Аслияб гьумералде

ГIалимзабазул совет

ГIалимзабазул совет

24 февралалда Дагъистаналъул тахшагьаралда бугеб «Россия – дир тарих» абураб тарихияб кIалгIаялда тIобитIана ДРялъул ГIалимзабазул советалъул гIатIидаб данделъи.

 

Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул муфти, гIалимзабазул советалъул председатель, шайих АхIмад-афандияс, ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик Муслимовас, ДРялъул муфтияталъул председатель ГIабдуллагь Салимовас, исламиял гIелмабазул докторзаби МухIаммадсайгит Сайгитовас, КъахIиса МухIаммадица, Гъодобериса АхIмадица, «Инсан» фондалъул закагIаталъул отделалъул нухмалъулев Камалудин АхIмадовас, «Марва-Тур» компаниялъул генералияв директор Булат Къурбановас, «Сафар» мажгиталъул имам МухIаммадхIанафи ХIамзатовас, Дагъистаналъул теологаз, районазул ва шагьаразул имамзабазул советазул председателаз, исламиял вузазул мугIалимзабаз, студентаз ва гь.ц.

ГIадаталда рекъон, данделъи байбихьана МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталъул будун, хIафиз МухIаммадгIариф МухIаммадовас хирияб Къуръан цIалиялдасан.

Данделъи нухда бачана ДРялъул гIалимзабазул советалъул председателасул заместитель, исламиял гIелмабазул доктор КъахIиса МухIаммадица.

ТIоцеве кIалъазе вахъана ДРялъул муфтияталъул председатель ГIабдуллагь Салимов ва гьес бицана гIалимзабаздаги имамзабаздаги гьоркьоб цолъи букIине ккеялъул, жамгIияталъе пайдаялъе цадахъаб хIалтIулъ къуватал цолъизариялъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ.

Хадуб рагIи кьуна МухIамадхIанафи ХIамзатовасе. Гьес ракIалде щвезабуна яхI-намусалъул къагIидаби цIуниялъул кIвар, ахIана тавбуялде ва муъминзабазда гьоркьоб вацлъи цIуниялде.

МухIаммадсайгит Сайгитовас кIвар буссинабуна исламияб лъай кьеялъул темаялде.  Бицана нилъерго гьаниб исламиял гIелмабазул курсаздаги цIаличIого, бачIинахъего къватIисел улкабазул вузазде цIализе унезда дандчIвазе бегьулел масъалабазул хIакъалъулъ.

Жиндирго кIалъаялда ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик Муслимовас кIвар буссинабуна республикаялда миллатазда ва диназда гьоркьосеб рекъел цIуниялъул суалалда жаниб Дагъистаналъул Муфтиясул ва тIолабго Динияб идараялъул бугеб кIудияб кIваралде.

КIалъазе вахъарав исламиял гIелмабазул доктор Гъодобериса АхIмадица бицана хирияб Рамазан моцIалъул байбихьи ва ахир чIезабиялъул темаялъул, гьеб суалалда тIасан цолъиялде рачIине ругел нухалги рихьизаруна.

«Инсан» фондалъул закагIат отделалъул нухмалъулев Камалудин АхIмадовас кIвар буссинабуна исламалъул рукнабазул цояблъун кколеб закагIат кьей тIубазабиялде ва бицана гьеб фондалъул ишал тIуразари кин гIуцIун ругелали.

ХIежалъул хIакъалъулъ бицун кIалъана «Марва-тур» компаниялъул генералияв директор Булат Къурбанов ва гьес абуна СагIудиязул ГIарабиялъул иш тIадал идарабаз хIажизабаздехун гьабулеб балагьи соналдаса соналде кьваризабулеб бугилан.

Данделъиялъе ахир лъуна ХасмухIаммад-хIажи Абубакаровас тIолабго жамгIияталъе дугIа гьабиялдалъун.

 

 

ДРялъул ГIалимзабазул советалъул председатель,  муфти, шайих АхIмад-афандица гьабураб хитIаб

 

 

 

Чанго малъа-хъвай гьабилин хIалтIулел ругезе. ТIоцебесеб, щивгогун дагIбадуге, лъиениги щибниги жо битIараб букIин чIезабизе жураге. ДагIбадулас киданиги абуларо, бихьанищин жив мекъи, мун витIарав вукIун вугин абун. Гьеб киданиги букIинчIеб жо буго. ДагIбадулазул мисал буго, ургиде вахъарав кIиго речIчIухъанасул. Гьезул цояс цогидав къезавуниги мукIурлъуларо, цоги нухалдаги речIчIизе вахъине хIадурлъула.

КIиабизе, пачалихъ, хIаким-заби какулел гIадамалгунги нужеца дагIба гьабуге. Пачалихъ, хIукумат какулев чи вукIуна нилъер хIалбихьулевлъун, борчIулищ тохаб рагIияги балагьулев гьезул агент яги къватIисеб улкаялде лъутизе ракIалда бугев чи. ГIадатияв чияс хIукумат какуларо.

Репрессиязул заманалда ккана гьадинаб лъугьа-бахъин. КъахIиса ХIасан-афандиясул вас МухIаммадгIариф-афанди, росдада аскIоб бугеб колода вукIаго, гьезул росулъа цояс абун буго къаси КъахIиса чанго чи данде гьавеян абун.

