Аслияб гьумералде

Аллагьасда ﷻ кин гьарилеб?

Аллагьасда ﷻ кин гьарилеб?

Аллагьасда ﷻ кин гьарилеб?

ХIакъикъаталда инсан загIипав чи вуго, жиндаго кутакав чи вугин ракIалде кканиги. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъее кумек ва тавпикъ кьечIони, щибго бажаруларо. Нилъер ракI биццалъиялъ гьеб бичIчIизеги бичIчIуларо. ХIисаб гьабе, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъее кьураб жо, цо къоялъ хIургIадин тIагIинабизе кIола, щайгурелъул, БетIергьан кинабниги жоялда хIал кIолев вуго.

Гьес нилъее кьолел нигIматал рикIкIине хIалго кIоларо. Мисалалъе, чорхол цо лага унтани, нилъ зигардизе лъугьуна. ХIисаб гьабе, сахлъи кигIан кIудияб нигIмат бугебали.

Унтарасда гурони гьезул лазат бичIчIуларо. Щай нилъеца ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ шукру гьабизе кколеб къварилъиялде ккедал? ЦIодорлъи гьечIищ балагь тIаде щвезегIанго нигIматазухъ шукру гьаби? Нилъ рахIаталда рукIаго шукру гьабуни, къварилъуде ккедал Аллагьас ﷻ нилъее кумек гьабула. Гьеб къанун нилъеца щулаго кквезе ккола.

Нилъеца ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ бихьизабизе ккола нилъ Гьесде хIажалъун рукIин. Инсанасул тIабигIат буго напс ресалда, рахIаталда букIаго Аллагьлъиялде дагIбадизе лъугьунеб. Щайгурелъул, рахIаталда напс букIиналъ. Гьединлъидал Аллагьас ﷻ дагьал-макъал балагьал нилъеда тIаде риччала, напс гьедин лъугьинчIого букIине, гьелдаги бичIчIизе жиндирго бакI ва хIакъикъияв БетIергьан щив кколевали. Гьединлъидал нилъеца ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ гьаризе ва нигIматазухъ шукруги гьабизе ккола.

ГIали-асхIабас абуна: «Нужеца балагьал нахъчIвай дугIаялдалъун», - ян.

Абу Гьурайратица абуна: Щуго жо ризкъилъун кьурасе камуларо щуго жо:

1. Шукру ризкъилъун кьурасе тIаде цIикIкIунеб жо камуларо. Аллагьас Жиндирго тIехьалда абуна: «Нужеца шукру гьабуни, Дица нужее цIикIкIине гьабила», - ян. (Сура «Ибрагьим», аят 7).

2. Сабру ризкъилъун кьурасе кири камуларо. БетIергьанас Къуръаналда абуна: «Сабру гьабуразе рагIа-ракьан гьечIеб кири буго», - ян. (Сура «Зумар», аят 10).

3. Истигъфар ризкъилъун кьурасе тIаса лъугьин камиларо. Хирияб Къуръаналда буго: «Нужеца нужерго БетIергьанасдаса истигъфар тIалаб гьаби, Гьев мунагьал чурулев вуго», - ян. (Сура «НухI», аят 10).

4. Тавбу ризкъилъун кьурасе камиларо къабуллъи. БетIергьанас абуна: «Гьев вуго тавбу къабул гьабулев Жиндирго лагъазадерил», - ян. (Сура «Шура», аят 25).

5. ДугIа Аллагьас ризкъилъун кьурасе жавабги камиларо. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «Нужеца Дида гьаре, жаваб гьабила», - ян. (Сура «Гъафир», аят 60).

Цо нухалда Муса аварагас ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ гьикъула, щиб заманалда Дуда гьарани, жаваб щолебилан. Аллагьас ﷻ абула: «Мун Дир лагъ ва Дунги дур БетIергьан вуго. Кида дугIа гьабуниги, жаваб кьола», - ян. Муса аварагас цIидасанги добго суал чанго нухалъ такрар гьабула. Хадуб Аллагьас ﷻ абула: «БецIаб сардилъ гьабураб дугIаялъе Дица жаваб кьола», - ян.

