасда цадахъ как баразул тIоцеесейги ккола Хадижат.

 

 

Барият МухIаммадова

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...