Аслияб гьумералде

ГIашура къоялъул хиралъи

ГIашура къоялъул хиралъи

ТIадегIанав Аллагьас , нилъ кигIан мустахIикъал гьечIониги, нилъее кьун руго гIемерал нигIматал. Гьездасан ккола тIагIатгIибадаталъул кири жиделъ цIикIкIунел хириял гIужал. Гьел гIужазул бищун нилъеца яхI бахъун гIибадат гьабизе рекъараздасан ккола гIашурадал къо.

МухIаррам моцIалъул анцIабилеб къо ккола гIашура къо. Гьеб буго ГIарафа къоялда хадуб лъагIалида жаниб бищун хирияблъун рикIкIунеб къоги.

Ибну ГIаббасидасан бицана: «Салат-салам лъеяв авараг Мадиналде вачIиндал, гьесда ягьудиял ратана кIал ккун, цинги аварагас гьезда гьикъана: «Гьаб къоялъ нужеца кIал кквеялъе гIилла щиб?» - абун.

Гьез жаваб гьабуна: «Гьаб буго тIадегIанаб къо, жиндилъ Аллагьас Муса авараг хвасар гьавураб, ФиргIавнги гьесул къавмги гъанкъизабураб ва гьеб къоялъ Муса аварагас щукру гьабун кIал ккуна», - ян.

Цинги аварагас rабуна: «Ниж Муса авараг кIодо гьавизе цIикIкIун мустахIикъал руго нужедасаги», - ян.

Хадуб аварагас гьеб къоялъ кIал кквеян асхIабзабазда амру гьабидал, гьез абуна: «Я Бичасул авараг! Нилъеца кин гьеб къоялъ кIал кколеб, гьеб буго ягьудиязги, насраниязги кIодо гьабулеб къо», - ян.

Хирияв аварагас абуна: «Исана нилъеца кIал кквела, тIасияб соналъ гьезда релъенлъи гьабичIого букIине нилъеца ичIабилебги, анцIабилебги къоялъ кIал кквела», - ян. Киниги хирияв авараг тIасияб соналде щвезегIан хутIичIо, гьаб панаяб дуниял тун Аллагьас алжаналде вачун ана.

Гьединго, ибну ГIаббасица бицараб хIадисалда абулеб буго: «Нужеца гIашура къоялъ кIал ккве, ягьудиязде хилифлъиги гьабе, цебесеб яги нахъисеб къоялъ кIал кквеялдалъун», - абун.

Абу Къутадатица бицараб хIадисалда буго: «Салатсалам лъеяв аварагасда гьикъидал гIашура къоялъул хиралъи, гьес абуна: «ГIашура къоялъул кIалалъ араб соналъул мунагьал чурула», - ян.

Гьеб къоялъ кIал кколаго ният гьадин гьабила: «Дица ният гьабуна метер суннатаб ГIашура къоялъул кIал кквезе Аллагьасе гIололъун», амма ният ракIалъ гьабила. ХутIараб паризаяб кIал батани гьебги бегьула цадахъго бецIизе, суннатаб кIалалъул кириги хIасуллъула, паризаябги бецIун ккола.

ЦIакъго хирияб буго гIашура къоялъ мискин-пакъирасе садакъа кьезе, рокъор ругел чIужу-лъимал рохизаризе. Аварагас хIадисалда абулеб буго: «Щив чи вугониги гIашура къоялъ бесдал лъималазул бетIералда квер бахъун, ай гьезие кумек гьабун, Аллагьас гьесул квер хъвараб рас рикIкIун гьесул даража борхула», - ян. Абу Гьурайратица бицараб хIадисалда буго: «Щив чи вугониги гIашура къоялъ жиндирго хъизамалъе гIатIилъи гьабун, Аллагьас гьесие тIубараб соналъ гIатIилъи гьабула», - ян.

Гьеб къоялъ цо диргьамалдалъун гьабураб садакъа Аллагьас анкьнусазариде бахине гьабулаянги буго. Ибну ГIаббасица бицараб хIадисалда абулеб буго: «Щив чи вугониги гIашура къоялъ кухIлу бахун, гьесул берал киданиги унтиларо», - ян. Гьеб къоялъ исламалда жанир лъугьана гIемерал лъугьа-бахъинал.

