Аслияб гьумералде

Бекилалде бухьун лъикI бетIер

Бекилалде бухьун лъикI бетIер

Бекилалде бухьун лъикI бетIер

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кьурал чIахIиял нигIматазул цояб ккола школа, нилъеца лъимал 6-7 сон баралдаса нахъе гIелму-лъай босизе ритIулеб бакI. Гьединго жиндир заманалда нилъедаги хъвай-цIали малъараб, гIатIидаб дунял нилъеда бихьизабураб ва кверги ккун гьеб дунялалде нилъ рачараб ва кIиабилеб рукълъун нилъее лъугьараб. Школалда рукIарал мугIалимзабаз кьураб гIелмуялда рекъон, рекIелъ гIумруялъго ккола хасаб бакI, рекIеда бикIараб накъищлъун.

 

Эбел-инсудаса хадуб, ракI унтун щибаб лъимадул чи лъугьинелъун къеркьолел чагIи рукIуна мугIалимзаби. МугIалим абураб рагIиялда хурхараб адабги, къиматги, борхалъиги кидаго букIараб жо буго. Амма гьеб рагIиялъул магIнаги букIине кколеб куцалъ бичIчIулеллъун рукIинчIо: адабгун, къиматгун ва борхалъигун, гьев мугIалимас кьолеб пайда босизе лъалел гурони. Щибго цIалул ургъелги гьечIел, лъай боси абураб мурад жидеда жанибги лъечIел цIалдохъабаз кидаго гIад-хочI гьавулевлъунги вукIана мугIалим, гьезда гьев жидерго кьерилавлъунги вихьула.

Кьер-кьерал нигIматаз гIорцIизегIан кваназеги гьарун, бокьа-бокьараб ретIел босун гIезарулел лъимал лъугьунел руго жидер тIабигIаталъ ва гIамал-хасияталъ школаги мугIалимзабиги чIаго цIа лъун рухIизе хIадурал сунтураллъун.

МугIалим абураб рагIул хIакъикъияб магIна бичIчIуларел, квешаб-лъикIалда гьоркьоб гIурхъи лъаларел, жидер сипатал инсаниял, амма тIабгIал шайтIанияллъун лъугьун руго цо-цо цIалдохъаби гьаб заманалда. Амма гьел «цIалдохъабазда» нахъа эхетун руго эбел-эменги. Гьез тIалаб гьабула мугIалимасдаса лъимералъе лъикIаб къимат лъей, хIеренаб бербалагьи гьаби. Гьединаб къагIидаялъ гIун рачIунел лъимал бахьикъосаллъун рахъиндал, тIоцебе цIехола школаги, лъимадулгун гьабураб хIалтIиги.

Февралалъул авалалда социалиял гьиназда тIибитIун букIана пуланаб районалда цо мугIалималъ лъималазе гIадлу гьабулеб видео. Щуго васги доскаялда цере эхетизарун, гьезде гьаракь борхун кIалъалей йигоан гьей, кIигоясда гьурмалъ хъатги бана. ХIасил-калам, гьей мугIалим хIалтIудаса рехана.

Таманал соназ школалда хIалтIарал, махщел лъадарарал мугIалимзабазул гIажаибаб рокьи ва хIеренлъи букIуна цIалулел, гIадлу бугел лъималазде. Я цIали гурел, я гIадлу гурел лъималазда гьеб бичIчIуларо. Гьезие мугIалим вукIуна, гIарац хиралъиялъ школалда хIалтIулев, нервабазул унти ккарав херав хъаркIаслъун. Гьединабго пикру гIахьал гьабулел эбел-эменги ругони, хола анкьабго. Лъималаз жидеего рекъараб хабар эбел-инсудаги бицун, классалъул бахьикъосаз гьезул рахъги ккун, тезаби хIакъаб буго гьей мугIалималда школа. Квер борхи гьелъулги битIараб гьечIо, амма гьелъие гIилла щиб ккарабин абун суал бачIани, дагьаб бичIчIи бугел эбел-инсуца гьей мугIалималъул рахъги ккун, гIадлу боркьизабилаан жидерго лъималазе. Гьезул букIинеселъе гIоло, гьезда квешаб-лъикIаб бичIчIиялъе гIоло.

Дунялалъул ишазда сверун лъугьун эбел-эменги рукIун, гIемерисел лъимал жалго жидедего рехун тараб заман буго гьаб. Гьезул малъа-хъвайги квешаб-лъикIаб босиги гIемерисеб къотIносан яги телефоналдасан букIуна. Рокъоб лъезе кколеб тарбияталъул аслуялдаса махIрумлъараллъун кколелги руго гьел.

Школалда лъикI цIаларал, гIадлу-низам бугел лъимал школа лъугIидал, ВУЗазде лъугьуна гIелму тIалаб гьабизе. Ва гьезул мурадги букIуна жиндир заманалда школалъе, живго цIалараб классалъе гIадин, хадуб халкъалъеги мунпагIат бугев чи лъугьин.

Аллагьас гьаб дунялалда лъугьунеб щибаб жо бижун буго цояб цоялда хурхараблъун. Гьединлъидал жакъаго пикру гьабизе ккола метерисеб къоялъул.

Бекун хадуб бухьараб ботIрол мунпагIат бкIунаро. Гьеб бекилалдего бухьине ккола.

 

ПатIимат ХIасанова

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...