Гьедин данделъараб заманалда гьев чиясул рокъор, гьевгиха доб заманалда бищунго диниявин вугев чи, гьес абун буго кидаллъизегIанин нилъеца хIехьезе бугеб гьаб пачалихъ? Гьеб букIун буго Совет Союз гIуцIараб мех. Цинги МухIаммадгIариф-афандияс гьесде семун абун буго, кигIан яхI гьечIев чийин мун вугев, бихьуларищин нилъер херазе пенсия кьолеб бугин, нухал рахъулел ругин, кинабго къваригIарабщинаб гьабулеб улкаялде, хIукуматалде данде вахъине кин дуда кIолебилан абун. 

Гьединал жалги рицун кIал къазабун буго гьесул. Гьасда гьев цевеги лъалев чи вукIунги вуго. Гьебго хабарги бицун ун вуго гьев аскIоб бугеб росулъе. Гьебго къагIидаялда диниялин ругел гIадамалги данде гьарун, кидаллъизегIанин нилъеца хIукумат хIехьезе бугебин абун гьебго суал кьун буго. Доб росулъ рукIарал гьасул лъале-хъвалел, божилъи букIиналъ дагьалго чучун руго. БитIараб бугин, ругин гIемерал гIунгутIаби хIукуматалъул абун разилъун руго гьесул харбида. Дагьаб заманалдаса гьел рачун ун руго. Гьаб хабар байбихьарав ун гьечIо, гьел гIадамал ун руго. 

Нужеда мухIканго лъай, нилъеца пачалихъ какизе бегьуларо, нилъ жанир ругеб бакIлъидал гьеб кколеб. Гьале нуж гьанире мажлисалде рачIана хъил тIураб, битIараб нухдасан, рахIаталда. Ригьалде вахарав чиясе пенсия кьолеб буго. Цинги щай какизе кколеб?

Мекъаб нухда ругел гIолохъабазги какула гьеб. Кинниги гьезул гIагарав чи, эмен, вац, даци - киналго рукIуна хIакимзабилъун, амма пачалихъ какула. Гьанже бичIчIичIищ щай гьез какулеб бугебали? Рес кьоге какизе.

Цоги, нилъеда гьоркьоб питна бекьулеб буго миллияб суалги борхун. Миллатазда гьоркьоб бугеб суал Дагъистаналда багъарула лъагIалида жаниб цо нухалда. Лъалищ кидаяли? Рищиял рукIунеб сентябрь моцIалъ. Дагьаб цебе кIиго нухалда букIана, мартгун сентябралда. Гьанже цо къо гьабун буго. Гьеле гьеб заманалда живго бетIерлъун яги депутатлъун вищизе къваригIарас, «нилъ инжит, хIакъир гьарулел ругин, нилъехъа кинабго жо батIа гьабула бугин» абураб ахIиги бахъинабун, гIадамал къватIире рахъинарула.

Цинги полициялъулаз гьеб питна багъарарасе дагьабго «кIутIа-сутIи» гьабигун, цо-кIиго гьесде божарасул чинги борхизабун, лъугIизе тола. Хадусел рищиял рачIинегIан хIалхьи гьабе, тIадеялъул цIидасан багъарилин гьебго жо, нуж кьижун ккечIого рукIинеян.

 

 

 

 

 

 

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


Нухлул къанунал цIуни

Кинал ругониги балагьал рачIиндал нилъеца цоцазе кумек гьабула. Гьеб буго тIабигIияб жоги. Амма буго щибаб къойил кколеб балагь, нилъги жинде ругьунлъараб. Гьебги ккола нухазда кколел авариял. 2026 соналъул лъабго моцIида жаниб ккана 357 авария, хвана 61 чи, лъукъана 510-яв, гьезда гьоркьор руго...


Къурбан хъвей

Къурбан хъвеялъул хIукму   ШафигIиясдаги, АхIмадидаги, Маликидаги аскIоб къурбан хъвей муаккадаб суннат ккола, ай кIвар кьун тIадчIей гьабизе кколеб суннат. АбухIанифада аскIоб - шагьаразда, росабалъ гIумру гьабун ругел гIадамазда тIадаб буго. («РахIматул...


Суал-жаваб

ХIежалъ гIисинал ва чIахIиял мунагьал чурулищ? ГIемерисел гIалимзабазда аскIоб хIежалъ гIисинал мунагьал чурула, амма кIудиял мунагьал ва гIадамазул хIукъукъал чуруларо. Бухари ва АхIмадица бицараб хIадисалда буго: «ХIеж гьабураб мехалда жинца абичIони квешаб рагIи ва гьаричIони фискъуялде...


ГурхIел-рахIму

Нилъер иманалъул къиматаб жавгьаразул цояб ккола гурхӀел-рахӀму. Гьеб цIакъ беццараб тIабигIатги буго. Иман щулалъиялъе, рухӀияб рахъ цебетӀеялъе, напс квегъизе гьарулел аслиял жалазул цояблъун ккола гурхӀел-рахӀму.   Гьеб ккола инсанасул цогидал гIадамаздехун бугеб хинлъи-рокьи, лъикIаб...


Ахирисел хириял къоял

ТIаде щолеб бугеб иргадулаб моцI ккола ЗулхIижа. Гьеб ккола исламалда жаниб Ражабгун, ЗулкъагIидагун ва МухIаррамгун цадахъ, ункъабго хирияб моцIалъул, цояб. Гьел моцIазда жаниб ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хIарам гьабуна рагъ-кьал, тунка-гIусиял, би тIей.   Гьеб моцIалъул тIоцебесеб анцIго...