Аслияб гьумералде

ГIарафа магIарда чIей

ГIарафа магIарда чIей

ГIарафа магIарда чIей хIежалъул бищун кIвар бугеб рукнулъун ккола, щайгурелъул, гьеб къо къалъаралдаса хадусеб къоялъул рогьел баккизегIан гьенив цо лахIзаталъгIаги чIечIев чиясул хIеж рикIкIунгутIиялъе гIоло. Цогидал рукнабазе цIараб хасаб заман гьечIо.

 

ГIарафа мегIер ва ГIарафа къо буго дунялалда Адамги ХIаваги данделъараб бакI ва заман. Гьеб ккола бищун хирияб къо. ГIарафа къоялъ гIадин басраго, пашманго, мугъ бекун иблис киданиги букIунарила, гьелда бихьулеб букIиналъ гьенир чIаразде тIаде Аллагьас риччалел гIемерал рахIматалги, гьезул чурулел чIахIиял мунагьалги. Аварагасул ﷻ хIадис буго: «Щив чи вугониги жив ГIарафалдаги чIун, жиндир мунагьал чуричIин ракIалде ккарав, гьев чи вуго бищунго мунагь кIудияв чи», - ян.

Гьединго хIадис буго: «ГIарафа къо рузман къоялъ ккани, гьеб хIеж ГIарафа къо рузман къоялъ ккечIеб 70 хIежалдаса хирияб букIуна», - ян. Гьелдаги абула ал-хIажжул-акбар абун, гьеб къоялъ гьабуна Аварагасги ﷻ хIеж.

ГIарафалдаса къалъудаса хадуб дагьаб заманалъги чIун нахъе ине бегьаниги, бакъ тIерхьинегIан гьенир чIезе суннатаб буго, сордоги къоги гьениб данде гьабизе. Бакъ тIерхьинегIан чIечIого нахъе арав чиясе суннатлъула гIакIаде чахъу хъвезе.

Цинги бакъ тIерхьиндал хIажизаби рагъарула Муздалифалде, маркIачIул как богол какгун цадахъ Муздалифалда базеги тун. Муздалифалда сордо бай хIежалъул тIадал жалаздасан ккола. Нагагь гьеб сордо бащалъун дагьаб заман иналде гьениса нахъе ани, гIакIаде чахъу хъвезе тIалъула. Гьелда хIал кIоларев чияс кIал кквезе ккола, лъабго ХIарамалда, хутIараб анкьго ватIаналде щведал.

Рехсараб куцалда Муздалифалда сордоги бан, хIажизаби рагъарула Минаялде, Минаялъул рахъалдасан рачIунаго ахиралда батулеб чIимхал рехулеб Жамратул ГIакъабаталде. Муздалифалдаса босараб анкьабго чIимих речIчIила, щибалда цадахъ «Бисмиллагь Аллагьу акбар» абулаго. ЧIинхал речIчIулаго Мина кваранаб рахъалде ккезе гьабила, Къибла квегIаб рахъалде ккезе гьабила, Жамраталдехунги вуссун речIчIила, къасдги букIина Жамраталъул чIарбида речIчIизе. ЧIинхал речIчIизе байбихьиялдалъун «Лаббайка» бачиналъул заман лъугIула, такбир бачиналъул гIуж щола. Гьеб къоялъ бакъ тIерхьинегIан речIчIиялъул гIуж унаро. Цинги бокьарас къурбан хъвела, бетIералдаса рас къунцIила, бихьиназе бетIер кIкIвазе суннатлъула. Гьелдалъун, хIеж бухьиндал хIарамлъарал жал хIалаллъула, жимагI хутIизегIан.

 Цинги Маккаялде рачIина, цебе рехсараб къагIидаялда паризаяб тIавафул ифаза гьабила, Маккаялда щведал тIавафул къудумалда хадуб СагIю гьабичIев чияс гьеб гьабила. Гьанже хIажизаби нахъруссина Минаялде, сордоги Минаялда бала. Гьел къояз Минаялда рарал какал Масжидул ХIарамалда рараздаса хириял руго.

Къурбан къоялда хадусеб лъабго къоялда абула «Аяму ташрикъал» абун. Къурбан къоялъулги хадусеб кIиго къоялъулги лъабабго сордоялъ Минаялъул гIурхъиялда жанир рукIин ва ташрикъазул лъабабго къоялъ Жамратазда чIинхал речIчIи, цебе рехсохъе, хIежалъул тIадал жалаздасан ккола. Гьезул кIиабилеб къо къалъидал Жамратазда чIинхалги речIчIун, бакъ тIерхьиналде Минаялдаса нахъе ине бегьула, амма бакъ тIерхьинегIан инчIого хутIани, гьеб сордо Минаялда базеги, хадусеб къоялъ къалъун хадуб чIинхал речIчIизеги тIалъула.

