Аслияб гьумералде

Умматалъул моцI

Умматалъул моцI

Умматалъул моцI

Киналго моцIазда гьоркьоса инсанияталъе тIалаб гьабураб ккола баракатаб шагьру-рамазан, жинда жаниб иман лъураб агьлуялъ къад къоялъул заман кIал ккун тIамулеб, къаси мехалъул бецIлъи сардилъ гIибадат гьабун гвангъизабулеб.

 

КIудияб кириги щолеб, кIвар бугеб хIикматги жиделъ бугел гIибадатал жинда жанир гьарулеб гьеб баракатаб моцIлъун букIине ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса бищана шагьру-рамазан.

«Рамазан моцI тIаде щведал алжаналъул нуцIби рагьула, жужахIалъул къала, рахсаца щайтIаби рухьуна. Аллагьасул ﷻ рахъалдаса хитIаб гьабизе чиги тIамула: «Ле, лъикIлъи тIалаб гьабулев чи, гьанже хIаракат бахъе лъикIлъи гьабизе!...», - ян (Тирмизи). РахIматазулги нигIматазулги гIорлъун нилъее щвараблъун ккола рамазан моцI.

Цогидал моцIазде данде ккун рамазан моцIалъ гьабураб квешлъиялъул гIазаб-гIакъуба цIикIкIунебго гIадин, гьабураб лъикIлъиялъул кири-даражаги цIикIкIунилан буго.

Аварагас ﷺ абунин бицунеб буго: «Рамазан моцIалъ гIелмуялъул мажлисалде вачIунев чиясе щибаб гали рикIкIун лъагIалица гьабураб гIибадаталъул кири хъвала ва гьев чи къиямасеб къоялъ ГIаршалъул рагIдукь дунгун цадахъги вукIуна. Гьаб моцIалъ жамагIат гьабун какал раялда гIахьаллъулесеги щибаб ракагIат рикIкIун алжаналъул нуралъул шагьар бала, гьеб моцIалъ эбел-эмен рази гьарун, гьезие мутIигIлъун, квер гIунтIулеб жоялдалъун гьезие лъикIлъи гьабулев чиясухъ, щив гьев вукIаниги, ТIадегIанав Аллагь ﷻ рахIматалдалъун балагьула, гьеб моцIалъ рос рази гьавурай чIужугIаданалъе, Марямие, Асиятие кьураб гIадинаб кири кьола, гьеб моцIалъ лъица букIаниги лъимал гIемерав мискинчиясе садакъа кьуни ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие аза-азар лъикIлъи хъвала ва гьесдаса аза-азар квешлъиги батIа гьабула, аза-азар гьесул даражаги тIадегIан гьабула», - ян. Гьеб хIалалда, щиб лъикIлъи нилъеца гьабуниги, Къуръан цIали, Аварагасде ﷺ свалат битIи, таравихIазул каказде хьвади, цоцадаса тIаса лъугьин, диналъул гьуинаб калам гьаби букIа, нилъеца гьабурабщинаб лъикIаб гIамалалъул кириги даражаги цIикIкIинабула ТIадегIанав Аллагьас.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ дунялалда кваназе квенги камун течIого, кIал биччалеб гIужалда нилъ рохизарулелго гIадин, Гьев разилъиялдалъунги Гьев вихьиялдалъунги ахираталдаги рохизареги. Амин!

 

МухтарахIмад МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...