Аслияб гьумералде

Хабал гIазабалдаса цIунизе

Хабал гIазабалдаса цIунизе

Хабал гIазабалдаса цIунизе

ТIадегIанав Аллагьас нилъер гIамалал хъвазе тарал малаикзаби руго. ЛъикIаб гIамал батани, кваранаб рахъалда вугев малаикас хъвала, квешаб гIамал батани, квегIаб рахъалда вугес хъвала. Къиямасеб къо щведал щивас гьабураб гIамалалъухъ чара гьечIого жавабги кьола. Хабалъ букIунеб нилъер ахIвал-хIал гIамалазда бан букIуна. ЛъикIал гIамалазухъ кири щвела, квешаб гIамалалъухъ тамихI букIина.

 

Киназулго суал букIуна хабал гIазабалдаса кин цIунилел абураб. КIудиял гIалимзабаз ва гIакъилзабаз абуна хабал гIазабалдаса цIунизе ккани ункъо жо гьабизе ва ункъо жо тезе кколин абун.

 

Гьабизе кколеб ункъо жо

  1. Щибаб как заманалда бала. Как ккола нилъер диналъул хIуби ва черхалъ гьабулеб бищун лъикIаб гIибадат. Какалъ нилъер мунагьал чурула, квешлъиялдаса цIунула ва Алжаналде рачуна. Анасидасан бицараб хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялъ лагъасда тIоцебе цIехола какалъул. Гьелъул иш лъикI бугони, цогидал гIамалазул ишги лъикI букIуна. Амма какил иш квеш бугони, цогидал гIамалазул ишги квеш букIуна», - ян (ТIабарани).
  2. Садакъа кьей. Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Садакъаялъ бечелъи дагьлъизабуларо», - ян (имам Муслим). ТIадегIанав Аллагьас ﷻ дунялалдаго кири кьола мискинчиясе кумек гьабураб мехалъ, боцIуда баракат лъола яги гьелъухъ ахираталда кири кьола.
  3. Къуръан цIали. Абу Умамаца бицараб хIадисалда буго: «Дида рагIана Аварагас ﷺ абулеб: «Нужеца Къуръан цIале, хIакълъунго, гьеб Къиямасеб къоялъ цIаларазе шафигIлъун вачIуна», - ян (имам Муслим).
  4. ТасбихI гIемер рехсей. Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «КIиго рагIи буго Аллагьасе ﷻ бокьулеб, жал абизе бигьаял ва цIадирабазда бакIал: «СубхIанаЛлагьи вабихIамдигьи, СубхIанаЛлагьил гIазим».

 

РикIкIалъизе кколеб ункъо жо 

  1. Гьереси бицин. Ибну МасгIудица бицараб хIадисалда буго: «РитIухълъиялъ лъикIлъиялде рачуна ва лъикIлъиялъ Алжаналдеги рачуна. Чияс битIараб бицуна гьесул цIар ритIухъав вугин абун хъвазегIан. ХIакълъунго, гьересиялъ мунагьалде рачуна ва мунагьалъ жужахIалде рехула. Чияс кидаго гьереси бицуна гьесул цIар гьерсихъан абун хъвазегIан», - ян (Бухари ва Муслим).
  2. Гукки. Ункъо хаслъи жиндилъ бугев чи вацIцIадав мунапикъ ккола. Гьезул цояб хаслъи жиндилъ бугев чи гьеб тезегIан мунапикълъиялъул хаслъи бугевлъун вукIуна. Божилъи гьабураб мехалъ хиянат гьабула, бицунеб мехалъ гьереси бицуна, къотIи гьабураб мехалъ гуккула ва дагIба ккедал гIунгутIаби рехсола.
  3. МацIихъан. ХIузайфатидасан бицараб хIадисалда буго: «МацIихъан Алжаналде лъугьунаро», - ян (Бухари ва Муслим).
  4. КIващул тIираби. Хабалъ гIемерисеб гIазаб букIуна кIващул тIираби сабаблъун. Ибну ГIаббасидасан бицараб хIадисалда буго: «КIиго чиясул хабалазда аскIосан унаго Аварагас ﷺ абунила, чIахIиял мунагьал сабаблъун гурин гьазие гIазаб кьолеб бугеб, гIазаб кьолеб бугин цояв мацIихъан вукIун, цогидас кIващул тIирабаздаса цIуни гьабулеб букIинчIеблъиялда бан», - ян (Бухари ва Муслим).

Нилъее рекъараб буго ункъо жоялда тIадчIезе ва ункъо жоялдаса цIуни гьабизе.

 

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...