Аслияб гьумералде

ЦIалеян амру гьабураб

ЦIалеян амру гьабураб

ЦIалеян амру гьабураб

Ахирисеб «АттахIийяту» цIалун ва «Кама саллайта» битIун хадуб, салам кьелалде цебе, цIализе суннатлъула гьаб дугIа.

 

«Аллагьумагъфир ли ма къаддамту ва ма аххарту ва ма асрарту ва ма агIланту ва ма асрафту ва ма анта агIламу бигьи минни анталь мукъаддиму ва анталь муаххиру ла илагьа илла анта астагъфирука ва атубу илайка».

МагIна: «Я дир Аллагь, Дуца дир церехун гьаруралги хадур гьаризе ругелги мунагьал чуре, балъго гьаруралги, тIатун гьаруралги чуре, гIорхъолъа борчIун исрап гьабурабги чуре, дида лъалареб, Дуда жиб лъалебги чуре, Мун Дуе бокьарав цеве ккезабулев (тIадегIан гьабулев), Дуе бокьараб нахъе ккезабулев (гIодобегIан гьабулев) вуго. Мун гурони лагълъи гьабизе щивго ватун гьечIо, дир мунагьал чуреянги гьарула дица Дуда, дун Дудехунги вуссуна (тавбу гьабун)».

Хадубги абила: «Я мукъаллибал къулуби саббит къалби гIала диника».

МагIна: «Я Жиндие бокьухъе ракIал сверизарулев Аллагь, Дуца дир ракI дур диналда чIезабе».

Хадубги абила: «Аллагьумма инни заламту нафси зулман касиран кабиран ва ла ягъфиру ззунуба илла анта фагъфир ли иннака анталь гъафуру ррахIим».

МагIна: «Я дир Аллагь, дица дирго напсалъе гIемераб, кIудияб зулму гьабуна. Мунагьалги Дуца гурого чуруларо, Дуца Дудаго аскIосан (Дур рахъалдасан) дир мунагьал чуре, Мун дидаги гурхIа, Мун цIакъ гурхIулев вуго».

Хадубги абила: «Аллагьумма инни агIузу бика мин гIазаби жагьаннама ва мин гIазабиль къабри ва мин фитнатиль масихIи ддажжал».

МагIна: «Я дир Аллагь, дица Дудалъун цIуни тIалаб гьабула жужахIалъул гIазабалдасаги, хабал гIазабалдасаги, хвалилгун чIаголъиялъул питнаялдасаги, масихI дажалил питнаялдасаги».

Гьаб ахирисеб дугIа цIакъ кIвар цIикIкIараб ккола. Гьеб цIалеян кьучIаб хIадисалда амруги бачIана. ТIадеги, батIаго как балев чиясги, имамасда хадув вугесги, гьес салам кьун хадубги, дугIаби цIикIкIинаризе бегьула. «АттахIийятуялъул» ахиралда дугIа гьабичIого тезе карагьатаб буго. КIиго ракагIаталъ имамасдаса кватIун как бухьарав маъмумас тIоцебесеб «АттахIийят» цIалун хадубги вуцIцIун чIечIого «Кама ссалайта», гьелда хадуб гьарулел дугIаби цIализе суннатал руго.

 

АрсангIали ГIумаров

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....