Аслияб гьумералде

Лъалезда цIехе

Лъалезда цIехе

Лъалезда цIехе

Къуръан-хIадисилан гаргадула гIадамал. Гьел кIудиял рагIаби руго. Лъайго гьечIел гIадамал ахIулел руго цо-цояз Къуръан-хIадисазде, гIалимзабазул тафсиралги тун. БитIараб буго, Къуръан-хIадисалде гIадамал ахIизе ккола. Амма цере рукIарал гIалимзабаз гьезде ахIуларогойищ рукIарал? Яги имам ШафигI, имам Навави, имам Гъазали гIадинал гIалимзабаз гIадамал Къуръан-хIадисалде ахIуларогойищ рукIарал? Къосарал чагIаз питна гьабула ва гIадамал ахIула гьезие бокьухъе Къуръан-хIадис бичIчIизелъун. ГIалимзабазул къадру-къиматги хвезабула берци-берцинал харбалги рицун.

 

Цояз абула жал Къуръан-хIадисалда нахърилълъунилан, гьелъул кинаб бугониги бичIчIи гьечIонигицин. Цере рукIарал гIалимзабазда Къуръан-хIадис бичIчIуларогойищ букIараб? Масала, имам ШафигIиясда. ГIалимзабаз гьесул гIелму, варагI, такъва къабул гьабуна. Гьалцоязул щибха къабул гьабураб гIалимзабаз? Имам ШафигI гIараб мацIалъул хIужа вукIанин абуна гIалимзабаз. Щайин абуни, гьесда гIараб мацIалъул гъварилъи лъалеб букIиналъ ва гьес гьеб мацIалъул пасихIлъи лъазабуна 10 соналъ, цогидаб бакIалда хъвалеб буго 17 соналъиланги.

Гьес нилъее кьураб Къуръан-хIадисалъул баян загIипал, жагьилал нилъеца къабул гьабичIогойищ тезе кколеб? Имам ШафигI ккола дунялалъулго гIалимзабаз къабул гьавурав чи. Нилъеда тIадаб гьечIищ лъалезда нахърилълъине?

Нилъеца мазгьабалги, гьелъул имамзабиги, гIалимзабиги нахъчIвани, киса босизе бугеб Къуръан-хIадисалъул бичIчIи? Нилъеда бичIчIараб куцалъ яги къосаразда бичIчIараб куцалъ босизе ккелаха.

Цо нухалъ херай гIаданалъ шайихасда гьарула пуланаб хIукмуялъе жаваб кьеян. Шайихас гьелда гьикъула кинаб фатва дуе бокьун бугебилан, ай имам Маликил мазгьабалда рекъонищ яги Къуръан-хIадисалда рекъонищилан? Хералъ жаваб гьабула имам Маликил мазгьабалда рекъон кьеян. Щайгурелъул имам Маликида цIикIкIун лъалеб букIиндалха Къуръангун хIадис. 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абун буго: «Нужеца лъалезда гьикъе, нужедаго лъалеб батичIони», - ян. (Сура «НахIл», аят 43)

Имам АхIмад ибну ГIали Разица, гьаб аятги рехсон, абуна: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ лъаларезде амру гьабуна диналъул ахIкамазулъ гIалимзабазул калам къабул гьабеян. ХIакълъунго, гIадатиял гIадамаз (гIелму гьечIез, лъаларел чагIаз) гIалимзабазда гьикъизе ккола диналъул ахIкамал. («Ал-Фусул фил Усул», бутIа 3)

Имам Заркашияс «БахIрул МухIитI» абураб тIехьалда хъван буго: «Хилаф гьечIо лъай тIалаб гьаби фарзул кифаят букIиналда (цояз гьабуни цогидаздаса тIаса кколеб). Нилъеца гIалимзабазда нахърилълъине гьукъани, киназдаго гIелму тIалаб гьабизе тIалъулеб гьечIищ?»

Имам Заркашияс абун буго: «ГIабдуллагь ибну АхIмадица абунин жинца гьикъанин инсуда (АхIмад ибну ХIанбалида): «Аварагасул ﷺ рагIабазул тIахьал, асхIабзабазул ва табигIуназул хилафазул тIахьал руго. Амма пуланасда лъаларо кьучIаб ва загIипаб хIадис батIа бахъизе. Бегьулищ гьесие бокьараб босизеян? Инсуца жаваб кьола: «ГIалимзабазда гьикъун гурони щибго босизе бегьуларо», - ян.

Къази Абу ЯгIлаица абуна: «ГIалимзабазда нахърилълъине ва гьезда гьикъизе тIадаб буго Къуръан-хIадисалдасан». («БахIрул МухIитI», бутIа 8)

Ибну ХIажар Гьайтамияс абуна: «ГIалимзабазул рагIаби росизе тIадаб буго, щайгурелъул, гьел кколелъул гьаб умматалъул гIелмабазул бутIрул ва гьезги нилъее бищун лъикIаб тIаса бищулеб букIиналъе гIоло. Гьезда данде чIарав чиги ккола напсалда нахъвилълъарав», - ян. («Фатава ал-Фикъгьия ал-Кубра»)

Имам АхIмадица абуна: «Нахърилълъин (такълид) диналда жаниб гьечIилан дагIба балев чи Аллагьасдаги Аварагасдаги цеве ккола фасикъавлъун. Гьесул кIалдиса къватIибе бачIана суннат хвезаби  ва асхIабзабазул, табигIуназул асарал хвезари. Гьес дагIба балеб буго жиндирго пикруялда, бидгIа ва хилаф баккизабун. Мазгьабалги, дица рехсарал пикрабиги ккола Агьлу-сунна вал-жамагIат, жидецаги лъай нилъехъе щвезабурал. Гьел ккола жидеда божизе бегьулел имамзаби, ай ритIухъал ва нахърилълъине кколел. Гьел рукIинчIо бидгIаялъул рахъ ккураллъун. Гьел ккола нужеда цере рукIарал, нуж гьезда нахърилълъа, цIалде ва нужецаги малъе», - ян.

Аллагьас ﷻ гIалимзабазда нахърилълъине нилъее тавпикъ кьеги.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...