Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун. 

 

Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун цоцазе амру гьабула, квешалдаса нахъги чIвала...», - абун (сурату «Тавбат» 71 аят). Гьаб аяталда Аллагьас  бихьизабулеб буго иман лъурал бихьиназдаги руччабаздаги гьоркьоб цоцазе кумек гьабиялъул, цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул ва жавабияллъун рукIиналъулъ бугеб кӀвар.

Цоцазе кумек гьабизе хIалае ратиялде буго диналъ, гIадаталъ ва яхI-намусалъ нилъ ахIулел. ЧӀахӀиял гӀалимзабаз, мугӀалимзабаз гьеб рикӀкӀуна лъикӀаб ишлъун гуребги, рухӀияб рахъалъе дарулъунги, ТӀадегӀанав Аллагьасде ﷻ унеб нухда лъолеб галилъунги.

ГIамр ибн ГӀабдуллагьидасан бачӀараб хӀадисалда буго: «Цогидазда гурхIел-рахIму гьабулезда ГурхIулевги (Аллагь) ﷻ гурхӀила. Нужеца ракьалда ругезда гурхӀел гьабе, зобалазда Вугев нужедаги гурхӀила», - ян (Абу Давуд, Тирмизи).

Ибну ГӀатIаиллагь ал-Искандарияс хъван буго: «Дуда лъай! Дуца диналъул вацасе кумекалъулаб квер бегьараб мехалъ, Аллагьас ﷻ дудалъун Жиндирго лагъасе кумек гьабулеб букӀин, гьеб буго дуе кIудияб тIадегIанлъи», - абун («ал-ХӀикам»).

Имам Гъазалияс хъван буго гурхӀел-рахӀму кколин муъминчиясул бищун кӀудиял сипатазул цояб, гьелъ лагъ жиндирго БетӀергьанасде ﷻ гӀагарги гьавулин абун.

Хирияб хIадисалда буго: «ГIадамазда гьоркьов Аллагьасе ﷻ бищун вокьулев чи ккола гIадамазе бищун пайда цIикIкIарав», - ян. Гьаб хIадисалда Бичасул аварагас ﷺ бусурбанчи, яги муъминчиян абун гьечIо, гIадамалин гурони. Гьелдаса нилъеда бичIчIула, кинаб диналда ватаниги, гIадамасе пайда бугев чи Аллагьасеги ﷻ вокьулевлъи.

Ибну ГIумаридасан бицараб хIадисалда буго: «Бичасул аварагасухъе ﷺ цо чи вачIана ва абуна:

- Я, Бичасул авараг, Аллагьасе ﷻ кинав чи вокьулев, Аллагьасе ﷻ бищунго рокьулел гIамалал кинал ругел? - ян.

Хирияв Аварагас ﷺ жаваб гьабуна:

- ГIадамазда гьоркьоса Аллагьасе ﷻ бищунго вокьулев чи ккола бищунго гIадамазе пайда бугев. Аллагьасе ﷻ бищунго рокьулел гIамалалги ккола бусурбанчиясул рекIелъе бачIинабулеб рохел яги гьесдаса борхулеб захIмалъи, гьесда букIараб налъи бецIи ва гьесда бугеб ракъи нахъчIвай. Цо чиясул хIажат тIубазе диналъул вацгун цадахъ ин дие цIикIкIун бокьула гьаб дир мажгиталда тIубараб моцIалъ игIтикафалда вукIиналдасаги…», - ян.

Балагьеха, бусурбаби, нилъеца щибго кIвар кьечIого толеб жоялъухъ бугеб даража бихьуларищ?