ГIашура къоялъ Аллагьас бижана зоб-ракь, гIарш-курс, малаикзаби, гьеб къоялъ вачIана Адам авараг алжаналдаса дунялалде ва гьеб къоялъ къабул гьабуна Аллагьас Адамил тавбу, гьеб къоялъ гьавуна Аллагьасул гьудул Ибрагьим авараг ва гьев цIаялдаса хвасар гьавуна. ГIашура къоялъ Юнус авараг вачIана ччугIил чохьониса къватIиве, Аллагьас нахъе босана Аюб аварагасдаса унти, Юсуф авараг къватIив вачIана туснахъалдаса ва Сулайман авараг лъугьана ханлъун.

ГIашура къоялъ ккараб лъугьа-бахъин

КIудияв гIалим Абубакр ДинятIияс жиндирго «ИгIанат» тIехьалда рехсолеб буго гьадинаб лъугьа-бахъин: «Цо мискинчиясги гьесул агьлу-хъизаналъги гIашурадал къоялъ кIал ккун буго ва гьезул кIал биччазе щибго тIагIамги букIун гьечIо. Гьанже гьав пакъир кIал биччазе жо кьолев чиго ккелародаян къватIиве вахъун вуго.

КигIан свераниги кьолев чиги ккечIого, гьав щун вуго гIарац-месед хисулеб базаралде, нахъе кьезегIангIаги дагьаб гIарац-месед кьелародаян. Жаниве лъугьиндал гьесда ватун вуго бусурбанав вичарухъан жиндирго тукада хириял хъурумалъул тIомалги гIодор тIамун тIад месед-гIарацалъул суркIбиги лъун.

Саламги кьун гьас абун буго: «Я бетIерчIахъад, дун цIакъ мискинав чи вуго, дуца дие къарзалъ диргьам кьеларищ хъизан-лъималазе кIал биччазе квен босизе, дица дуе гьаб хирияб къоялъ дугIаги гьабила», - ян. Вичарухъанас гьесухъ берго тIамун гьечIо. Цинги гьав мискин нахъвуссун вуго ракIги къварилъун. Гьеб хIалалда гьев вихьун вуго аскIоб бугеб тукада вукIарав ягьудиясда ва цIехон буго щиб дуе лъугьарабилан.

Гьасги кинабго бицун буго. Ягьудияс цIехон буго гьаб къого щибилан. Гьес абун буго гIашурадал къо бугин ва бицун буго гьелъул хиралъаби. Гьеб мехалъ ягьудияс гьесие 10 диргьам кьун буго чIобого ва абун буго: «Гьалъухъ дурго агьлуялъе квенги босе, гьелги рохизаре, гьаб къоялъул хIурматалъе гIоло», - ян. Гьевги цIакъ вохун, квенги босун рокъове ун вуго ва киназго кIалги биччан гIорцIизегIан кванан руго.

Гьеб сордоялъ дов бусурбанав вичарухъанасда бихьун буго гьадинаб макьу: къиямасеб къоги чIун гьав кутакалда вакъун, къечон, пашманго чIун вуго гIарас-майданалда ва эхеде валагьидал гьесда циндаго бихьулеб буго кIудияб, хъахIаб луълуалъул ва багIараб якъуталъул каваби лъураб хъала. Гьеб мехалъ эхеде бетIерги борхун гьас ахIулеб буго: «Я хъалаялъул агьлу, дие цо къулчIизе лъел къатIрагIаги кье».

Гьеб мехалъ гьесде ахIулеб буго: «Гьаб хъала сонлъагIан дур букIана, дуца цIар нахъе хъвагIана ва дур мадугьал ягьудиясул цIар хъвана, мискинчиясе анцIго диргьам кьедал». Гьеб бакIалда гьавги макьидаса ворчIана ва кутакалда хIинкъун, ургъалилъ къан хехго дов ягьудиясухъе ун гьесда гьарана: «Дуца сон кьураб анцIабго диргьамалъул кири дие нусго диргьамалде хисе», - ян. Ягьудиясги абуна: «Валлагьи нусазарго кьуниги бичиларо, дица доб хъалаялъуве мунги ваккизе виччаларо», - ян.

Цинги гьес цIехана: «Дуда гьеб хъалагIаги кисан лъараб жо», - ян. Ягьудияс жаваб кьуна: «Жинца кинабго бижулев БетIергьанас лъазе гьабуна», - ян ва гьеб бакIалда шагьадат битIана. Хириял вацал, гьев чи вукIана ягьудияв ва гьес гIашурадал къоялъул хIурмат гьабуна жинда гьеб къоялъул хиралъигицин лъалеб гьечIеб хIалалда. Гьелъие гIоло БетIергьанас гьев бусурбан гьавуна ва гьесие кириги кьуна. Гьанже гьеб къоялъул хиралъиги лъалев, гьебги тIаса-масаго толесул щиб хIалха букIинеб?

