Аслияб гьумералде

Дроназул бицен - хIадисазда

Дроназул бицен - хIадисазда

МухӀаммад аварагас ﷺ цебеккунго лъазабун букӀарабищ дроназул хIакъалъулъ? «Зобалаздаса квешлъи» абураб хӀадис ритӀухълъарабищ?

 

Жиндирго авараглъиялъул рагӀабазул гӀорхъи гьечӀеб гӀакъиллъиялдалъун Аллагьасул Расулас ﷺ нилъее тана рухӀияб гӀумруялъе нух гуребги, рикӀкӀадаб букӀинесеб заманалда ккезе ругел лъугьа-бахъиназул бихьизабиги. Гьединал гӀажаибал биценазул цояб ккола ХӀузайфа ибн ал-Яманица бицараб хӀадис. Шакъикъидасан бачӀараб хӀадисалда буго: «КватӀичӀого зодисан нужеда тӀаде квешлъиялъул цӀад базе буго, гьеб ал-Фияфиялдецин щвела». Халкъалъ гьикъана: «Щиб жо кколеб ал-Фияфи, я Абу ГӀабдуллагь?» Гьес жаваб кьуна: «ЧӀунтарал, гӀадамал гьечӀел ракьал», - ян. (Абу Шайба, Мусаннаф)

Цересел гӀасрабаз гьеб хӀадисалъул магIна бичIчIулеб букIинчIониги, гьаб гӀасруялда, Аварагас ﷺ бицун таралъ хӀинкъи бугеб магӀна кьолеб буго. Нилъеца жакъа гӀумру гьабулеб буго зобалаздаса бачӀунеб хӀинкъи хӀакъикъатлъун лъугьараб заманалда. ТӀадегӀанаб мухӀканлъиялъул ракетаби, пилот гьечӀел дронал, гьаваялдасан кьвагьулел бомбаби – гьел киналго руго тӀасахун, ай зобалаздасан хвел бекьулеб ярагъ.

Дронал, бомбаби - гьеб кинабго 1400 соналъ цебе бицараб хӀадисалда букӀине рес бугищ?

Классикияб магӀнаялда «зобалаздасан бачӀараб квешлъи» абураб рагӀи бичӀчӀулаан гӀадамазул мунагьал сабаблъун рещтӀараб ганчӀил, кӀудияб горо-цӀадал, ракъдаллъиялъул яги эпидемиялъул къагӀидаялда гьабулеб тамихӀ хӀисабалда. Ва «ал-фияфи» – рикӀкӀадал авлахъазул бакӀал рехсеялъул магӀна ккола балагь гӀатӀидго тӀибитӀизе бугин ва кирего тIуризе бегьулареблъи, ракьалъул бищунго рикӀкӀадал рахъаздацин гьелдаса рахчизе рес букӀине гьечӀин абураб.

Гьаваялдаса рагъ: аварагас ﷺ бицараб «зодисан квешлъи» абураб жо кин хӀакъикъаталде сверараб?

Пикру гьабуни, гьелда гьоркьоб магIнаялъул рахъалъ дандеккеял рихьула. Жакъа «зодисан бачӀараб квешлъи» абураб рагIи тӀокӀаб метафорияб, ай магIна балагьизе кколеб рагӀилъун кколаро. Ракетабазул гьужумал ва авиакьвагьиял ккола битӀахъего зодисан гӀадамазул ботӀроде тIаде бачIунеб квешлъилъун, ракьул гьумералдаса шагьарал ва росаби жинца тIубанго тӀагӀинарулеб.

Цебеккунго Бичасул Аварагас ﷺ лъазабураб «ал-Фияфихъецин щвезегӀан» абурал рагIабазул магIна кколеб буго, гьанжесел технологиязда рекъон, гӀорхъолъа араб мухӀканлъиялъул ярагъин абураб жо. ТӀадегӀанаб мухӀканлъиялъул ярагъалъул ва дрон-камикадзеялъул рес букӀуна бищунго рикӀкӀадал ва лъикӀ цӀунулел бакӀазда ругел ишанал ратизе ва гьезда кьабгIи щвезабизе. Инсан кив вахчун вугониги - ганчӀил мугӀрузда, гъваридаб кӀкӀалахъ, рикIкIадал авлахъазда яги жиндирго рукъалъул подвалалъув - гьаваялдасан бачӀунеб хӀинкъи гьесде щола.

 

ХӀадисалда хасаб гьабун дроназул бицун букӀанищ?

Узухъда, тӀубанго ракӀчӀун абизе кӀоларо тӀадехун рехсараб хӀадисалда абизе бокьун букӀараб жо хас гьабун дрон букӀанин. ТӀадегӀанав Аллагьасда лъикӀ лъала. Амма исламиял гӀалимзабаз кӀвар кьолеб букӀуна Къуръаналъул ва суннаталъул мугӀжизатал загьирлъулел рукӀиналде, гьединго аятазда ва хӀадисазда жанир гъваридал магӀнаби рукӀиналдеги. Гьелги, дунял цебетӀолеб мехалда, гьелда рекъон гӀадамазе загьирлъулел рукӀиналда. Цебе заманалъул гӀадамазе бичIчIулареблъун, лъазе рес гьечIеблъун букӀараб жо гьанжесел гӀадамазе унго-унгояб хӀакъикъатлъун лъугьине бегьула.

МухӀаммад Аварагасда ﷺ цебеккунго бихьун букӀарабищха дроназул заман?

Кин батаниги «Зобалаздасан бачӀараб квешлъиялъул» хӀакъалъулъ бачIараб хӀинкъизабулеб хӀадис ккола жакъа рагъул майданалдаса бачӀараб хабар нилъее баянго бицунеб мисал гIадинаб жо.

Гьаб хӀадис, хасго гьанжесеб тафсиралда рекъон хӀинкъиялъе ва хьул къотӀиялъе сабаб гуро, Аллагьасул кинабго хӀалкӀолъи ва къуват ракӀалде щвезабулеб, мунагьазул хӀасилал кинал рукIине рес бугелали лъазабилъун ва гьелда сверун пикру гьабизе ахӀилъун ккола.

Инсанияталъ гӀуцӀарал киналго технологияздаса пайда босизе бегьула жамгӀияталъе заралалъеги, гьелъие пайдаялъеги. ТӀаса бищи щивав чиясда бараб жо ккола.

Гьединал хӀадисазул гIадатияб тафсиралъ зобалаздаса балагь рещтӀин бухьинабулеб буго гӀадамазда гьоркьоб мунагьал тӀиритӀиялда. Гьаб хӀадисалъ нилъ ахӀулел руго ракӀбацӀцӀадаб тавбуялде, иман ва цолъи щула гьабиялде, нилъгоги цогидалги хӀарамалдаса цӀуниялде. Бокьараб талихӀкъосин букӀине бегьула мунагьазул хӀасиллъун, Аллагьасда цебе даража борхизабиялъул нухлъун.

Жиндаса Аллагь разилъаяв ХӀузайфатица бицараб хӀадис буго МухӀаммад Аварагасул ﷺ рисалат битӀараб букӀиналъе жеги цоги далиллъун. Гьелъ бихьизабулеб буго Бичасул Аварагасул ﷺ рагӀаби гӀемерал гӀасрабазда хадурги пайдаял рукӀин ва къиямасеб къо щвезегӀан инсанияталъе загьирлъизе бугеб гъваридаб магӀнаги жинда жанибе бачунеблъун букӀин.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...