Аслияб гьумералде

Малаикас цIунула

Малаикас цIунула

Исламияб дин буго бацIцIадаб. Диналъ бусурбабиги ахIула рацIцIалъиялде.

 

Исламияб диналъ кIвар кьола инсанасул ракIги черхги бацIцIад букIиналде, гьебги кколаро инсанасе гьабураб захIматаб тIадкъайлъун. Гьеб баян гьабун Аллагьас Къуръаналда абуна (магIна): «Аллагьасе бокьун гьечIо нужее захIмалъи гьабизе, кинниги Аллагьасе бокьун буго нуж рацIцIадаллъун рукIине, Аллагьасул нигIматги нужее тIубан букIине, нужеца Аллагьасе щукру гьабизе», - ян (суратул «Маидат» 6 аят).

РацIцIалъиялъулъ кIудияб бакI ккола какичуриялъ. ГIелмуялъ чIезабун буго инсанасе какие чурулаго гIемераб сахлъи щолин абун. Исламияб диналъ кIвар кьуна какие чуриялде, щайгурелъул, гьеб какил кIул букIиналъе гIоло, какги Алжаналъул кIул ккола. Какие чури ккола инсанасул черх мунагьалдаса бацIцIад гьабулеблъунги. Бичасул Аварагас ﷺ абун буго: «Бусурбанчияс какие чурараб мехалъ, гьесул гIиналдаса, бералдаса, квераздаса, хIатIаздаса мунагьал гъун уна, гьев гIодов чIани, гьев гIодов чIола мунагьалги чурун», - абун.

Какичуриялда даимлъунгутIи ккола инсанасе лъикIлъиялде щвезе гьечIеб кIвар, гьесул диналдехун бугеб чучаб бербалагьи. Какичуриялда хвани, гьев рикIкIуна шагьидлъун хварав чилъунги.

Къарраз ибну Вабират абулев кIудияв гIалимчияс цо сордоялъ 80 нухалъ какие чурун буго, какичуриялда рухI босизе бугеб хьулалъ, гьеб сордоялъ гьесул рухIги босун буго. Щайгурелъул, гьесда рагIун букIуна Аварагас ﷺ Анас бин Маликида абулеб: «Какие чуриялда мунги вукIун духъе рухI босизе малаик вачIани, духъа шагьидасул хвел борчIун кколаро», - ян.

Гьединго какие чуриялда сордо борчIарав чиясул хьолбохъ, мунагьал рахчи тIалаб гьабун рогьинегIан чIола малаик. Гьев малаикас гьарула Аллагьасда гьав пуланав лагъасул мунагьал чурейин, гьав какичуриялда сордо борчIарав вугин.

Аллагь лъалел гIадамаз абулеб букIана какичуриялда даимлъарав Аллагьас анкьго пишаялдалъун тIокI гьавулин.

ТIоцебесеб, малаикзабазул гIищкъу букIуна гьесулгун гьалмагълъи гьабизе.

КIиабилеб, какичуриялда даимав чиясе кири хъвалеб къалам бакъвазе гьечIо.

Лъабабилеб, какичуриялда даимав чиясул лугби рукIуна даимго Аллагьасе тасбихI гьабулел.

Ункъабилеб, гьесухъа как бухьиналъул Аллагьу акбар борчIун кколаро.

Щуабилеб, кьижараб мехалъ, ТIадегIанав Аллагьас зодоса малаик витIула гьев гIадамазулги женазулги заралалдаса цIунизе. Анлъабилеб, гьесие рухI бахъи бигьа гьабизе буго.

Анкьабилеб, какие чуриялда даимав чи вукIуна Аллагьасул боржаликь.

Амма какичури бугониги, щибаб паризаяб какие гьеб цIигьабиги ккола Аварагасул ﷺ суннат. Аллагьасул ﷻ Расулас ﷺ абун буго: «Какичуриялда тIадеги какие чурани, гьесие анцIго лъикIлъи хъвала», - ян (Тирмизи).

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...