Аслияб гьумералде

Аллагь ﷻ разилъи тIалаб гьабе

Аллагь ﷻ разилъи тIалаб гьабе

Аллагь ﷻ разилъи тIалаб гьабе

ГIумруялда жаниб нилъеца гьабула батIи-батIияб гIамал ва гьабуралъухъ Къиямасеб къоялъ цIех-рех гьабизе букIинги лъала. Амма нилъ рукIуна гьабулел ва кIочон тола гьеб кинабго гьабизе кколеб къагIида. Аллагьасда ﷻ цере чIараб къоялъ гьабураб гIамал кIалгьикъиялъе гурони батичIони, гьеб бугоха бищун кIудияб талихIкъейги. БичIчIизе ккола, гьабулеб гIамал Аллагьасе ﷻ гIоло, бацIцIадаб нияталда гьабизе кколеблъи.

МагIаз ибну Жабал абурав асхIабас бицун буго: «Цо нухалъ дун аварагасда r цадахъ, гьев ﷺ рекIараб жоялда нахъаги рекIун, унев вукIана. Нухда унаго аварагас ﷺ дида абуна: «Я, МагIаз! Дица ﷺ дуда бицине бугеб жоялъухъ гIинтIаме, дица ﷺ бицараб рекIелъги цIуне, мун ворчIила. Амма гIин бачIого тани, Аллагьасда ﷻ цеве щвараб къоялъ гьабизе жо тIагIун хутIила. БетIергьанас ﷻ щибаб зобалъул кавабахъ тун руго малаикзаби, тIаде бачIунеб лагъасул гIамалалъухъ халгьабизе.

ТIоцебесеб зодов вуго гъибаталъухъ халгьабулев малаик. Муъминчияс тIубараб къоялъ гьабураб гIамалалда гъорлъ батани гъибат, гьеб гIамал къабул гьабуларо.

КIиабилеб зодов вуго дунявияб мурадалъе гIоло диналъул хIалтIи гьабун бугищали балагьизе тарав.

Лъабабилев зодов вуго чIухIдае гьабураб гIамалалъухъ халгьабулев. ГIадамазда тIад живго цIакъавлъун вихьун гьабураб гIамалги гьес нахъчIвала.

Ункъабилеб зодов вуго жалго жидедасаго чIухIаразул тIалабазда тарав. Гьес нахъчIвала, тIаде балагьун мискинго, гIодове къулун вукIунев, амма живгIадин варагI бугев чи ватиларин ракIалде кколесул гьабураб яшав.

Щуабилеб зодов вугес хIасадалъухъ халгьабула. Муъминчиясдехун ракI хъублъун, гьесие БетIергьанас ﷻ кьураб бокьуларесул гIамал цебе биччаларо.

Анлъабилеб зодов вуго халкъалда гьоркьоб гурхIел гьечIел чагIазухъ халгьабулев, ай къварилъи-захIмалъиялда ругезул миллат гьечIев. Гьединасулги гIамал къабул гьабуларо.

Анкьабилеб зодов вуго гIадамазда гьоркьоб къимат бахинелъун щиб бугониги жо гьабулесул гIамалалъухъ халгьабулев ва гьеб цебехун биччаларев», - ян.

Хадубги аварагас ﷺ бицанин абулеб буго МагIазица: «Анкьабго зобалда халги гьабун, гьаб бугин БетIергьан ﷻ лагъас дуе гIоло гьабураб гIамалин нугIлъиги гьабун малаикзабаз щвезабулила Аллагьасухъе ﷻ . Гьениб БетIергьан ﷻ цо-цо гIамалазухъ валагьидал, Гьес ﷻ абулила малаикзабазда, нуж ругин лагъасул гIамалалда тIад тарал, Жив ﷻ гьесул нияталдаги ракIалдаги тIад вугин, гьаб гIамалалда гъорлъ бацIцIалъи гьечIин, нахъе бахъеян. Гьелда хадуб анкьабго зобалъул малаикзабаз ва Живго БетIергьанас ﷻ нагIанаги кьолила гьеб гIамалалъул бетIергьанасе».

Цинги МагIазица гьикъун буго аварагасда ﷺ: «Я, Аллагьасул ﷻ расул ﷺ , мун вуго Бичасул авараг ﷺ, дун вуго МагIаз. Кин дун хвасарлъилев, кин Аллагьас ﷻ дир гIамал къабул гьабилеб?» - абун.

Аварагас ﷺ жаваб гьабун буго: «МагIаз, мун дида ﷺ нахъвилъа, гьабулеб гIамалалъулъ кигIан мукъсанлъи бугониги дица ﷺ бихьизабухъе гьабе, дудаго берцин бихьухъе гьабуге. Я, МагIаз, дуца мацI цIуне, диналъул вацазул хIакъалъулъ квешаб жо бициналдаса, хасго Къуръан баччулел гIелмуялъул агьлуялдаса. ГIадамазул мунагьал дудего раче (мунагьазе гIайибиявлъун мунго вихьа, дуцаго гьабураб гьел сабаблъун ккараб бугин абуге). ГIадамалги какун мунго дуцаго веццуге, гьел гIодорегIанги гьарун дурго къадруги борхизабуге, гьезда тIад вахъун, ай чIухIунги гаргадуге, дурго мацIалъ гьелги чIамуге.

Дуда лъалищ, «ВаннашитIати наштIа» абурал рагIабазул магIна?

Гьел руго жужахIалда ругел гьаби, гIадамазул ракьаялда тIаса жидеца гьан хъарсулел, муъминзабазул, гIалимзабазул гьан нилъеца чIамунани Аллагьас ﷻ гьел гьаби тIамула нилъер гьан хъарсизе».

Гьеб мехалъги МагIазица абун буго: «Дир эбел-эмен хун мун нахъе хутIаяв, гьаб жо цIунизе лъида кIолеб, щив гьалдаса хвасарлъулев», - ин.

Аварагас ﷺ абун буго: «Гьеб буго Аллагьас ﷻ бигьа гьабурасе бигьаяб жо. Амма гьеб киналдасаго гIей гьабила дуего бокьараб чидаеги бокьиялъ ва дуего рихараб гьезиеги рихиналъ. Гьеб дуца гьабуни, мунги хвасарлъила», - ян.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги лъикIал гIамалазда тIадчIей гьабизе.

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...