Аслияб гьумералде

ТалихIаб хъизан

ТалихIаб хъизан

ТалихIаб хъизан

Хъизан ккола кидаго унеб букIунеб ва жинда хурхун гьабулелъулъ гIезегIан захIмалъаби дандчIвалеб нух. Гьелда тIад хIалтIи гьаби къотIизе тезе бегьуларо, тани - хадуб щвезе бугеб талихIалдаса махIрумлъизе рес буго. Хъизамалда гьоркьоб бугеб ишалъулъ гIадамазул букIуна батIи-батIияб хIалуцин ва дандеккунгутIаби. Цо-цо мехалъни абураб рагIи, гьабураб калам сабаблъун рачине бегьула дандеккунгутIиялде яги гьелъул гIаксалда, абураб рекIее гIун, цоцада гьоркьоб рокьи цIикIкIиналде.

 

Рехсей гьабила чанго рагIул, гьоркьоблъиялъе кумек гьабизе яги зарал гьабизе бегьулел:

  1. Дуца киданиги рокъоб къваригIараб, бихха-тараб къачIан щибго жо гьабуларо.

 Дур кумек гьечIого дида рокъосел хIалтIаби гьарун бажаруларо.

  1. Дуего бокьараб гьабе, щиб дица абуниги мун гIенеккуларевлъи лъала.

 Дие бокьула, щиб жо гьабизе батаниги, гьелъие нилъеца цадахъ ургъун хIукму гьабизе.

  1. Дие бокьун гьечIо мунгун кIалъазе.

Гьанже гIемер гъира бугеб хIал гьечIо, бегьулеб батани, рачIа дагьаб хадуб гьабизе.

  1. Щиб гьабулеб бугониги, дургун цадахъ гьабураб лъикI лъугьунаро.

 Гьабе гьитIинабго кумек, мун аскIов (й) вукIун (йикIун), дуца малъун гьабураб лъикI лъугьуна.

  1. Дуца гьеб ургъунгойищ гьабураб дир керен унтизелъун.

 Мекъи кколарев чи вукIунаро.

 Лъала гьеб тохлъукьего лъугьараб жо букIин, дуе бокьуларо дир ракI къварид гьабизе.

  1. Дуца абула мун гуревги (гурейги) рукIунин, дун гьечIони лъие мун къваригIун вугев (йигей) абун.

 Мун вуго (йиго) дие хIажатав (й), цогидазул кIвар гьечIо.

  1. Дуда дун киданиги вичIчIичIо (йичIчIичIо).

 РачIа цоцазда ричIчIизе хIаракат бахъизе. Дие бокьун буго, гьоркьоблъи лъикI букIине рекъелги гьабун, гьанжеялдасагIаги берцинаб къагIидалда рукIине.

  1. Дун витIарав (йитIарай) вуго (йиго), киданиги мекъи кколаро.

 ТIаса лъугьа, дун мекъи ккана.

  1. Дун хIалтIулев (й) вуго (йиго), квалквал гьабуге.

 Жакъа дир гIемераб хIалтIи буго. Щиб хIажат букIараб?

  1. Дуда аскIоб киданиги рекIее парахалъи букIунаро.

 Мун дие къиматав (й), хирияв (й), вокьулев (й) вуго (йиго), рачIа хиянат гьабунгутIизе.

Хъизан цIуни ва берцинаб гьоркьоблъи букIин мурад батани, рукIа цоцазе насихIатал гьарулеллъун, лъикIалде кантIизарулеллъун.

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...