Гьеб къоялъ гьабизе рекъараб гIамал

Гьединго, гьеб къоялъ гьаризе реццарал гIамалаздасан ккола мугь бай. ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сулайман алЖамалица жиндирго машгьураб «ХIашиятул жамал» тIехьалда хъвалеб буго: «ХIадис гIелмуялъул ралъад «СахIихIул Бухариялда» тIад бищун кьучIаблъун рикIкIунеб буго «ФатхIул Барий» абураб шархI хъварав кIудияв гIалим ИбнухIажар ГIаскъаланияс гьабун буго гьеб мугь баялъул хIакъалъулъ гьадинаб кIиго кочIол мухъ (магIна): «ГIашура къоялъ мугь бала анкьго жоялъул: пиринчI, ролъ, гIам (гьолох гIадаб чIахI), тIепало, хилъало, багIаргьоло, чIегIергьоло. Гьебги буго бищун кьучIаб, нилъехъе накълу гьабун щвараб жо». Аллагьас тавпикъ кьеги лъаралда гIамал гьабизе.

ГIашура къоялъ цIалулеб дугIа

ТIоцебе цIалила 70 нухалъ «ХIасбуналлагьу ва нигIмал вакил, ва нигIмал мавла, ва нигIма ннасир». Хадуб анкьго нухалъ гьаб дугIа цIалила: «СубхIаналлагьи мильаль мизани ва мунтагьал гIильми ва маблагъа рриза, ва зинаталь гIарши, ла мальжаа ва ла манжаа мина ллагьи илла илайгьи, субхIаналлагьи гIадада шшафгIи валь ватри, ва гIадада калимати ллагьи таммати куллигьа. Асъалука ссаламата бирахIматика я архIама ррахIимин. Ва ла хIавла ва ла къуввата илла биллагьил гIалиййил гIазим, ва гьува хIасби ва нигIмаль вакилу, ва нигIмал мавла, ва нигIма ннасиру ва салля ллагьу гIала саййидина МухIаммадин хайри халкъигьи ва гIала алигьи васахIбигьи ажмагIина».

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Суал-жаваб

МагIарухъ цIад балеб мехалда, гонгидаса чвахараб лъим данде гьабула ва рокъоб къваригIаралъе хIалтIизабула. ТIохда хIанчIазул рак камуларелъул, лъазе бокьилаан гьединаб лъим черх чуриялъе, какичуриялъе хIалтIизабизе бегьулищали? ШафигIил мазгьабалъул машгьурав гIалимчиясул «ХIашиятул Къалюби...


Пакистаналъул посолгун дандчIвана

Пакистаналъул Россиялда вугев посол Файсал Нияз Тирмизи вачIун вукIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясухъе. Данделъиялда гӀахьаллъана ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министрасул ишал тӀуразарулев, Россиялъул БахӀарчи Темирлан АбутӀалимов, ДРялъул экономикияб...


Ана цоги лъагIел …

ХIурматиял бусурбаби, гьале ана цоги лъагIел. Гьижрияб тарихалъул 1447 соналъулгун къо-мехги лъикI гьабун, дандчIвай гьабуна 1448 соналда. ЛъагIел ккола гIумруялъул саламатаб бутIа. Гьелда жаниб ккезе рес буго гIемерал лъугьа-бахъинал. Цо лъагIида жаниб цIияб дунялалде рачIуна гIемерал гIадамал,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кин кумек гьабилеб?     Дир вац захIматго унтун вукIана. Гьанже дагьабго мадар бугониги гьев хIинкъун вукIуна. Цо-цо мехалда хIухьел цIазе захIмалъула, паническиял атакаби лъугьуна. Кин дица гьесие кумек гьабилеб?   ГIали, МахIачхъала   ГIалимчиясул жаваб Бокьараб...


Бекерулеб заманалъул хIикмат

Замана сверула сагIтал тирула, Сон хехго бачIуна, херлъун ватула. (Инхоса ГIалихIажи)   Халкъалда гьоркьоб гIемер бицунеб жолъун ккола ахираб мехалда заман хехго унеб бугилан абун. ХIакъикъаталдаги гьедин букIин бихьулебги буго. Щибго ургъел гьечIого нилъ рукIаго ун батула анкь, моцI,...