Аслияб гьумералде

Тафсиралъул имам

Тафсиралъул имам

Къуръаналъул тафсир гьабулел гIалимзаби гIемерал руго. Гьез мухIканго баян гьабун кьола Къуръаналъул тафсир. Гьединал гIалимзабаздасан вукIана имам КъуртIубиги. Гьесул буго тафсиралъул «Къуръанул гIазим» абураб тIехь. ТIолабго дунялалъул бусурбабаз гьелдаса пайда босула.

 

Имам КъуртIубиясул хIакъикъияб цIар ккола Абу ГIабдуллагь МухIаммад ибну АхIмад ал-КъуртIуби. Гьев гьавуна Кордобаялда, гьанжесеб Испаниялда, 1204 (гьижрияб 600 сон) соналъ. ГьитIинаб къоялдаса байбихьун цIалана батIи-батIиял гIелмаби, рекIехъе лъазабуна хирияб Къуръан.

Имам КъуртIубияс цIалана исламияб къанун (фикъгьи), Къуръан, хIадисал ва риторика. Испаниялъул Кордоба ва цогидал бусурбабазул шагьарал насраниязда гъоркье ккедал, имам КъуртIуби гочана Мисриялъул Александрия абураб шагьаралде ва гьениб цIали байбихьула.

 

Имамасул цIали

Испаниялдаса Мисриялде имам КъуртIуби нахъе иналъе гIилла тарихалъ баян гьабичIо, амма вукIинесев хIадисалъул гIалимчи ва Къуръаналъул тафсирчи гьениве гIелму тIалаб гьабизе ун вукIин хIакъаб буго. Щайин абуни имамасул кутакаб гъира букIана исламияб гIелму тIалаб гьабизе.

 

КъуртIубиясул мугIалимзаби

Имамас гIумруялъул гIемерисеб заман Мисриялда баниги, гIелму цIализе байбихьана Кордобаялда, гьениб гьесие щвана гIемераб лъаялъул бечелъи. Имам КъуртIубиясул андалусазул мугIалимзабазда гьоркьоса рукIана:

  1. Къуръан цIалиялъул махщел бугев Кордобаялдаса гIалимчи ибн Аби ХIужа. Гьесдасан КъуртIубияс лъазабуна Къуръаналъул батIи-батIияб анкьго къираат.
  2. Кордобалдаса къади ибн Убай. Гьесдасан КъуртIубие щвана хIадисалъул гIелму.

 

Мисриялъул мугIалимзаби

  1. Кордобалдаса Абул ГIаббас ал-КъуртIуби, гьитIинаб мехалъ эменгун цадахъ Андалусия тун уна. Маккаялда, Мадинаялда ва цогидал бакIазда гIелмуги щун, Александрия абураб бакIалда чIей гьабула ва гьениса байбихьулана дарсал кьезе. Гьев вукIана Маликил мазгьабалда нахъвилълъарав чи. Нилъеца рехсолев имамги гьеб мазгьабалда нахъвилълъарав вукIана.
  2. Абу МухIаммад ГIабдул-Вагьаб ибн Раваж – факъигь ва мугьадис, имам Маликли мазгьабалъул гIалимчи.
  3. Ибну Жуммайзи – Къуръаналъул хIафиз. Гьев вукIана фикъгьиялъул цевехъан, хIадисазул, гIараб грамматикаялъул, Къуръан цIалиялъул къагIидабазул махщелчи.
  4. ХIасан ал-Бакри – гIалим ва мухIадис.

 

Имам КъуртIубиясул тIабигIат

Бусурбабазул тарихчагIаз имам КъуртIуби ТIадегIанав Аллагьасукьа ﷻ хIинкъулев ва дунял тарав чилъун рикIкIана. Гьеб баян гьабуна ибну ФархIуница жиндирго мазгьабалъул гIалимзабазул таржама хъвалеб мехалъ гьав имамасул цIарги рехсон: «Гьев вукIана Аллагьасул ритIухъал лагъзадерил, Аллагь ﷻ лъалел гIалимзабазул цояв, дунялдаса ватIалъарав, ахираталда жидее кумек гьабизе бугеб жоялда машгъуллъарав. Гьес заман бикьун букIана гIелму лъазабиялде, гIибадаталде ва тIахьал хъваялде. Цо гурони ретIел ретIунароан, ботIрода тIакъияги букIана...».

