Аслияб гьумералде

ГьитIинаб лъикIлъиялъул кIудияб пихъ

ГьитIинаб лъикIлъиялъул кIудияб пихъ

 

Бакъ щвараб ихдалил къо букIана. Институталдаса рокъоре унел рукIана студентал. Гьезда гьоркьоса кIигояй, нухда батараб тиралдеги ун, гьениб кIудияб расанкIоги бергьун, ракI разиго унел рукIана.

 

Цо лахIзаталъ гьезул берчIвала скамейкаялда кIусарай ясалда. Гьелъул цIакъ берцинаб, амма гьими тIагIараб, нур свараб гьумералъ бицунеб букIана гьитIинго къварилъиялъул тIагIам чIамизе ккун букIин. Гьел ясалде аскIоре уна, салам кьола, цIар гьикъула. Амма ясалъ жаваб кьоларо. Гьез цIехола ккараб-тараб жо бугищин абун. Гьеб мехалдаги ясалъ жаваб кьоларо. Цояб рахъалдеги ялагьун, жиндирго пашманал пикрабазда йикIуна гьей. «Гьание балагье, гьаб берцинаб расанкIо бихьулищ? Гьанже гьаб дур буго, дуца гьалъие цIарги кье ва дуего ракIгъеялъе букIине аскIобги те», - янги абун, гьудулзабазул цоялъ расанкIо ясалъухъе кьола. Гьелъ гьеб босула, гьимула ва гьезие баркала кьола.

Дагьав рикIкIад чIун, телефоналдасан кIалъалев вукIарав гьей ясалъул эмен, бугелъуб бугебги тун, векерун вачIуна ва кодое ясги ячун, вохун абула: «Дир яс, цоги нухалъ абе! Цоги нухалъ абе!» - ян. Ясалъ абула баркалайилан. Щибго бичIчIичIел студенткаби гIажаиблъун рукIуна. Цинги инсуца бицуна гьалъул эбел хваралдаса лъагIел анин ва гьей нижедаса ятIалъаралдаса нахъе, гьаб къо щвезегIан, дир ясалъ цохIо рагIицин абун букIинчIин.

Гьаб буго цо мисал, цоцазе кигIанги гьитIинаб лъикIлъи гьабиялъ кьезе рес бугеб кIудияб пихъ баян гьабулеб.

Нилъер заманалда халлъулеб буго, гIемерисел гIадамал жидерго гуреб ургъел гьабиларин чIун рукIин. Цоцазе кумек гьаби тIагIунеб буго. Умумулъанго рачIарал лъикIал гIадатал кIочонел руго. Исламалъ киса-кибего ахIи балеб бугеб вацлъи гьоркьоса бортулеб буго.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Муъминзабазул цоцазда гьоркьоб бугеб рокьиялъул ва рахIмуялъул мисал, цо черхалъул мисал буго. Гьелъул цо лага унтани, тIолабго черхалда сири бала ва макьу тIагIуна». (Бухари, Муслим)

Мадинаялде гьижра гьабун щведал, тIоцебесеб иргаялда, Аварагас ﷺ, Маккаялдаса рачIарал мугьажираздаги Мадинаялъул агьлу-ансараздаги гьоркьоб вацлъи лъазабуна ва гьел цолъиялъе мажгит бана. Щайха жакъасел бусурбабазул ракIал согIлъулел ругел? Щай Аварагасул ﷺ ахIиялъе жавабги гьабун, цоцазда гьоркьоб гьуинлъи чIезабулареб? Цоцазе кумек гьабун, ккаразул хIажатал тIуран, щай Алжан босулареб?

Къуръаналда абун буго (магIна): «ЛъикIлъи гьабуразе бищунго лъикIаб жо (Алжан) хIадур гьабун буго ва гьезие жеги цIикIкIинабизеги буго (Аллагь вихьизе рес кьезе буго)» (Юнус, 20 аят).

КIолагури нилъеда, кIварас кIвараб кумек цоцазе гьабиялдалъун, къваридасе берцинаб рагIи бицун, гьесул пашманлъи борхиялдалъун, диналъул вацасе гьимиялдалъун, гьоркьоблъи берцинго цIуниялдалъун рикIкIен гьечIеб кири босизе. ЗагIипал нилъехъа дагьабниги бажаризецин бажарулареб, гIемераб гIибадаталъухъцин щвечIого букIине рес бугеб Аллагь разилъи щвезеги, Гьесул рокьулел лагъзаллъун рукIинеги рес буго, гьеб рес хIалтIизабизе лъани.

Къуръаналда Аллагьас абун буго (магIна): «Нужеца лъикIлъи гьабе, Аллагьасе лъикIлъи гьабулел чагIи рокьула». («Бакъара», аят 195)

ХIадисалда буго: «ГIадамазул бищун лъикIал – бищун пайда цIикIкIарал руго. Бищун Аллагьасе бокьулеб гIамалги – бусурбанчи вохизави, гьесда тIаса захIмалъи боси, налъи тIаса лъугьун тей ва вакъарав кваназави буго. Диналъул вацасул хIажат тIубазе ин Дие хирияб буго, гьаб Дир мажгиталда моцIалъ игIтикаф гьабиялдаса». (ТIабарани)

Нилъеда киназдаго лъала, кин Аллагьасул Расул ﷺ гIумруялъго умматалъул ургъалида вукIаравали. РачIа нилъецаги ният гьабилин, жакъаялдаса нахъе нилъер гIамалал рихьидал хирияв Авараг ﷺ вохизе, нилъеца диналъул вац-яцазе кIвараб кумек гьабилин, гьоркьоблъи берцинго цIунилин, эбел-эмен кIодо гьарилин, лъимал рохизарилин, мадугьалзабигун берцин рукIинин, барщаралгун рекъелин, квешлъи гьабурасе данде лъикIлъи гьабилин, щибаб жо суннаталда борцини.

КIвараб лъикIлъи гьабе, диналъул вацал ва яцал, ракIбацIцIадго, Аллагьасе гIоло. Кинаб гIамалалъулъ хвасарлъи батилебали нилъеда лъаларо. КIудиял садакъаби кьейги, гIемераб мал хвезабиги шартI гуро. ХIадисалда буго: «Берцинаб рагIиги садакъа ккола», - ян. Жиндалъун нафсалъе чIухIи щолеб кIудияб гIамалалдаса, гьитIинаб жоянцин кколареб гIамал хирияб буго. Гьабурабщиналъул жазаги Аллагьасда кодоб буго, гIадамазул гьечIеб баркалаялъ яги гьез гьабураб квешлъиялъ нилъ лъикIлъи гьабиялдаса нахъчIвазе кколаро. Щивасе цIадираби лъезе руго, мискъала заррагIанасебги лъикIлъи ва квешлъи цIазеги буго.

 

 

Хадижат Хизриева

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...