Гьел «Аяму ташрикъазул» къояз чIинхал речIчIизе гIуж щола къалъидал. Лъабабилеб къоялъул бакъ тIерхьинегIан кида речIчIаниги бегьула. Амма жакъаялъул чIинхал речIчIизе сон хутIарал чIинхал речIчIун гурони бегьуларо. Унтарав чияс жиндир чIинхал речIчIизе цоги чи вакил гьавизе бегьула, амма вакилас цин жиндирго речIчIун тIурайдал гурони унтарасул чIинхал речIчIизе бегьуларо.

ГIузру гьечIев чияс гьал сардазул цо сордо Минаялда бачIони, цо муд гIакIаде бахъизе тIалъула, кIиго сордо бачIони - кIиго муд бахъизе тIалъула, лъабго сордо бачIони - цебе рехсараб тIубараб гIакIа тIалъула.

Гьел къоязул ахирисеб къоялъ бакъ тIерхьинегIан цо чIимих речIчIичIони - цо муд, кIиго чIимих речIчIичIони - кIиго муд, лъабго чIимих речIчIичIони - тIубараб гIакIа тIалъула.

ЧIинхал речIчIизе тIалъула Минаялъул рахъалдасан рачIунаго тIоцебе батулеб Жамраталда, хадуб - кIиабизе батулелда, щибалда чIинхал речIчIун хадуб дугIа гьабизеги суннатлъула, цинги лъабабизе батулеб Жамратул гIакъабаталда речIчIила. Гьел къояз чIинхал речIчIизе суннатлъула Къиблаялдехунги вуссун.

Рехсараб къагIидаялда Минаялда сардалги ран, чIинхалги речIчIун хадуб хIеж тIубала ва гьанже хIажизаби рачIина Маккаялде. Цинги гIумра бухьине ина ГIаишатил мажгит бугеб ТангIим абулеб гIумра бухьунеб микъаталде, яги ХIудайбияталде, яги ЖагIранаталде. Цебе рехсараб къагIидаялда гIумраги бухьун, ТIавафги гьабун, СагIюги гьабун, расги къунцIун гIумра тIубала. ГIумраби, рес бугебгIан, бокьарабгIан гьаризе бегьула.

Аллагьас ﷻ киназулго хIеж къабул гьабеги. Амин!

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


КIудияб макъам

ХIурматиял бусурбаби. Аллагьасул диналде халкъ ахIи буго аварагзабазул ирс. Гьезул тIубараб гIумруго къурбан гьабун ана халкъ битIараб нухде ахIулаго. Гьелда жаниб аслияб жоги ккола гIицIго ихлас, ай ракI бацIцIалъи букIин. Гьебги щибго гьечIеб бакIалда бокьарав чиясе щолеб жо гуро.   Ихлас...


БагIараб пилпил

БагIараб пилпилалъулъ букIуна капсаицин абураб жо. Гьеб сабаблъун букIуна кIал бухIизабулеб тIагIамги. ГIалимзабаз цIех-рех гьабуна капсаициналъ инсанасул черхалъе гьабулеб асаралъул.   Чакрил унтиялъе гьабулеб асар Капсаициналъ кумек гьабулеб батана чорхолъа цIикIкIун инсулин бахъизе. Цо...


Къеч буссинабулеб

Риидал хъарпуз гIемер кванала. Гьелъ къеч буссинаби гуребги, сахлъиялъеги пайда гьабула. Лъим, витаминал, минералазул ва антиоксидантазул къадар цIикIкIараб букIиналъ, хъарпуз рикIкIуна риидалил бищунго сахлъиялъе пайдаял кванил нигIматазул цояблъун.   Хъарпузалъулъ букIуна 90 проценталде...


РекIелъ букIунеб

РекIелъ букIунеб Бусурбанчияс жиндирго хасият-гIамал берцин гьабизе ккола. Аллагьасдаса хIинкъи буго бищун лъикIаб зад инсанас цадахъ босулеб. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ абидал, Гьесдаса хIинкъи (такъва) бищун лъикIаб задлъун бугин.   Къуръаналда буго (магIна): «…Бищун лъикIаб...


Алжаналда рукIунел хIурулгIинзаби

Руччабазул гӀемер гьикъулеб суал буго Алжаналда рукIунел хIурулгIинзабазул хӀа-къалъулъ. ГӀемерисезе бокьуларо росас цоги лъади ячине, ахираталда гьесие щвезе рес бугей хIурулгIин гьей ятанигицин. Кинниги Аллагь гIадилав вуго.   РитӀухъаб гӀумру гьабурал, БетIергьан разияб хIалалъ хьвадарал...