Аслияб гьумералде

Ихласалде хIажалъула

Ихласалде хIажалъула

Ихласалде хIажалъула

Вализабаз абула ихлас бугев чи жеги ихласалде хIажалъулин, ай гьелъул гIорхъи-рахъ гьечIин абун. Ихласалда гIибадат гьаби цIакъ захIматаб жо букIин лъала. Рияъ ккола гьелъул дандияблъун. Рияъ ккола, къаси мехалъ цIвакараб бакIалдаса унеб цIунцIра бихьуларебго гIадин, лъазе захIматаб жо. Ихлас щвезе ккани, тIад хIалтIизе ккола. Рияъалдасаги вацIцIалъуларо гьелда тIад хIалтIичIони.

Имам Сагьлуяс абуна: «Ихлас ккола инсанас гьабулеб щибаб пиша гIицIго ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ гIоло гьаби», - ян.

Ихласалда тIад хIалтIи гьабулев чиясе гьелде щвезе Аллагьас ﷻ тавпикъ кьола. Пайда ва хIасил бокьун батани, нилъеца гьабулеб пиша рехун тезе бегьуларо, ай рагIа-ракьанде щвезабизе ккола. Гьелде хехго щолеб нухлъун ккола диналъул лъабабилеб бутIа, ай ихIсан. Гьеб ккола ракIалда хурхараб гIелму. Гьеб мугIалимас малъула ва бицуна кин гьабизе кколебали. Гьелъие хасал гIадамал руго. Гьел нилъеца ралагьизеги ккола. Щайин абуни, имам Гъазалияс хъвалеб буго, ракIалъул унтабаздаса рацIцIалъизе фарзул гIайн бугин абун, ай щивасда тIадаб бугин. Рижиялдасаго ракI бацIцIадал гIадамал цIакъ дагьал гурони рукIунаро. Къуръан цIализе мугIалим кколевго гIадин, ихIсаналъул гIелму малъулел гIалимзаби, шайихзаби кквезе ккола.

Абу Аюб Сахтанияс абуна: «Цо гIамалъулъ ният бацIцIад гьаби захIматаб буго киналниги гIамалал гьариялдаса», - ян.

Абу ГIусманица абуна: «Ихлас ккола гIадамал кIочон тей, ай ТIадегIанав Халикъасухъ ракI бухIун», - ян.

ХIузайфат МаргIишияс абуна: «Загьиралдаги батIиналдаги гIамалал цо къагIидаялъ рукIин ихлас ккола», - ян.

Гьанже халгьабе, кIиябго рахъалъ нилъеца гьарулел гIамалал ращадал рукIунищали? Загьирги батIинги дагьабгIаги хисулеб батани, гьеб гIамалъулъ хIакъикъияб ихлас гьечIо.

Нилъеда васвас бугел чагIи гIемер рихьула. Васвас баккула ихласалъулъ жагъаллъи бугеб мехалъ. Гьелъие далил буго Абу Сулайман Дараниясул рагIи: «Аллагьасул лагъ вацIцIалъидал (ихлас) гьесдаса къотIун ккола васвасги рияъги», - ян.

Нилъер бугеб балагьлъун ккола, гIадамаз щиб бугониги абилин хIинкъун, лъикIал гIамалал гьаричIого тей. Фузайл ибн ГIиязица абуна: «ГIадамазе гIололъун кинаб букIаниги гIамал тей рияълъун ккола. ГIадамазе гIололъун гIамал гьабиги ширклъун буго. Ихлас ккола гьеб кIиялдасаго мун цIунулеб жо», - ян.

Сулайман Даранияс абуна: «Рохел буго цо галигIаги Аллагьасе ﷻ гIоло тIамурав чиясе», - ян.

ХатIаъ, мунагь кколел гIадамаллъун рижун руго нилъ БетIергьанас Жиндирго Къудраталдалъун ва ХIикматалдалъун. Аллагьас ﷻ нилъ гьаруна гьедин тавбу гьабизелъун. Нилъеда киданиги кIочон тезе бегьуларо тавбу гьабизе, щиб мунагь нилъехъа кканиги. Тавбуялъ ахир-къадги пайда гьабула. Нилъер кIудияб гъалатIлъун ккола Ибну ГIатIаиллагь Сакандарияс хъваледухъ, мунагь ккедал тавбу гьабичIого тей. Аллагьасе ﷻ рокьула тавбу гьабулел гIадамал.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго, нужехъа гъалатI ккедал хадубго цун лъикIаб гIамалги гьабеян. Щайгурелъул, лъикIаб гIамалалъ цебе ккараб гъалатI бацIцIуна. Балагьеха ТIадегIанав Аллагьасул ﷺ нилъедехун бугеб рахIмат бихьун букIине. Аллагьас ﷻ нилъ гьареги ихлас бугеллъун ва тавбу гьабизе тавпикъги кьеги.

МахIкум абурав имамас хъван буго: «КIикъого къоялъ ихласалда тIадчIей гьабурав чиясул ракIалдаса мацIалде чваххун гIемерал хIикматал рачIуна», - ян.

ЯгIкъуб Макфуфас абуна: «Ихлас бугев чи ккола, жиндирго квешал гIамалал рахчулел гIадин, лъикIал гIамалал рахчулев чи», - ян.

Юсуф ибну ХIусейница абуна: «Дунялалъул рокъоб ихлас тIадегIанаб жо буго. Чан нухалъ инсанас хIалбихьулеб рекIелъа рияъ нахъе инабизе, цинги гьеб бачIуна цогидаб кьер гьабун, цогидаб нухдасан», - ян.

Сагьлу ибну ГIабдуллагьида гьикъула нафсалъе бищун захIматаб жо щибилан. Гьес абула ихлас бугин. Щайин абуни, нафсалъе гьениб бутIа гьечIолъиялъ.

Цо гIалимчияс абуна ихлас кколин дуца гIамал гьабулеб мехалъ гьеб бихьулев цохIо ТIадегIанав Аллагь гурони вукIунгутIи.

Гьединго гIалимчиясда гьикъула ихласалъул рагIа-ракьан щибилан. Гьес абула: «ГIадамазул рецц-бакъ бокьунгутIи», - ян.

РитIухълъи ихласалда хурхун буго. Ихлас рагIа-ракьанде щун тIубаларо ритIухълъиялдалъун гурони. РитIухълъиги букIунаро ихласалдалъун гурони. Гьеб кIиябго тIубаларо сабру гьечIони. Гьениб нилъее сабру кутакалда хIажат букIуна. Гьединго ихласалда тIад хIалтIи гьабулаго сабру къваригIуна рагIа-ракьанде гьеб бачинелъун.

Аллагьас ﷻ нилъее сабру, ихлас, ритIухълъи кьеги.

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...