Аслияб гьумералде

Жигьадалдасаги лъикIаб гIибадат-гIамал

Жигьадалдасаги лъикIаб гIибадат-гIамал

 

Хириял диналъул вацал! Гьале исанаги тIаде щолеб буго исламалъул щуабилеб рукну, хIеж гьаби жинда жаниб бугеб, хирияб зулхIижа моцI. Кидадай гьеб тIаде щвелаян гIищкъуялда балагьун чIун рукIарал хIеж гьабизе бокьарал гьанже ракI хIалхьун, хIежги бухьун, ГIарафа майданалде къокъине хIалакун, ГIарафа къо бачIиналъухъ балагьун хIадурун ратила. Исана хIежалде ине рес ккечIого хутIарал диналъул вацалги яцалги Аллагьас тIаде-тIадеялъул хирияб ракьалдеги рачун, къабулаб хIежги кьун, рази гьареги! Гьаб моцIалда жанир ругел хириял гIамалал гIадада хвезе течIого гьаризе тавфикъ кьеги!

 

 

 

БАЯН

ГIарафа къоялъ 1000 нухалъ «къулгьу» цIализе лъикIаб буго. ГIарафа къоялъ гьабураб лъикIаб гIамал лъагIалица гьабураб гIамалалда бащалъула. Лъабго «къулгьу» цIалани, Къуръан цIалиялда бащалъула. ХIисаб гьабе, гьеб къоялъ 1000 «къулгьу» цIаларав чиясе щвезехъин бугеб кIудияб даражаялъул.

 

________________________________________________________________________________

 

 

 

 

ЗулхIижа моцI ккола жинда жаниб рагъ хIарам гьабурал моцIазул цояб. Бухарияс ибну ГIабасидасан бицараб хIадисалда абулеб буго, Аварагас ﷺ абунин: «ТIадегIанав Аллагьасе лагъас гьеб анцIабго къоялъ гьабураб лъикIаб гIамалгIан бокьулеб гIамал гьечIо, ай БетIергьанасе бищун бокьула лагъас анцIабго къоялъ гьабураб лъикIаб гIамал». Цинги асхIабзабаз цIехана: «Я Бичасул Авараг ﷺ, Аллагьасул ﷻ нухда гьабураб гъазаваталдасагийищ?» - абун. Гьес жаваб гьабуна: «Жигьадалдасаги лъикIаб буго гьел къояз гьабураб гIибадат-гIамал, гьев чияс хутIун, кинабго боцIи-малгун Аллагьасе ﷻ гIоло жигьадалъе дин-ислам цIунизе къватIиве вахъарав ва гьениса тIадги вуссинчIев», - абун.

Тирмизиясги ибну Мажагьицаги Абу-Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Бищунго Аллагьасе ﷻ гьабураб лъикIаб гIамал бокьулел къоял, зулхIижаялъул тIоцебесеб анцIго къо ккола, гьезул цо къоялъ ккураб кIал лъагIалил кIалазда бащалъула, цо сордоялъ вахъун тIадегун гьабураб лъикIаб гIамал Лайлатул къадриялъ гьабураб гIамалалда бащалъула», - ян. ТIубараб гьеб моцIалъ кIал кквезеги суннатаб буго хIалкIварав чиясе, къурбан къоги лъабго къоги хутIун. Гьел къояз кIал кквезе хIарамлъула. ЦIакъго тIадчIей гьабизе рекъола тIоцебесеб 10 къоялъниги кIал кквеялда, хасго ГIарафа къоялъ. ЗулхIижаялъул ичIабилеб сордо ккола ГIарафа сордо. ГIарафа къоялъ кIал кквеялъул хIакъалъулъ Аварагас ﷺ абуна: «ГIарафа къоялъ ккураб кIалалъ кIиго соналъ гьарурал мунагьал чурула», - ян. Амма хIажизабазейин абуни, гьеб къоялъ кIал кквезе карагьатаб буго.

ЗулхIижаялъул тIоцебесеб анцIабго къоялда жаниб къурбан хъвезе ният бугев чиясе рас, малъ къунцIичIого тезе суннатаб буго. Гьединго лъикIаб буго ГIарафа къоялъ 1000 нухалъ «къулгьу» цIализе. ГIарафа къоялъ гьабураб лъикIаб гIамал лъагIалица гьабураб гIамалалда бащалъула. Лъабго «къулгьу» цIалани, Къуръан цIалиялда бащалъула. ХIисаб гьабе, гьеб къоялъ 1000 «къулгьу» цIаларав чиясе щвезехъин бугеб кIудияб даражаялъул. Гьединго суннатаб буго гьел къояз садакъа гIемер гьабизе, зикру бачине, хабаде рахине, унтаразухъе зиярат гьабизе, гIагарлъи хурхинабизе, лъикIалдалъун амру, квешалдалъун нагью гьабизе, диналъул вацазе дугIа гIемер гьабизе.

 

 

ГIумар-хIажи ХIажиев

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...