Аслияб гьумералде

Гьекъолдиялъул балагь

Гьекъолдиялъул балагь

Бищун кIудияб - диналъе зарал

Мехтелги, хIаялги, хъанчалги, чIоралги цадахъ руго Аллагьас Къуръаналда рехсон. Щайин абуни, мехтел хъанчазда хадубго гъураб кIудияб мунагь букIун.

Жинда Аллагь разилъаяв ибну ГIаббасица бицун буго: «Мехтизарулеб жо гьукъун аят рещтIиндал асхIабзабаз цоцахъе хьвадун бицунеб букIана: «Аллагьас хамрги гьукъана, ширкалда бащадги гьабуна», - ян. ГIададайищ асхIабзабаз гьедин абулеб букIараб гьеб квешаб букIинчIебани. ЦIуне, вацал, нужерго дин, черх, къадру, агьлу, магIишат, сахлъи.

Хириял асхIабзабазда гьоркьоб бахIс ккун буго мунагьазул бищун кIудияб кинаб бугебин абураб суалалда тIасан. РагIиги данде ккечIого, гьез суал битIун буго ГIабдуллагь бину ГIумарихъе. Гьес абун буго гьеб мехтел гьекъей бугин. Гьелъие далилалъе рехсон буго гьадинаб къиса, жибги Аварагас ﷺ бицун букIараб. «Цебе заманалда вукIана цо хан.

Гьес цо чиясе шартI лъун буго гьал хадур рехсарал мунагьазул цояб гьабеян: чи чIвай, зина гьаби, болъонил гьан кванай ва чIагIа гьекъей. Цоябниги гьабичIони живгоги чIвазе. Гьасги бищун бигьаяблъунги бихьун, чIагIа гьекъон буго. Цинги мехтарав гьес чиги чIван вуго, зинаги гьабун буго, болъонил гьанги кванан буго».

Муслимица бицун буго Аллагь разилъаяв Джабирица бицараб хIадис: «Аллагьас гьабураб къотIи буго хамру гьекъеялда тIадчIей гьабурав чиясда «ТIинатульхабал» гьекъезабизе буго», - ян. АсхIабзабаз гьикъула гьеб щиб кколебилан абун. Цинги Аварагас ﷺ абула: «Гьеб буго жужахIалъул агьлуялдаса Аллагьас бецIцIизабулеб хьвердги, биги, гIетIги», - ян.

Цо-цояз батIи-батIиял багьанаби ратун тола, ай сахлъи гьечIин, гIарац гIоларогойин абурал. Амма бегьулебани гьекъелаанин абураб хиялги ракIалде ккун. Гьесиеги хIинкъи гьечIищха? Сахлъиги ресги щванани гьекъезехъин бугогурищ? Щибха гьабилеб? Тавбу гьабила, гьебги тун, ракIги бухIун, тIокIаб гьекъеларин хивалги гьабун. Аллагь разилъаяв имам АхIмадица «Муснад» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Жинда Аллагь разилъаяв Абу Гьурайратица абуна: «Жинда Аллагьасул свалат-салам лъеяв Аварагас абун буго: «Хамруялда даимав чи хъанчие лагълъи гьабулесда релълъун вуго», - ян.

Дагьаб-макъаб гьекъон толин абулезеги жаваб хIадисалда буго: «ГIемер гьекъон мехтулеб жо дагьабги хIарамаб буго», - ян. Цоги хIадисалда буго: «Щив чи вугониги хамруги гьекъон, гьелъги мехтичIев, Аллагь гьесдаса кIикъого къоялъ вуссуна», - ян. Аллагьасул рахIматалдаса махIрумлъулев вуго кIикъого къоялъ. Гьедин хвани, гьев рахIматалъул малаикзабиги аскIоре щвечIого холев вуго, ахир мекъи ккеялда хIинкъиялда. ХIисаб гьабе, вацал.

Хадубги добго хIадисалда буго: «Гьебги гьекъон мехтарав чиясул я какал я кIалал Аллагьас къабул гьаруларо кIикъого сордо-къоялъ. Гьедин мехтун гьев хвани, хъанчие лагълъи гьабулаго хварав гIадин вукIина», - абун. Гьалдаса хадубги сунда мугъчIвайги гьабун гьекъелеб?

«ЦIогьорас цIогь гьабиларо иманалдаги вукIун, зиначияс зина гьабиларо иманалдаги вукIун ва хамруги гьекъеларо иманалдаги вукIун», - ян абулеб буго Абу Гьурайратица бицараб хIадисалда.

Цояс абула метер телин, анкьидаса телин абун. Гьединасухъ Малакул Мавтас гьабураб къотIийищ бугеб гьеб тезегIан чIаго телин абураб? Хьул халат гьабуни мунагьал гIемерлъула. Къокъ гьаре хьулал, гьабе тавбу, те квешлъи, русса Аллагьасде. Тавбу гьабурав чи, кинав вугониги, кигIан гIемерал мунагьал ругониги Аллагьас къабул гьавула. Аллагь гурхIулев вуго гьарун вачIарав лагъасда.

МУХIАММАД НУРМУХIАММАДОВ, ГIАХЬАЛЧIИ РОСДАЛ ИМАМ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...