Аслияб гьумералде

Анлъго гIунгутIи

Анлъго гIунгутIи

Анлъго гIунгутIи

Аварагас ﷺ нилъер умматалда ккезе ругел жал рицана. Жив вугев заманалъцин ккана чанго лъугьа-бахъинал. Гьединго Аварагас ﷺ абуна рехсезе ругел гIунгутIабаздасан цIодорлъи гьабеян. Гьал гIунгутIаби нагагьлъун ккани, шаригIаталъ гьеб суалги жаваб гьечIого течIо.

 

ГIафву ибну Маликица абуна Аварагас ﷺ абунин: «Дун хIинкъун вуго анлъго жоялдасан: гIабдалзабазул цебехъанлъиялдаса, хIакъ гьечIого чи чIваялдаса, Аллагьасул къанун бичиялдаса (рищват босун ва гь.ц.), гIагарлъигун гьоркьоблъи къотIиялдаса, Къуръан кечIгIадин ахIун цIалиялдаса, зулму гьабулел церехъабазул кумекчагIаздаса. («МугIжабул Кабир») Нилъеда лъала зулму кIудияб мунагь кколеблъи.

 

ГIабдалзабазул цебехъанлъи

Гьез цебехъанлъи гьаби бищун квешаб ва заралияб буго анлъабго гIунгутIиялда гьоркьоса. Абизе бегьула, гIабдалзабаз цебехъанлъи гьабиялъ гьел хутIаралги ракканин. Гьелъ хирияв Аварагас ﷺ байбихьана гьелдаса цIуни гьабизе.

Жабир ибну ГIабдуллагьидасан бицараб хIадисалда буго: «Аварагас КагIб ибну ГIужратида абула: Аллагьас цIунаги мун гIантал церехъабаздаса. Гьес гьикъула гIабдалзабазул цебехъанлъиялъул магIна щибилан абун. Аварагас абула дидаса хадур раккизе ругел церехъабиян. Гьез дица абураб куцалда гьабизе гьечIин ва дир суннаталда нахърилълъинеги гьечIин. Гьел ритIухъ гьарулел ва гьезул зулмуялъе квербакъулел гIадамазулгун дир хурхенги гьечIин, гьединал гIадамал дир хIавзалде рачIинеги гьечIин. Амма гьел ритIухъ гьаричIел гIадамал ва гьезул зулмуялъе квербакъичIел дидасан руго, гьел дир хIавзалде рачIинеги руго», - ян. (Имам ХIаким, Мустадрак)

Гьелъ нилъеца цIодорлъи гьабизе ккола. Хасго гьезие квербакъизе бегьуларо. ХутIарал гIунгутIаби раккула гIабдалзабаз цебехъанлъи гьабиялъе гIоло.

 

ХIакъ гьечIого чиясул би тIей

Инсанасул рекIелъ такъва хутIичIеб мехалда хIужабигун далилазухъ гьес халго гьабуларо. Гьелъин тIаса бищулеб фиргIавнил нухги, зулму гьабун чи чIвазе. ГIабдалзабаз цебехъанлъи гьабизе байбихьидал гIайиб бугев ва гIайиб гьечIев вукIунаро. ГIадамазда жалго цIунараллъун ругин кколаро. Гьелъин Аварагас ﷺ гьелдаса цIуни гьабураб.

 

Аллагьасул ﷻ къанун бичи

Жакъа къанун лъугьун буго даран гIадин бича-хисун босулеблъун. Рес бугев чияс бичун босула къанун. Хадуб гьебги бичун босун гIабдал вахъунев вуго цевехъанлъун. Цинги пачалихъалъул жал гьес ричулел руго цере ккаразе.

