Аслияб гьумералде

ЧIаголъиялъе сабаб

ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго хутIуларо ва ракьалда тIад жоги бижуларо. Гьелъие гIологи хасс гьабун Аллагьасе ﷻ щукру гьабизе ккела нилъеца. АлхIамдулиллагь!

 

Лъим гьекъолаго Аварагас ﷺ лъабго хIухьелалдалъун гьекъолаан: байбихьулаго «Бисмиллагьалдалъун» ва нахъе цIарагI босулагоги Гьесие ﷻ рецц гьабиялдалъун. Лъабго нухалъ гьекъеялъул хIикмат буго, тIатIалаго цIун гьекъеялдалъун щокъроб речIчIичIого букIинелъун. Гьелъие гIоло букIана Аварагас ﷺ лъим гьекъолаго бигьа гьабун къулчIулебги. Дайламияс ГIали ибну Абу ТIалибидаса бицараб хIадисалда буго: «Лъим гьекъолаго кIудиял къулчIияздалъун гьекъани, гьелъ тIулада унти ккезабула», - абун.

Жинцаго гьекъон хутIараб кваранаб рахъалда вугесухъеги кьолаан Аварагас ﷺ. Цо нухалъ, КагIба-рукъалда тIаваф гьабун хадуб Авараг ﷺ, замзам гьекъезелъун гьелда аскIове ана. ХIоринибе рортун ругоан чамасдакIал, гIадамалги, гьениса гьебги босун, гьеб кваналел ва замзам гьекъолел рукIана. Гьезда аскIове щварав Аварагас ﷺ абуна: «Дихъеги кье гьекъезе», - ян. ИмгIал ХIамзатица абуна: «Я, Аллагьасул ﷻ расул, гьаб буго киназго гьекъолеб, гIадамазул кверал хъвараб. Дица бачIинищ гьалдасан бацIцIадаб, кIалтIуги бахчараб, рокъоб бугеб?» - абун. Аварагас ﷺ абуна: «БачIунге, гIадамаз гьекъолелъуса кье дихъеги, гьелдалъун дица ﷺ баракат тIалаб гьабизе», - ян.

Аварагасул ﷺ букIана щагIил гьабураб какичури гьабулеб ва лъим гьекъолеб гулгун. АсхIабзабаз гIакълуялде рахарал лъимал ритIулаан Аварагасул ﷺ рокъоре гьелда жаниб лъим батани гьеб гьекъон черхалда бахине, баракат тIалаб гьабизелъун. Гьел рачIиндал, рокъор рукIараз щибго нахъчIвайги гьабулароан.

 

 

 

 

 

ХIАДИС «Нужеца, вараниялъ гIадин, цо хIухьелалдалъун цадахъго лъим гьекъоге, кIиго-лъабго нухалъ батIа-батIаго гьекъе, гьекъолеб мехалъ, «Бисмиллагьги» бахъе, кIал нахъе босарабго «АлхIамдулиллагьги» абе», - ян (Тирмизи). ХIухьелги, лъим гьекъолеб цIарагIалдаса кIалги батIа гьабун, биччала, ай жанибе биччаларо.

 

 

 

 

 

Лъим гьекъолаго гьаризе рекъарал пишаби

ГIодорги чIун, рахIаталда гьекъела. Рес рекъолеб гьечIони, эхетун гьекъезе бегьунгутIиги гьечIо. КъулчIулаго сас бахъинабиларо, гьелдалъун чорхол сахлъи квешлъулин абула. Рес бугебгIан мехалъ жанибе щибго бортичIого букIинелъун, гьеб жаниб бугеб цIарагIалъул кIалтIу бацизабун, лъим бацIцIалъиялда цIунила. Жабир ибну ГIабдуллагьидасан бицараб хIадисалда абулеб буго: «Квен-тIех сундалъун бугониги бахчизабе, къвачIаялъул (шиша яги лъим жаниб босулеб алат) кIалтIуги бухье, нуцIби къай ва кьижизегIан цебе цIа ва чирахъ свинабе. Гьедин гьабуни, шайтIаналъ нужер къвачIаялъул кIал бичиларо, рахарал нуцIбиги рагьиларо ва цIарагIалдасан кIалтIуги босиларо. Гьеб бахчизабизе щибго батичIони, Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун кинаб бугониги гIучIгIаги лъе гьелда тIад. ЦIа свинабичIого тани, рес буго гIункIкIалъ нужер рукъзал рухIун, гьеб нужеде тIаде бортизе», - абун (Муслим).

ЦIакъго цIорораб ва бухIараб лъим гьекъезеги рекъараб гьечIо, гьелдалъун черхалъе зарал ккезе рес букIиналъе гIоло. Лъим бацIцIадаб букIин бихьизе, крушка, стакан гIадаб жиндир тIино яги жаниб бугеб бихьулеб жоялдасан гьекъезеги лъикIаб буго. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ нахъчIвана жиндир кIалтIу къваридаб къвачIаялдаса гьекъезе. ЦIарагIалда жаниб бугеб нахъе течIого лъугIизегIан гьекъела, гьедин кIолеб гьечIони, гьекъезесеб тIейин абила. Лъиналда релълъун буго цоги кваналеб жоги.

Гьединго, кваранаб квералдалъун цIарагI кквей, гьекъезегIан цебе бисмиллагь бахъи, ахиралда БетIергьанасе ﷻ шукруги гьаби!

 

МухIаммадгIариф  Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...


Щай рахъунел?

Мавлид ахIулеб заманалда бусурбабазда гьоркьоб машгьураб гIадат буго, МухIаммад авараг ﷺ гьавураб лахIзаталъул ахIулелъул, киналго тIаде рахъунеб. Гьебги гьабула Аллагьасул Расул вокьиялъул, рохелалъул, гьесие гьабулеб адаб-хIурматалъул гIаламат хIисабалда.   Гьеб гIадат къабул гьабурал...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....