 

Имам КъуртIубиясул тIахьал

Исламалъул лъай щведал КъуртIубияс данде гьаруна исламияб гIелмуялъул батIи-батIиял тIахьал. Гьес хъвана «Тазкира фи АхIвалил Мавта ва Умурил Ахират» абураб тIехь. Гьениб рехсана Къиямасеб къоялъ гьабизе бугеб кIалгьикъи, ахираталъул хIакъалъулъ, хваралдаса хадуб инсанасул букIунеб хIалалъул, гьединго, алжаналъул ва жужахIалъул.

- «Ат-Тазкар фи Афзалил Азкар» – Къуръаналъул хиралъи бицунеб 40 бутIа рехсана.

- «Китабул Асна фи Асмаи Ллагьил ХIусна» – Аллагьасул берцинал цIарал бицунеб тIехь.

ГIаммаб куцалъ имам КъуртIубияс хъвана 13 тIехь, гьезул цо-цоял басмаялда рахъун руго, цогидал гьечIо.

Киналго асаразда гьоркьоса бищунго машгьураблъун рикIкIуна Къуръаналъул тафсир. Гьелда абула «Тафсирул КъуртIуби» абунги. Гьеб тафсир гIуцIун буго 12 томалдаса.

 

Имамасул ахирисел къоял

ГIадамазе исламиял гIелмаби малъиялъе ва къиматал тIахьал гIуцIиялъе тIолабго гIумру кьурав имам КъуртIубияс дунял тана 1273 соналда (гьижрияб 671 соналъ) ва жиндирго БетIергьанасул рахIматалде ана.

Мунати Бану ХIасиб росулъ ана гьесул гIумруялъул ахирисел къоял. Гьениб буго гьесул баракатаб хобги.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


Ният халгьабун…

Къокъаб, амма магIна гъваридаб аби буго: «РакIбацIцIалъиялъ, ай ихласалъ гIажаибал жал гьарула», - ян абураб. Гьел рагIабаз мухIканго загьир гьабула муъминчиясул гIумруялъул аслияб магIна. Ахир-къадги исламалда бокьараб гIамалалъе къимат гьабула гьелъул сипат-сураталдалъун яги кIодолъиялдалъун...


КIудияб гIидалъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу, хириял диналъул вацал ва яцал!   РакI-ракIалъ баркула нужеда тIаде щвараб Къурбаналъул байрам. Гьеб баракатаб къоялъ нилъеца кидаго ракIалде щвезабула Ибрагьим аварагасул тIадегIанаб мисал, гьесул ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ букIараб...


Анищ тIубана

ДРялъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъ гӀахьаллъи гьабуна «Кумек» абураб бизнес-клуб рагьулеб мехалда тӀобитӀараб ва «Инсан» фондалъ гӀуцӀараб «Шкатулка желаний» абураб тадбиралда. Гьеб акция тIобитIулеб заманалда лъим кIанцIиялдалъун зарал ккараб...


ЧIор речIчIиялъул турнир

ГӀахвахъ районалъул гӀадамазда гьоркьоб «Лучник» клубалда тIобитIана чIор речIчIиялъул турнир.  Турниралъул хӀурматиял гьалбаллъун рукӀана МахӀачхъалаялъул централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултанов, Шамсудин Шамсудинов - ГӀахьвахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель ва «ГIахьвахъ...


Дилималда тӀобитӀана данделъи

Казбек районалъул Дилим росулъ тӀобитӀана районалъул диниял вакилзабазул данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна «Ас-салам» газеталъул, лъай кьеялъул управлениялъул, «Инсан» фондалъул, районалъул гӀолилазул жамгӀияб гӀуцӀиялъул хIаракатчагIазги. Тадбир рагьана хирияб Къуръан...