Муса аварагас дугIа гьабула пиргIавнги гьесул къавмги гьалаг гьабеян абун, аминилан Гьаруницаги абун. Гьеб мехалъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Мусахъе вахIю рещтIуна: «Дица нужер кIиязулго дугIаялъе жаваб гьабуна, кIиялго нуж диналда кьуричIого чIа», - ян. (Сура «Юнус», аят 89).

Гьаб аяталъе ГIабдуллагь ибну ГIаббасица тафсир гьабуна, гьезул дугIаялдаги жавабалдаги гьоркьоб 40 сон букIанин абун.

Гьединго асхIабзабаз абуна, дугIа кколин зобалазул кIул, гьелъул цаби - хIалалаб квен, ахирисеб шартIги буго ихласалда рекIелъ хIузур букIун гьаби.

Факъигьас абуна: «ДугIа гьабулев чиясе рекъола жанисеб рахъ бацIцIадаблъун букIине хIарамаб жоялдаса (кванирукъ). ХIарамаб жоялъ дугIаялъе жаваб нахъчIвала», - ян.

Нилъеда лъазе ккола дугIа гьабураб мехалъ хехдаризе бегьулареблъи жавабалъухъ балагьун. Гьабураб дугIаялъе БетIергьанас жаваб кьола. Цо-цо мехалда жаваб щола гьеб сагIаталъго, цогидаб мехалда - ахираталда.

ГIалим ГIабдуллагь АнтIакияс абуна, рекIел дару щуго жоялъулъ бугин: лъикIал чагIигун гIодов чIеялъулъ, Къуръан цIалиялъулъ, жанисеб рахъ хIарамалдаса бацIцIад гьабиялъулъ, къаси сардилъ вахъиналъулъ ва радакь Аллагьасе ﷻ хIелиялъулъ.

Шайих АхIмад РифагIиясда цIехола дугIаялъул пайда щибилан? Гьес абула, БетIергьанасде хIажалъи бихьизаби бугилан.

Шамил МухIаммадов

2026-06-01 (ЗулхIижа 1447 с.) №11.


Инсанасул гIумру

ХIурматиял бусурбаби, гьал ахирал моцIазда жаниб Дагъистаналъул халкъ дандчIвана гIезегIанго цIикIкIарал тIабигIиял балагьазда. ГIемераб цIад баялъул хIасилалда Дагъистаналъул чанго батIиял бакIазда, ай гIодоблъиялда лъим рукъзабахъе бачIун лъикIаланго зарал ккана магIишаталъе. Гьединго мугIрузул...


Бакъбаккул рахъалъул багьадур

ЦIар рагIарав бусурбабазул философ, тохтур, математик, Абу Наср МухIаммад ибн МухIаммад ибн Тархан Аль-Фараби Ат-Турки гьавуна Фараб шагьаралда (гьанже Казахстаналда бугеб Отырарстаналъул Турке районалъул Отрар шагьар) 874 миладияб соналъ. Гьижрияб 260 соналда.   Фарабида лъикI лъалеб...


Чакаралъул къадар

Чакаралъул къадар кинаб букIине кколеб?   Бидулъ букIунеб чакаралъ кIудияб бакI ккола инсанасул чорхолъ. Глюкозаялъул даража низамалде бачуна цIекIгьаналъ къватIибе кьолеб инсулиналъ. Чорхолъ гIураб къадаралда инсулин гьечIони яги клеткабаз гьелъие лъикIаб жаваб кьолеб гьечIони, бидулъ...


ТоргIо хIан бергьана

МахӀачхъалаялъул «Труд» стадионалда тӀобитӀана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазда гьоркьоб регионазда гьоркьосеб волейбол хIаялъул рахъалъ къец. Турниралда гIахьаллъи гьабуна ичӀго командаялъ. ГӀурабго къеркьеялдаса хадуб Шамил районалъул командаялъе щвана тӀоцебесеб бакӀ ва...


ГIелмабазул хазина

Къуръан ккола дунял бижаралдаса хадуб лъугьарал мугIжизатазул бищун кIудияблъун.   Гьедин букIиналъе далиллъунги ккола гьелъул гIуцIи гIакълуялъ къабул гьабулеблъун ва жибги пикру гьабизелъун бихьизабураб букIин. Руго жеги кIуди-кIудиялги мугIжизатал, амма гьел рукIана заман бихьун, бакI бихьун...