Аслияб гьумералде

Къуръан цIалун лъугIана

Къуръан цIалун лъугIана

Къуръан цIалун лъугIана

Хасавюрталъул Садовияб поселокалда буго баракат нилъее щваяв Ингердахъа Лачен-дибирасул цIаралда бугеб руччабазул мадраса. Гьал къоязда гьенир цIалулел мутагIилзабазул лъугIана махражалда Къуръан цIалун. Гьеб рохалилаб тадбир тIобитIи данде ккезабуна, хирияв МухIаммад авараг ﷺ гьавураб моцI рабигIул аввал кIодо гьабиялда цадахъ.

 

Мажлисалда мугIалиматун Къураева Хадижатица жиндирго цIалдохъабазе, Къуръан лъугIиялъул дипломал кьуна ва гьел щвана 35-ялъе (10 соналдаса 58 сонил ригьалде щвезегIан ругел ясалгун руччабазе). МутагIилзабаз мугIалиматуналъе баркала загьир гьабуна ва нашидал ахIана. Данделъаразе рицана Аварагасул ﷺ хIадисал, Гьесул ﷺ гIумруялъул бицун гьаруна вагIзаби, битIана салават.

Мажлисалда данделъаразе гIуцIун букIана бечедаб тепсиги. Гьеб киналъулго ишги тIаде босун букIана кверги ракIги гIатIидай, мадрасазе къайимлъи гьабулей, къваригIаралъуй ятулей диналъул яц Сакинат Сулеймановалъ. Гьелдасаги Аллагь разилъаги.

Гьаниб гъоркьехун бахъулеб буго мугIалиматуналъе сайгъат гьабураб назму.

 

 

 

Аллагь разилъаяй мугIалиматун,

Нижер киназулго баркала дуе!

ТалихI кьун йохаяй Хадижат-бика

Кирилъун батаги малъараб гIелму.

 

Нижго санал арал рукIананиги

Лъималазул гIадаб гIамал букIанин,

ГIемер гаргазаюн сваказаюнин,

Сабру гьабуралъухъ батайги алжан.

 

Дуца малъаралъе тархъун ратилин,

Дарсаздеги кватIун тIагIам бахъанин.

Адаб тей, такъсирал гьарун ратилин,

Гьари буго нижер, тIаса лъугьаян.

 

Гьарула дуй гIакълу, гIелмудулъ цIубай,

Гьарула щулияб иман ва баркат.

Жеги гIемеразда гIелму малъизе

ГIатIидаб сабруги сахаб гIумруги.

 

ГIайшат ГIумалаева

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...