Гьаб заманалда, хасго гIун бачIунеб гIелалъул, пикруго букIунеб гьечIо цогидасе кумек гьабизе бегьулин яги лъикIаб бугин абураб. Заманалъул цебетIеялда рекъон, инсанасе рес щун буго живго жиндаго чIун гIумру гьабизе. Гьелъие гIемерал ресалги махщалил бокьа-бокьарал алаталги руго. Амма кигIан гьел гIемерлъаниги, инсан цогидасул кумекалде хIажалъичIого вукIине рес гьечIо. Инсанияталъул тушбабаз, хасго бакътIерхьул улкабазул политика буго, инсанияталъул гьеб кьучIги биххизабун, гIаламалда гьоркьоб бихха-хочи лъугьинаби. Узухъда, гьебги Аллагьасул ﷻ къудраталдаса бахъараб пиша гуро, гьезие рес кьолевги Аллагь ﷻ вуго. Амма дунялалде нилъ риччан руго лъикIабгун квешаб цебеги ккун, кинаб тIаса бищулебали хIал бихьизе. Гьединлъидал, щивав чи цIодорго вукIине ккола, бихьанщиналда хадув векерулев вукIине бегьуларо. Гьединго жиндирго наслабиги цIунизе хIаракат бахъизе ккола.

Информациялъулаб рагъ кутакалда унеб буго. ГьитIинго, лъимерлъудаго ботIролъе жидерго пикраби ругIизе гIуцIун руго щиб-щибниги лъаларел мультикал. Гьеб мехалдаса бахъараб инсанасул бетIер сверизабизе хIалтIулел руго.

 

Кумек гьабиялъул лъабго даража

Цоцазе кумек гьабиялъул буго чанго даража.

ТӀоцебесеб – черхалъулаб кумек. Гьеб ккола материалиял хӀажалъаби тӀуразари. КӀиабилеб – гIакълуялъулаб. Гьеб букӀине бегьула малъа-хъваяздалъун ва маслахIатаб бицун кантIизариялдалъун.

Лъабабилеб – рухӀияб кумек. Гьебги ккола диналъул вацасе гьабулеб дугӀа.

Кинаб кумек гьабизе бажарулеб батаниги, гьабизе ккола. Щиб лъалеб, метерисеб къоялъ нилъги ккезе бегьулелъул гьебго бакIалде.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги! Амин!

 

ХIамид МухIаммадов

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Алмахъалда - мажлис

Казбек районалъул Алмахъ росулъ тIобитIана цолъиялде ва умумул ракIалде щвезариялде халкъ ахIараб мажлис. Гьениб бицана Дагъистаналъул тарихалда алмахъаз лъураб бутIаялъул, Кавказалъул рагъул заманалда алмахъаз бихьизабураб бахIарчилъялъул ва гьел кидаго Шамил имамасда цадахъ рукIиналъул...


Дир гьитIинабго насихIат

Нилъер жаниса рахъ дабагъ лъугьиндал, Хвел-хобалъул хIисаб дарулъун ккола. Дуниял течIого хун унел чагIаз, ГIемераб гъапуллъи нахъе хъамула.   ХъантIун тIагIаталъе цере кколеца, Каранда нилъер ракI хIалтIизабула. Гьунар гьезул гIадин гIечIонаниги, Нилъерго кIарчанлъи...


Къарзалъе щиб бугониги кьей

Къарзалъе гIарац кьей хирияб ишги нилъер Аварагасул ﷺ суннатги буго. Амма налъи бецӀи ккола тӀадаб жо. КигӀан ритӀухъав вукӀаниги, налъи бецӀизегӀан яги къарз кьурав чи тӀаса лъугьинегӀан, гьеб тӀаса кколаро. Гьединлъидал, бусурбанчиясе рекъола кIванагIан къарзалъе жо босичIого тезе, чарагьечIеб...


Шагьидзаби кIочон гьечIо

1935 соналъ ЧIикIаса Ацал ГIабдурахIманил хъизаналда гьавуна вас СагIид. Гьеб букIана ШагIбан бащалъараб Барааталъул сордо. Гьеб сордоялъ лъабго нухалъ хирияб "Ясенги" цIалун, ГIабдурахIаманица Аллагьасда гьарана жиндир вас гIалимчи вахъагиян. ТIадегIанав Аллагьас инсул дугIаялъе жаваб гьабуна....


Казияталдасан пайда щвана

ГъазМухIаммадов Жамалудин ккола Хунзахъ районалъул Харахьи росулъа. ЦIалана экономистасул махщалие. ХIалтIана батIи-батIиял идарабазда бухгалтерлъун. ГьабсагIаталда гIумру гьабун вуго ЦIияб Хушет поселокалда. Кидаго букIана спорталъулгун щулияб гьудуллъи. Гьанже нахъацин гIолохъабазда кIоларел...