Аслияб гьумералде

Щибаб заманалда хIажатаб

Щибаб заманалда хIажатаб

Щибаб заманалда хIажатаб

ХIакъикъиял устарзабазул рагIи кутакалда кIвар бугеб, кинаб заман бачIаниги хIажатаб, жинда жанир гъваридал магIнаби ругеллъун ккола. Гьезул щибаб рагIи меседил хатIалъ хъвазе рекъараб буго. ЧанцIул цIаланиги цIилъиги гьелдехун бугеб гъираги тIагIунареб калам букIуна гьезул. КъахIиса ХIасан-афандияс жиндирго вас МухIаммадгIарифафандиясе «Талхисул магIариф» абураб тIехьалда жаниб гьабураб васияталъул цо гьитIинабго бутIа кьолеб буго гьаниб.

«Дица васият гьабулеб буго дуе радал-бакъанида вирдаздагун рабитIаялда тIадчIей гьабейин. Хасго гьеб кIиябго гIужалъ кьолеб хасаб файиз тIалаб гьабе БетIергьанасдасан. Кинабниги заманалда файиз бачIин къотIун ккараб гьечIониги, гьеб кIиябго гIужалъ, цIад бараб мехалъ ихх бачIунеб гIадин, чвахула Аллагьасул рахIматал. ЦIадалги цо-цо къатIраккун тIинкIулеб букIунеб гIадин чвахун балебги букIунелъул. Кьолел сайгъатал къабул гьарурав чIового хутIуларелъул.

Аслияб жо буго ният-къасд бацIцIадаб ва напсалъул тIалабаздасаги, чорокал журагъураяздасаги гIамал бацIцIад гьабиги. Дуца кинабго къуват хIалтIизабун, кIвар кьун тIалаб гьабуни гьел рахIматазул ва файзазул цо къатIраниги щвелин абун Аллагьасде хьул буго. Зикруялда тIадчIей гьаби тIалаб гьабула жиндир жигаралъулъ тасамахIлъи бихьигун ва гьабураб гьитIинаб букIа, кIудияб букIа гIамал жиндаго жолъун бихьичIого цадахъ.

Щайгурелъул, гьедин гьабураб дагьаб гIамал лъикIаб бугелъул жиндаго кIудияб жолъун бихьараб гIемераб тIагIаталдасаги. Жинца гьабураб гIамал гIемераблъун бихьи ва гьелдаса вохун гIажаиблъи гьелъул кири хвезабулеб ва гьурмада бугеб нур нахъе босулеб жо ккола.

Дуца тIадчIей гьабе сабру гьабиялда, цогидазул къварилъизахIмалъи баччиялда, цогидаздехун ццим бахъинчIого чIеялда, ракI гIатIидав вукIиналда, дуе гьабураб заралалдаса тIаса лъугьуневлъун, кинабниги хIалалъулъ ццим къулчIулевлъун, Аллагьасул лагъзадеридехун гурхIелрахIму бугевлъун. Цогидазда гурхIулезда Аллагьаги гурхIула. Аллагь гурхIула жал гурхIулезда. Хирияб хIадисалда буго: «Ракьалда ругезда нуж гурхIа, зодор ругел нужедаги гурхIила», - ян.

Ва, дир вас, Аллагь лъаялде щварал вализаби тIадегIанал макъамазде, БетIергьанасде гIагараб нухде рахинчIо гIицго анищгун хьулал лъеялъ. ТIадегIанал даражабазде гьел щвана Аллагьасе гIибадат гьабиялъулъ кIудияб жигар гьабиялдалъун.

Гьезда хадув гъезе бокьани мун гьезул хирияб нухде лъугьа, берцинаб нух ккве, гьезул адабазда ва лъалкIазда нахъвилъа, гьездехун ратIлилъги гIаламатазулъги релълъенлъи гьабе. Жиндие цо кинаб бугониги къавм бокьарав гьелгун цадахъ вахъуна кигIан рикIкIадаб къисмат гьезул бугониги. Жиндие кинаб бугониги къавм бокьарав гьездасан ккола.

Нур жинда бараб, Аллагь гуребщинаб жоялдаса бацIцIадаб ракI букIине дуе бокьани зикруялда тIадчIей гьабе. Мун гьелда даимлъе кинабниги хIалалда. Мун гьедин тIадчIани Аллагьасдасан бачIунеб бакъул гIадаб нур загьирлъила дуе. Зикру буго унтараб ракIалъе дару ва тIоритIел тIалаб гьабулеб ракIалъул квенлъун».

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Шагьидзаби кIочон гьечIо

1935 соналъ ЧIикIаса Ацал ГIабдурахIманил хъизаналда гьавуна вас СагIид. Гьеб букIана ШагIбан бащалъараб Барааталъул сордо. Гьеб сордоялъ лъабго нухалъ хирияб "Ясенги" цIалун, ГIабдурахIаманица Аллагьасда гьарана жиндир вас гIалимчи вахъагиян. ТIадегIанав Аллагьас инсул дугIаялъе жаваб гьабуна....


Аллагьасул ﷻ аманат

ГIемерисел руччабаз хIаракат бахъула хIалакълъизелъун черхалъе гIакъуба кьезе. Гьеб гуро жакъасеб «унтиги», гьедин букIана гIасрабаз цебеги.   МухӀаммад Аварагасул ﷺ суннаталъ нилъеда малъула черхалъулги рухӀалъулги хIал лъикIлъизабиялъе рекъон кколел сабабал. Суннатги ккола...


Хварал нухда регIулев

«Хвел-хоб кIочараб, къойил холел гIадамазул хабар рагIаниги нилъго хвелин ракIалдецин кколареб гIажаибаб дунял бачIун буго». Гьединал пикрабазда вукIаго, ракIалде бачIана хварал чагIи чурулев чиясулгун гара-чIвари гьабизе лъикI букIинаанин абураб пикру. ЦIех-рех гьабулаго, гьединав чи...


Аварагасул ﷺ сира

Кинаб илагьияб хIикмат букIараб Аварагас ﷺ Макка рехун тезе ккеялъулъ?   Маккаялдаса Мадинаялде Аварагас ﷺ гьижра гьабиялъул хIикматаздасан ккола бусурбабазе дин загьир гьабизе цо шагьаралда яги улкаялда толеб гьечIони, гьезги дин цIунизе гIоло, ватIаналдаса цоги бакIалде гьижра гьабизе...


Къеч буссинабулеб

Риидал хъарпуз гIемер кванала. Гьелъ къеч буссинаби гуребги, сахлъиялъеги пайда гьабула. Лъим, витаминал, минералазул ва антиоксидантазул къадар цIикIкIараб букIиналъ, хъарпуз рикIкIуна риидалил бищунго сахлъиялъе пайдаял кванил нигIматазул цояблъун.   Хъарпузалъулъ букIуна 90 проценталде...