Аслияб гьумералде

Къабуллъизе ккани…

Къабуллъизе ккани…

Къабуллъизе ккани…

ЗахIматаб хIалалде ккедал бусурбанчияс БетIергьан Аллагьасда ﷻ гьарула гьеб тIаса босейилан. Гьеб буго бусурбанчиясул лъикIаб хасият. Аллагьасе ﷻ бокьула лагъас гьаризе. Дида гьаре, гьарани кьелин Гьес жинцаго абулебги буго. КигIан гьитIинабги цIакъго кIудиябги – кинабго Аллагьасдасан ﷻ букIин бихьизе ккола ва гьединлъидал гьесда гьаризе тIадаб буго. ГIали-асхIабас (р.гI.) абулеб букIун буго хьитазул чIологIанасеб жогицин жинца БетIергьан Аллагьасдасан ﷻ тIалаб гьабулин.

 

Бусурбабаз Аллагьасда ﷻ гьарула, жаваб щвеялде хьулги лъола. Гьеб лъикIги буго. Жаваб щвезе кватIани, батIи-батIиял пикраби ботIролъе рачIуна, ракIбуссун лъугьуна. ГьадигIан цIакъ хIелун гьабидалги дугIа щайха къабул гьабуларебин зигардула. Тамахго абуни, гьединаб балагьи ритIухълъи жиндилъ гьечIеб буго. Щай?

Бичасул Авараг ﷺ гIахьаллъараб цо мажлисалда Къуръаналъул гьаб аят цIалун буго асхIабас (магIна): «Ле, гьал гIадамал, ракьалда бугеб жоялдаса хIалалго, бацIцIадго кванай нужеца», - ян. Гьелдаса хадуб Абу Вакъасил СагIд-асхIабас Аварагасда ﷺ абун буго, дугIа къабулавлъун гьаве дунин абун щай Аллагьасда ﷻ гьаруларебин. «Ле, СагIд, - илан абун буго Аварагас ﷺ, - дурго кванилъ рацIцIалъи чIезабе, дугIа къабулавлъун лъугьина мун. Дир нафс жиндир кверщаликь бугев Аллагьасдалъун ﷻ гьедун абила, чияс жиндирго чохьониб лъола хIарамаб лукъма, цинги гьеб сабаблъун кIикъого къоялъ гьесул дугIа къабул гьабуларо. ХIарамаб кванан къаркъалаялда гьан бижарав чиясе рекъараб жоги жужахIалъул цIа буго», - ян.

Бихьулищха бугеб куц? ТIасан кIал дугIаялдалъун гаргадараб гIолеб гьечIо. ДугIа къабуллъизе ккани, тIоцебесеб иргаялда, хIалалаб квен кванаялдалъун гъоркь бакI къачIан букIине ккола. Гьединаб кьучI гьечIого дугIа гьабулев чи доб щакдариялде ккезе рес букIуна. ХIасилалда, лъикIлъи бокьун гьабулеб букIараб квербагъари жиндиего заралалъе ккараблъун батула. ДугIа къабуллъулеб гьечIин зигарди ва щакдари лагъасул иманалъе битIахъегояб хIинкъи бугеб жо кколелъул.

Цогидазул гуреб дур дугIа къабуллъиялъе бугеб сабаб щиб, я Бичасул Аварагилан ﷺ асхIабзабаз гьикъидал, Аварагас ﷺ абун буго: «Дица дирго кIалдиб цониги лукъма лъечIо киб гьеб баккараб ва киса гьеб бачIарабали лъачIого».

Живго Аварагасги ﷺ жиндирго дугIа къабуллъиялъе гIиллалъун бихьизабулеб буго хIалалаб квен кванай. Узухъда, нилъер ракIчIараб буго Авараг ﷺ кинабго гIодобегIанщиналдаса, хIарамлъи-шубгьаялдаса рикIкIадав вукIиналда. Ва щибго гIилла-сабабалда базабичIого Аллагьас ﷻ гьесул дугIа къабул гьабиялдаги нилъер щаклъи гьечIо. Нилъеца балагьи буссинабизе кколеб бакI буго Аварагас ﷺ бихьизабураб дугIа къабуллъиялъе сабабалде, ай хIалалаб квен кванаялде.

 

МухIаммад Гъазиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...