Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ асарал Красноярскиялда

Аварагасул ﷺ асарал Красноярскиялда

Аварагасул ﷺ асарал Красноярскиялда

АнцIгоялдасаги цIикIкIун сон буго Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул бербалагьиялда гъоркь исламияб тарихалъул асарал цIунун ругелдаса. Гьезда гьоркьоб буго Бичасул аварагасул ﷺ рас, асхIабзабаз хIалтIизарулел рукIарал тIагIелал ва цогидалги тарихиял асарал.

 

Дагъистаналъул батIи-батIиял районазда гIуцIана гьел асарал гIадамазда рихьиялъе, баракат тIалаб гьабизе церелъеялъул мажлисал. Гьездаса кIудияб пайдагун баракат гIадамазги гъираялда босана. Сундаха бащалъулеб Бичасул аварагасул ﷺ рас бералда бихьизе щвейгIадаб нигIмат.

Гьеб баракат жидееги гIахьал гьабиларищин гьарун, цогидал регионазул вакилзабиги рачIуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясухъе. Гьесги инкар гьабуларо. Гьедин, чанго регионалда гIуцIана гьел асарал бусурбабазда рихьизе церелъеялъул мажлисалги. Иргадулаб бакIлъун ккана Красноярск. Гьеб шагьаралъул бусурбабаз гъираялда къабул гьаруна асарал. Радалалдаса сордо нахъалъизегIан, балеб гIазухъ балагьичIого, гьел рихьизе рачIаразул читIир тIубараб лъабго къоялъ дагьлъулебго букIинчIо.

Гьеб шагьаралда аскIор ругел бакIаздасаги бусурбаби рачIана асарал рихьизе. ХIатт рачIана исламияб диналъул гурел вакилзабицин.

Рехсараб регионалъул муфти Гаяз Фаткуллиница ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабуна Дагъистаналъул халкъалъе, хасго шайих АхIмад-афандие, жидер гьариги къабул гьабун, асарал рихьизе ва церелъезе рес кьуралъухъ.

Асарал рихьизе рачIунел рукIана гьеб шагьаралъулгун краялъул нухмалъиялъул вакилзаби, батIи-батIиял диназул гIадамал. Къокъго абуни, гьел къоял рукIана тIолабго халкъ данде гьарулеблъун.

 

 

 

 

Къудрат ХIажиахIмадов, Красноярск краялда вугев Дагъистаналъул диаспораялъул нухмалъулев:

 

«КIудияб рохел буго нижер краялъул бусурбабазе дагъистанияз рачIарал асарал рихьизе щвеялдаса. Дица киназдаго ракI-ракIалъ баркула гьаб талихIаб байрам!»

 

 

 

 

 

Зульфия-ханум:

«Гьаб букIана дир гIумруялда жаниб бищунго талихIаб рамазанлъун. Нижер, ай Сибиралда гIумру гьабун ругезул ракIал хинлъизаруна гьал асараз. КIудияб баркала буго нижерго муфтиясе, Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандие. Гьал къоязгIадаб рохел нижехъ киданиги букIинчIо, гьадин бикьулеб лъимги чамасдакги кида букIараб жо? Нужеца, дагъистанияз малъана нижеда авараг ﷺ кин вокьизе кколевали. Аллагь разилъаги».

 

 

 

 

 

Равил-хIазрат Габбасов, Красноярск краялъул муфти:

«Баракаллагь буго дагъистаниязе, гьал асарал нижехъе росун рачIаралъухъ. ГьадигIанасеб къадар гIадамазул рачIинин абун ракIалде ккунго букIинчIо. Чанго сагIаталъ, квачараб бакIалда эхетун, балагьун чIун рукIана гIадамал асарал рихьун хадубгицин. Унго, гьезул гьурмазда букIараб талихIалъул нурха».

 

 

 

 

 

Нурулла Турсунбаев, Томск областалъул муфти:

«Дида ккола гьадинал мажлисаз халкъ цолъизабулин абун. Интернеталда бихьана Красноярск краялъул бусурбабаз асаразфДунго Томскиялдаса вачIарав чи вуго. Рес щун букIаго, баркала кьезе бокьун буго Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандие, гьес Дагъистаналъе ва цогидалги регионазе гьабулеб бугеб кумекалъухъ».

 

 

 

 

 

Салим-хIазрат Шакирзянов, Новосибирск областалъул муфти:

 

«ЛъикIаб иш гьабизе, хасго гьадинаб баракатаб бакIалде ине ниятгун къватIиве вахъарасда, щибго гIакъуба бихьуларо. КIудияб хIурмат буго нижер рахъалдасан муфти, шайих АхIмад-афандие, Сибиралъул гIадамал кIоченчIого, гьадинал хириял сайгъатал гьаруралъухъ».

 

ХIадур гьабуна ГIабдуллагь МухIаммадовас

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

(Байбихьи цересел номералда)   Гьелдаса хадуб рагьун дин биччазегIан гьев мубарак жиндирго цIулал хIалтIиги гьабун гIадамазда гьоркьов гIадатияв чилъун вукIун вуго. Дагъистаналде зияраталъ вачIанщинахъе гьес рещтIен гьабулеб букIун буго ХасмухIаммад-хIажиясухъ. Гьесул гIумрудул цIех-рех...


Суал-жаваб

Насвай хIалтIизабун хадуб кIалги ххуличIого ялъуни гьебги чвантиниб лъун бараб как рикIкIунищ? Лъалеб жо буго хъалияналъги, насваялъги ва гьелда релълъарал цогидал жалазги чорхое зарал гьабулеблъи. Гьел жал хIалтIизариги шаригIаталда мунагьлъун рикIкIуна. Пуланав чи ватани гьединал жалаздаса...


ХIасил щиб ккараб?

АлахIамдулиллагь, щибаб рецц Аллагьасе ﷻ, ракI бохулеб, черхалъе гьайбатаб асар гьабулеблъун букIана риидалил гIодоркъоязда Къуръан цIализе, как базе, тIабигIат берцин гьабизе, дарсазде хьвадун, лъималаз мажгитал цIун рукIараб заман.   Лъимал руго нилъер берзул канлъаби, рухI кьунги гьезие...


Рокъоб мавлид гьабиялъул даража

Абубакр Сидикъас абуна: «Мавлидалъе цо диргьам жинца кьурав чи Алжаналъув дир гьалмагъ вуго», - абун.   ГIумарица абуна: «Аварагасул ﷻ мавлид жинца кIодо гьабурав чи, ислам чIаго гьабурав чи вуго», - ян. ГIусманица абуна: «Мавлид цIализе цо диргьам жинца кьурав...


Аварагасул ﷺ гIумру щай лъазабилеб?

Аварагасул ﷺ бицунелъул гIенеккун ругеб мехалда нилъер къасд букIине бегьуларо гIицIго харбихъ гIенеккун ругеб гIадинаб. Ниятгун къасд букIине ккола Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ рехсолел сипатаздалъун нилъее лазат щвей, ай гIишкъуялда гIенекки ва гьеб рекIелъе биччай. Аварагасул ﷺ бицунаго нилъ гьесде...