Къиямасеб къоялъул гIаламатаздасан ккола мустахIикъав гурев чиясухъе цевехъанлъи гьабизе кьей. Гьелъул хIакъалъулъ Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Цо иш тIадкъани мустахIикъав гурев чиясда, балагьун чIа Къиямасеб къоялъухъ», - ян. (Имам Бухари, 59)

 

ГIагарлъиялъулгун гьоркьоблъи къотIизаби

ГIабдалзабаз цебехъанлъи гьабиялда жаниб улкаялъул гIуцIи холеб батани ва къанунал ричиялъулъги ришватал гIемерлъани, гIагарлъиялъулгун гьоркьоблъи хвезаби кколеб буго халкъ хвезабилъун. Аллагьасдаса ﷻ хIинкъичIони, эбел-инсудаса яги гIагарлъиялдаса хIинкъунин абун, квешлъи гьабичIого чIоларо.

 

КечIгIадин ахIун Къуръан цIали

Къуръан цIализе ккола берцинго, тажвидги цIунун, Аллагьасул амруялда нахърилълъун. Амма жакъа раккарал бакъанал гIадинал жал гьукъула, хасго гьелда жаниб Къуръан хIалтIизабулеб бугони. Жеги къабихIаблъун ккола гьез Къуръан цIали бечедал ва гIантал церехъабазул хивалазе гIоло. Гьелдаса гьукъана Аварагас ﷺ, амма берцинго цIалулеб Къуръаналдаса гьукъичIо. Гьеб батIабахъизе ва бичIчIизе ккола.

 

ГIантал церехъабазул кумекчагIи гIемерлъи

Гьелъул магIна ккола жалго цIунизелъун гIемерал кумекчагIи чIезарулин гьезин абураб. Гьел кумекчагIи бокьараб жо гьабизе хIадурун рукIуна церехъабазе гIоло. Гьелъин Аварагас ﷺ 1400 соналъ цебе лъазабураб цIодорго рукIайин абуна.

Нилъее рекъараб буго гьединал чагIаздаса цIуни гьабизе, ва сабруялда рукIине. КIванагIан хIаракат бахъизе ккола гьерсал рицунел, бокьа-бакьараб жо гьабулел церехъабаздаса. Церехъаби гурел, гьезда релълъарал гIадамаздасаги.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


Муфти дандчIвана хIафизгун

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди дандчӀвана, хирияб рамазан моцӀалъ таравихӀалъул каказда гӀахьаллъизе республикаялде вачӀун вукIарав машгьурав хӀафиз Сиратуллагь Рауповгун. Гьез бицана хирияб Къуръан малъиялъул, рекӀехъе лъазабиялъул къагIидабазул хIакъалъулъ.


МугIазие гьабураб насихIат

Аварагас ﷺ Йеменалде ритIана Абу Муса ал-АшгIарий ва МугIаз бину Жабал. Гьезие гьадинал малъа-хъваялги гьаруна:   «Нужеца гьезие бигьалъи гьабе, захIмалъи гьабуге, гьел гIагар гьаре, тIуризаруге, нуж кIиялгоги цоцазде адаб-хъатиралда рукIа ва цоцазда гьоркьоб хилиплъи ккеялдаса цIуне....


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIудиявго гIолев гьечIо       Дир вас кIудиявго гIолев гьечIо. Университет лъугIизабуниги маркаби ракIарулев вукIуна. Гьесул гьалмагълъи хIалтIул ва хъизам гьабиялъул пикрабазда ругониги, дир вас гIисинал лъималаз гьабулеб гьабулев вукIуна. Гьесда кIола маркаби хIалаго тIубараб къо инабизеги....


Муфтияталда хIасилал гьаруна

ДРялъул муфтиясул заместитель Насрулла Абубакаровасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна Къуръан рекIехъе лъазабиялъул централъул мугIалимзабаз. Гьениб бицана гъоркьиса гьабураб хIалтIул, ккарал хIасилазул хIакъалъулъ ва тIадчIей гьабуна исана церелъурал масъалаби...


Суал-жаваб

Чанго жаназа бугони, жаназаялъул как кин балеб?   Чанго хварав чи вугони, щивасдаса батӀа-батӀаго жаназаялъул как базе лъикӀаб буго, амма киназдасаго цо как бан тIубазабуниги щибго гьукъараб жо гьечIо. Амма щибалъе батӀа-батӀаго жаназаялъул как базе лъугьиналдалъун гӀемераб заманги бан...