Аслияб гьумералде

Квешал гIамалал

Квешал гIамалал

Квешал гIамалаздаса цIунизе ккани, гьел лъазе ккола. КIварабгIан гьездаса рикIкIалъизе хIаракатги бахъила.

МацI ккола бищун цIикIкIун мунагь гьабулеб лага. Гьелъие мунагь гьабизе цIакъ бигьагоги букIуна.

МацIалъухъ балагьун инсанасе загьиралда хIукму къотIула гьелъул бетIергьан бусурбанавищ яги капуравищ вугевин абун. Инсанасул мацI нахъгIунтIулареб жо цониги гьечIо.

Гьелъ Аллагьасулги Гьес бижараб махлукъаталъулги бицен гьабула. ГIемер кIалъайги какараб тIабигIат ккола.

ХIадисалда буго: «Инсанасул иман битIуларо гьесул ракI битIизегIан, гьесул ракIги битIуларо мацI битIизегIан», - абун. Цоги хирияб хIадисалда буго: «ГIадамал жужахIалда кIалагъоркье речIчIизарулел жал руго мацIалъ гьарурал мунагьал», - ян.

Квешлъи цIикIкIарабго гIадин, лъикIлъиги цIикIкIараб буго мацIалъул. МацIалъ шагьадат битIула, шагьадат битIиялъ капурчи бусурман гьавула.

Гьелъ Аллагь рехсола, Къуръан цIалула, ракIазул ругел мурадал загьир гьарула, исламги гIелмуги тIибитIизабула. Гьединлъидал гIакъилав чиясда тIадаб буго мацI, квешлъиялдасаги цIунун, лъикIлъиялде машгъул гьабизе.

Пайда гьечIеб каламалъ заман гIадада хвезабула. Заман гIадада хвезабиялдаса кIудияб балагьги гьечIо. Пайда босизе лъалев чиясе гIумруялъул щибаб лахIзат ккола жиндир багьа гьабун хIалкIолареб жавгьар.

ЛъикIаб жо гьабизе ресги букIаго, пайда гьечIеб каламалда заман хвезабиялдаса кIудияб дармил талихI къейги щибха букIинеб?

ХIадисалда буго: «Инсанасул исламалъул берциналъиялдасан ккола гьес кIвар, пайда гьечIеб жо рехун тей», - абун.

ЛъикIлъиялде ахIулел, лъикIаб жо яги лъикIал гIадамал реццун ахIулел назмаби, мавлидал шаргIалъ какарал гьечIо. ГIолохъабазул гьава-напс, шагьадат багъаризабулел кучIдул ахIи, хасго черх цебе лъурал ясаз кучIдул ахIи - гьеб хIарамабги буго, гьелъул халкъалъеги исламалъеги заралги буго.

КучIдул гIемер ахIи Къиямасеб къо гIагарлъиялъул гIаламатаздасан ккола. Къуръаналда абулеб буго кочIохъабазда нахърилълъунила къосарал гIадамал абун.

ХIадисалда буго: «Нужер цоясе ургьимес рецIалъги хьвердалъги цIейго лъикIаб буго, кечIалъ жаниса цIезегIан», - абун.

КъотIи гьабизе гIедегIине бегьуларо. КъотIи гьабун хадуб тIубазабизеги ккола, кьезе къотIи гьабураб жо кьураблъун букIуна. КъотIи тIубангутIиги мунапикъасул гIаламатаздасан ккола.

КIигьумерчилъи ккола цо чи кIиго тушманасда гьоркьов хIалтIи: гьасда аскIове ккараб мехалъ гьасие рекъараб бицун, досде аскIове ккараб мехалъ, досие рекъараб бицун. Гьесул мурадги букIуна кIиясдаго живго берцин вихьизавизе бокьи яги кIиясдаго гьоркьоб тушманлъи цIикIкIинаби. Гьебги мунапикълъи ккола.

МацIихъанасе букIунелдасаги кIиго нухалъ цIикIкIун мунагь букIуна кIигьумерчиясе. Щайин абуни, мацIихъан ккола цо рахъалдаса цогидасда жо бицунев чи, кIигьумерчи ккола кIиябго рахъалдасан хабар бицунев чи. ХIадисалда буго Къиямасеб къоялъ Аллагьасда аскIов бищун квешав чи кIигьумерчи кколилан.

Бадибе рецц бокьулев чиясе бадибе рецц гьабизе бегьуларо. Гьелъ гIужбуги, кIодолъиги, чIухIиги бижизабула, живго цIакъав чийилан ракIалдеги ккун, гьес гIибадаталъе цIакъ бахъи рехун тола.

Гьадинаб жо гьесие ккезе сабаблъун ккарав чиясеги гьесиего гIадаб хIакъ батула. Аварагасда цеве цо чияс цоги чи веццана. Гьеб мехалъ Аварагас абуна дуца гьев, кодоб нусги гьечIого, хъунилан.

Амма бадибе рецц гьабиялъ чIухIи, кIодолъи рекIелъ бижуларев, лъикIаб гIамалалъе тохлъуларев, дагьабги гъира-шавкъалда лъикIаб гIамал гьабизе цIакъ бахъулев чи веццизе бегьула, Аварагас цо- цо асхIабзаби реццулел рукIарал гIадин.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....