Аслияб гьумералде

Ччутица ритIухъ гьавуна

Ччутица ритIухъ гьавуна

Ччутица ритIухъ гьавуна

Аварагасул ﷺ мугIжизатал гIемер руго. Гьезул бищун кIудияб Къуръан бугеблъи нилъеда лъала. ГIалимзабаз абула гьезул къадар гIага-шагарго лъабазарго бугилан.

 

ГIумар ибну ХатIабица бицана, Авараг ﷺ асхIабзабигун вугеб мехалъ, гIалхул гIарабияв вачIанин кодоб ччутги ккун. Сверухъ асхIабзаби рихьидал, гьезда гьикъула лъида сверухъ нуж ракIарун ругелилан? Аварагасда ﷺ сверухъ ракIарун ругин жаваб щведал, гьелги тункун, Аварагасда ﷺ цевеги вачIун абула: «Я МухIаммад, руччабазул мацIалда гьечIо дур мацIалда гIадин гIемераб гьереси. Дун хехлъанин абун диде гIайибчIвазе букIинчIебани, гIемерав чиги вохизавун, чIвалаан дица мун», - ян. ГIумарица абула, я Аллагьасул расул ﷺ, кьейин ихтияр гьев чIвазе. Амма Аварагас ﷺ абула: «Дуда лъаларищ хIелмуялъ инсан авараглъиялде гIагар гьавулевлъи?» - ян.

Амма гIалхул гIарабияв гIодове виччачIо ва, Аварагасда ﷺ цебе ччутги лъун, абула: «Хъанчазул цIараздалъун гьедула, дуда божуларо гьаб ччут кIалъан дуе нугIлъи гьабизегIан», - ян. ГIалхул гIарабиясе абизе бокьун букIана ччуталъ нугIлъи гьабуларебго гIадин дицаги гьабизе гьечIин. Ччут кIалъалареблъи нилъеда лъала, амма Аллагьасе ﷻ бокьани бокьараб жо кIалъала.

Гьеб мехалъ Аварагас ﷺ ччутида абула: «Я ччут», - ян. Гьелъ жаваб гьабула: «ГIин тIамун буго, я Аллагьасул расул ﷺ», - ян. Аварагас ﷺ гьикъула: «Дуца лъие гIибадат гьабулеб?» - ян. Гьелъ жаваб гьабула: «Дица гIибадат гьабула зодоб ГIарш, ракьалда тIадегIанлъи, рахIму Алжаналъул агьлуялъе ва гIазабги жужахIалъул агьлуялъе бугесе», - ян. Хадубги Аварагас ﷺ цIехола жив щивилан? Гьелъ абула: «Мун Аллагьасул расул ва аварагзабазул хатам вуго. ТалихI буго дуда божарасе ва талихIкъей буго божичIесе», - ян. Гьеб мехалъ гIалхул гIарабияс шагьадат битIула, Аллагьги Аварагги ритIухъ гьарула. Дун духъе вачIине вукIана ва дудаса вокьуларев чи гьаб дунялалда дие вукIинчIо. Гьанже абуни дудаса вокьуларев чи гьечIо дие гьаб дунялалда».

Гьаб лъугьа-бахъиналъ баян гьабула Аллагьас ﷻ кин чи тIовитIулевали. ТIубанго купруялда, жагьиллъиялда вукIарав чи хисула, ай Аллагьасда ва Аварагасда иман лъола.

Гьенибго загьирлъана Аварагасул ﷺ мугIжизатги. МугIжизат Аллагьас ﷻ аварагзабазе кьола гьезул авараглъи ритIухъ гьабизе. ГIадатиял жал гьеб мугIжизаталъ хвезарула, масала, ччутилгун ккараб къисаялда. Ччут хIакъикъаталда кIалъаларо, амма Аллагьас ﷻ гьеб кIалъазабуна.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...