Аслияб гьумералде

Тасавуфалъул рукнаби

Тасавуфалъул рукнаби

Тасавуфалъул рукнаби

Гьаб дунялалъул рокъоб инсанас щибаб гьабулеб иш ва хIалтIи жиндир магIнаги гIиллаги, гьелъул маслихIатги бичIчIун, лъан гьабураб лъикIаб буго. Хасго гьеб беццараб букIуна шаригIаталъул къанунал ва тIадкъаял тIуразарулел ругони.

 

Иманалъулгун исламалъул рукнабиго гIадин, тасавуфалъулги руго рукнаби, жал камиялдалъун инсанасул гьабулеб иш щвалде щвечIеб ва мухIканлъи гьечIеблъун букIунеб.

Тасавуфалъул буго 6 рукну. ТIоцебесеб лъабго рукну ккола жиб гIемер гьабизе тIадаб: зикру, пикру ва устарасухъе ин. Хадуб - жал дагь гьаризе кколел: калам, квен ва макьу.

ТIоцебе цIикIкIинабизе лъикIаблъун бихьизабун буго зикру, ай Аллагь ﷻ рехсей. Инсанасул гIумру тIадбуссунаро. Заман цIикIкIун арабгIан гьабулеб гIибадат-гIамалги цIикIкIинабизе рекъола. Гьединлъидал Аллагь ﷻ рехсеялде хассаб кIвар кьезе рекъараб буго.

Пикру гьабиялъулги хассаб кIвар буго инсанасул гIумруялда жаниб. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ жив сундуе гIоло гьаб ракьалда вижун вугев ва кинабго сверухълъигун дуниял гIуцIун бугеб куцалъул пикру гьабидал, жеги лъикI бичIчIула Гьесул ﷻ ТIадегIанлъиги ХIалкIвейги.

Устарасухъе гIемер ин абураб жоялъул магIна кколаро, ракIалде ккараб мехалъ гьесухъе хьвади. Гьелъул магIна ккола, гьес малъухъе хьвади. Гьедин гьабиялда жаниб маслихIатги талихIги буго, ва гьелъул гIаксалда гьабуни, адаб теялдасан ккола. Кинго зияраталъе ин гьукъун гьечIелъул, рекъон гьабуни лъикIабги беццарабги букIина.

Дагь гьаризе кколел рукнабазул тIоцебесеб ккола кIалзул калам дагь гьаби. КIалалъ бицунелда хадуб халкквезе ккола, пайдаяб бицина яги вуцIцIун чIела.

Квен дагь гьаби ккола инсанасул черх сахлъиялда цIунулеб жо. Дагьабго ракъи лъаялъ гӀибадат гьабулеб мехалъ цӀикӀкӀун ракӀ буссинабизе кумек гьабула ва гьелъул гIаксалда, цӀикӀкӀун кванаялъ гIибадаталъе кIвахI бижизабула. Бокьа-бокьараб кванан ругони, тIаде рачIунел унтаби цIикIкIуна.

ЦIакъго кIвар бугездасан ккола макьу дагь гьаби ва хассго ригьда кьижи, радал рахъун лъикIаб гIамал гьабизе ниятгун реги. ГIемер кьижиялъ инсанасул сахлъиялъе кIудияб зарал гьабула. ТIадчIей гьабила кьижизе лъикIал гьечIел гIужазда кьижичIого чIеялда ва къайлулат гIадал, кьижизе лъикIаблъун бихьизабураб гIужалъ кьижиялда.

Бицаралъул пикруги гьабун хIалтIани, жив-живасе мунпагIатги пайдаги цIикIкIараблъун букIина.

 

МухIаммадхIажи АхIмадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...