Аслияб гьумералде

КьогIаб шоколад

КьогIаб шоколад

КьогIаб шоколад

Шоколадалъул хIакъалъулъ лъалаан цIакъго цебе заманалдаго. Гьебги ккола какао хъурун гьабулеб тIагIам.

 

ТIоцебе шоколад хIалтIизабулаан лъамаго. Мексикаялъул индейцазул мацIалда «шоколад», ай «чокоатль» рагIул магIна ккола «кьогIаб лъим» абураб. Гьеб лъамалъи букIана лъикIаланго сино бугеб, кьогIаб. Гьеб хIалтIизабулаан батIи-батIиял хурдулгун, гъорлъе жубалаан пилпилги (перец).

Унго-унгояб куцалда гьелъие машгьурлъи щвана Испаниялъул къираласул вукIарав вакил Фернандо Кортесил кумекалдалъун. Мексикаялъул ракьал мукIур гьарулаго гьес хIалбихьана черхалъе чIаголъи кьолеб лъамалъиялъул, ай шоколадалъул. Гьелде тIадеги, бакIалъулал гIадамаз какаоялъул пихъ гIарцул бакIалда хIалтIизабулебги батана гьесда. Гьеб бичIчIарав Кортес лъугьана какаоялъул ахал ругев бищун бечедав чилъун.

XIX гIасруялда цIакъго машгьурлъана шоколад. 1928 соналда Конрад ван Хоутен абурав инженерас ургъана какаоялъул мугьаздаса нах цIулеб гидравликияб пресс. КъвакIараб шоколад гьабизе ругьунлъана жеги нахъа. БатIи-батIиял хIалбихьиязул хIасилалда, какаоялъул пихъалъул бахъараб нахги жубан гьабидал, къвакIараб, чIегIераб шоколад лъугьана гьелъул. ЦIакъго цIикIкIараб кьогIлъи нахъе ине букIине, тIагIамалъе чакарги жубана. КьогIаб шоколадалда жаниб 70-ялдаса бахъараб 85-ялде щвезегIан процент букIуна какаоялъул. ХутIараб - какаоялъул нахгун чакар. Какаоялъул къадар жинда жаниб дагь бугелде бецIаб, чIегIераб гуреб шоколадин абула. 1879 соналда Швейцариялдаса Даниэль Петер абулев чияс тIоцебе къватIибе биччазе байбихьана рахьдал тIагIам бугеб къвакIараб шоколад.

Тохтурзабазул пикруялда рекъон, гьелъул пайда ва зарал бараб буго кванараб къадаралда. КIудияв чиясе гьелдалъул рахIат ва пайда тIубараб къоялъе щвезе къваригIани, квине ккола 40-50 грамм шоколадалъул. Гьелдаса цIикIкIараб къадар кваназе бегьула захIматаб хIалтIи яги къо бихьун тренировкаби гьарулез. Гьебги кваназе лъикIаб буго къоялъул тIоцебесеб бащалъиялда.

 

 КьогIаб шоколадалъул пайда

– ГIадалнахул би хьвади лъикIлъизаби. Унго-угояб антиоксидантлъун бугеб кьогIаб шоколадалъ пагьму бачIинабиялъе кумек гьабула. 

– Стрессазде дандечIезе кумек гьабула.

– ГIумру гъира-щавкъ борхизабула.

– Иммунитет щула гьабула. Шоколад кваназе гуребги махI сунтIизеги лъикIаб бугин чIезабун буго Америкаялъул гIалимзабаз.

– Заман баялдалъун чорхолъ кколел хис-басал хIинцлъизарула. ГIемер кIудияб гьечIеб кесек щибаб къойил кванаялъ херлъи нахълъизабула.

– ХIалакълъизе гьарула. Диетологаз абулеб буго рекъараб къадаралда кванараб кьогIаб шоколадалъ къаркъалаялъул хIалтIиги лъикIлъизабун, кьаралъи жинцаго нахъе инабулин.

– Инфарктгун инсульт ккеялдаса цIунула. Америкаялъул гIалимзабаз чIезабун буго кьогIаб шоколадалъ бидурихьазда жанир тромбал лъугьине толарин, бидурихьал хIерен гьарулин ва гьелъул хIасилалда инфарктгун инсульт ккеялдаса цIунулин.

– ТIулалъул ва чехь-бакьалъул хIалтIи лъикIлъизабула.

– КьогIаб шоколадалъ цIикIкIинабула «лъикIаб» холестерин, гьединго, дагьлъизабула «заралияб» холестерин.

– Чорхол тIом берцин гьабула ва лъикIлъизабула.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...