Аслияб гьумералде

ГIурхъи гьечIеб буго

ГIурхъи гьечIеб буго

Аллагьасул ﷻ цIоб-рахIмат буго Гьесул ﷻ нилъедехун бугеб сипатазул тIадегIанаб кинабго жанибе бачараб хасият. Къуръаналда абун буго (магIна): «Дир рахIмат кинабниги жоялде щвараб буго», - ян («АгIраф»). Гьеб рахIматги буго сундулъго: дунял бижулаго, аварагзаби ритIиялъулъ, мунагьал чуриялъулъ, Жиндир ﷻ рижиназде бугеб гурхIелазулъгун цогидалги рикIкIун хIал кIоларел пишабазулъ.

 

Киб рещтIинебали халгьабулареб

Аллагьас ﷻ Жиндаго абурал цIаразул цоял руго «Ар-РахIман», «Ар-РахIим» абун, Жиндир рахIмат кинабго бусурбанабгун капураб жоялде щвей гьабун баян гьабураб. Аварагас ﷺ абун буго: «Аллагьас ﷻ дунял-гIалам бижун лъугIидал, ГIаршалда хъван буго: «Унго-унгоги Дир рахIму цебе ккараб буго Дир ццималдаса», - ян (Бухари).

Къуръаналда буго (магIна): «… Аллагьасул ﷻ цIобалдаса хьул къотIуге, Аллагьасул ﷻ рахIму-цIобалдаса хьул къотIуларо капурал къавмазул гурони», - абун (сурату «Юсуф» 87 аят). Кин хьул къотIизе бегьулеб Аллагьасдаса ﷻ ва Гьесул нигIмат-цIобалдаса Гьев вукIаго, жив аллагьин лъугьарав пиргIавница тавбу гьабизе хиял гьабидал ЖабрагIил малаикас кIалъачIого вукIинелъун гьесул кIалдиб хIарщ речIчIун хадубцин гьелдаса разилъи гьечIолъи загьирлъарав вугин Гьевин цо-цо биценал рукIаго!

Аллагь ﷻ лъаялде рахарал вализабазгун шайихзабаз хасаб кIвар кьолеб буго Аллагьасул ﷻ рахIму-цIобалде, гьелъулъ рухIияб цебетIеялъе кIул бихьун.

Кинаб мунагь-хатIа жиндаса лъугьаниги гIезе ккола яхI, иман, гIакълу ракIбухIизе, хадубккун гьединаб жо лъугьине биччаларин абураб щулияб къасдгун тавбу гьабизе. Гьелде руссарал рокьула Аллагьасеги ﷻ.

Ибну ГIатIаиллагь ал-Искандарияс абун буго: «Аллагьасул ﷻ гурхӀел-рахӀму рещтIунаго гьоркьоб бугеб пардав гуребани, Гьесул ﷻ тIадегIанлъиялъул нуралъ махлукъат хӀуралде сверизабилаан. Амма Жиндирго ﷻ цIобалдалъун Гьес Живго загьир гьавуна (лагъзадерил) ракӀаз хӀехьезе кӀолеб къадаралда», - абун («Ал-ХIикам»). ГьедигIанги гIурхъи гьечIеб буго нилъеде рещтIунеб цIоб-рахIмат. Цоязул цIикIкIун, цогидазул дагь букIинги буго жиндилъ Аллагьасул ﷻ хасаб хIикмат бугеб жо.

Жунайдул Багъдадияс абуна: «Аллагьасул ﷻ рахIмат-цIоб релълъараб буго океаналда, лагъзадерил мунагьал - гьениб бугеб къатIраялда», - ян.

 

Кин тIалаб гьабилеб?

Аллагь ﷻ лъаялде щварал чIахIиял чагIаз бихьизабуна Аллагьасул ﷻ цIоб-рахIмат щвеялъе нухал.

Тавбу. Аллагьасе ﷻ рокьула тавбу гьабулел, мунагьаздаса руссунел лагъзал. Гьеб ккола унго-унголъун жанисан бачIине кколеб рекIел пашманлъи. Гьеб мехалъ ТӀадегӀанав Аллагьас къабул гьабула чиясул тавбу. ТӀадегӀанав Аллагьасул ﷻ кӀудияб рахӀмат буго гӀадамазе тавбу гьабизе, мунагьаздаса рацӀцӀалъизе рес кьейги.

Цогидаздехун гурхIел. Машгьураб хIадисалда буго: «ГурхIулезда ГурхIулевги (Аллагь) гурхIула», - абун. Сверухъ ругезда нилъ гурхIани, Къиямасеб къоялъ ТIадегIанав ﷻ нилъедаги гурхIула. (Тирмизи)

ГIемер Аллагь ﷻ рехсей, зикру бачин. БетIергьан ﷻ рехсеялда ва Гьесул рахIму-цIоб кIочонареб ракI пашманлъигун хьул къотIиялде кколаро.

Аллагьасул ﷻ цIоб-рахIмат гIурхъи гьечIеб буго. Гьелдаса бутIа камулареллъун хутIаги киналго бусурбаби.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...