Аслияб гьумералде

Хьибил хисулеб буго...

Хьибил хисулеб буго...

Къуръаналда каламалъул пасахIалъи гуребги гIелмиял баяналги руго. «Кагьф» сураялда бугеб кIиго аяталъул гIелмияб рагьи рехселин.

 

Нилъеца гьел пикру гьабичIого тун ратизе бегьула. Амма Къуръаналъул щибаб жоялда жаниб жиндир-жиндир хIикмат буго. Гьелъин ГIабдуллагь ибну ГIаббасица абураб: «Жиндие цIикIкIун бокьула сура «Бакъараги» ва «ГIимранги» тафсир гьабун цIализе (пикру гьабун), тIубараб Къуръан тафсир гьабичIого цIалиялдаса», - ян.

Сура «Кагьф» ккола жиндир хиралъи кIудияб сура. Гьелъ Дажалил питнаялдаса цIунулин рехсолеб буго. Щибаб рузман сордоялъги ва рузман къоялъги гьеб цIализе бихьизабун буго. Гьелда жаниб лъабго къисаялде кIвар кьун буго: нохъода кьижун ккаразде, Мусадугун Хизриде ва Зул-Къарнайниде. Гьеб сура нилъеца гIемераб цIалун батула, амма пикру гьабун батуларо. Гьелда жаниб бугеб кIиго аяталъулъ гIажаибаб хIикмалъи буго: гьойца хьибил хисулеб букIинчIо, амма гьал кьижарал гIадамаз хисулеб букIана. Гьелъул ккараб лъугь-бахъин немцазул цо тохтурас бицун буго: «Дица гIемер сапар гьабулеб букIана. Цо нухалъ аэропорталда дие гIолохъанав чияс Къуръаналъул баян гьабулеб таржама кьуна. Дица гьесие баркала кьун, тIехь кисиниб лъуна, хадуб нахъе рехизе нияталда. Гьебги кIочон тун самолеталда рекIана. ГIемераб заман гьаваялда байдал дида кисиниб бугеб тIехь ракIалда щвана ва цIализе къватIибе бахъана. Къуръан бегулеб мехалъ дир бер тIаде ккана «Кагьф» абураб сураялда. Гьелда бугеб хасаб кIиго аяталъ дун хIикмалъизавуна.

Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «Дуда бакъги бихьула, я гьав инсан, жиб баккараб мехалъ гьеб нохъоялъул кваранаб рахъалдехун унеб, жиб тIерхьунеб мехалъги гьеб нохъоялдаса рикIкIалъун квегIаб рахъалде унеблъун, гIолохъабиги нохъоялъул гIатIилъиялда руго. (Гьел гIолохъабазда тIаде бакъ щоларо). Гьаб дуе бицунеб нохъода рукIарал гIолохъабазул хабарги ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ гIаламатаздасан цо гIаламат буго. (Иман лъезе бокьарав чиясе Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялда тIоритIел гьабиги буго). Аллагьас ﷻ хIакъаб диналда тIовитIарав чи вуго жив тIовитIарав. Аллагьас жив къосараб нухда тарав чи, гьев чи битIараб нухда тIовитIулев цониги вали вукIунаро ва цониги муршидги вукIунаро».

«Дуда гьел гIолохъаби рихьун рукIаралани, я МухIаммад ﷺ, дуца хIисаб гьабилаан гьел рорчIун ругин абун: жидер берал рагьарал гIадин, жалги цо хьибилалдаса цоги хьибилалда сверулел, амма гьел кьижун руго. Дица руго гьел сверизарулел цин кваранаб цинги квегIаб хьибилалде. Гьелгун цадахъ букIараб гьвейги нохъодул кIалтIа бегун буго, жинца квачIалги щвакун, гьезда тIад бетIерги лъун. Жинца гьел гIолохъаби цIунун ругеб гIадин буго гьеб. Мун гьезда тIаде ваккун вукIаравани, дуда гьезул хIалги бихьун букIарабани, мун хIинкъун лъутун ине вукIана, мун цIакъ хIинкъизеги вукIана». (Сура «Кагьф», аят 17-18).

Тохтурас баян гьабуна гьел гIадамал кьижун ругеб мехалъ хьибил чанго нухалъ хисулеб букIараблъи, цо хIалалъ кьижулеб мехалъ черх туричIого ва унтичIого букIине. Амма гьев гIажаиблъизавулев вуго цебесеб аяталда рехсараб жоялъ (магIна): «Дуда бихьулаан бакъ баккараб мехалъ гьезул нохъодаса кваранаб рахъалдехун буссунеб, бакъ тIерхьараб мехалъ гьездаса квегIаб рахъалдехун буссунеб».

Тохтурас абулеб буго гьеб аяталъул магIна кколин бакъ щибаб къойил нохъоде щолеб букIин, амма гьезул черхалда тIаде кколеб гьечIеблъи. Гьеб медицинаялъул лъаялда рекъон ккола: кьижараб бакIалда ругънал ккечIого рукIине ккани, рукъалъул гьава-бакъ букIине ккола ва бакъ черхалде тIаде ккечIого жаниб щвезе ккей.

Цинги тохтурас хадусеб аяталда тIад пикру гьабизе ахIулел руго, гьенив гьев разилъула Къуръаналъул баяналда. Язваби раккичIого рукIине вегун вугев чияс хьибил хисизе ккола, язвабаз ва ракьалъ черх туризабичIого букIине. Амма тохтур кутакалда гIажаиблъизабураб жо ккола гьезда цадахъ букIараб гьвеялъ хьибил хисулеб букIинчIеблъи, гьез гIадин. ГIаксалда, гьвей 309 соналъ цере хIатIалги риччан багъаричIого цо хIалалда бегун чIана ва гьелъул черхалда язваби ккечIо ва туричIо. Щиб хIикмат бугеб гIадан-чияс хьибил хисичIони черх турулеб, амма гьвейдул турулареб? Гьеб хIикмат лъазе бокьиялъ немцазул тохтур тIамула гьвейдул черхалъул гIуцIи лъазабизе. Гьев кутакалда хIайранлъула гьвейдул гIуцIиялъул гIажаибаб хIикмат батараб мехалъ. Гьезул тIомалда гъоркь буго хасаб железо, жиб тIомалдаса бачIунеб, язва гIадинаб черх туризабулеб жо нахъчIвалеб, гьой чIаго бугебгIан заманалъ хьибил гьелъ хисулеб гьечIониги. Гьеб жоялъе гIоло гьезда цадахъ букIараб гьвеялъе зарал ккечIо.

Жеги гIажаиблъизе бачIуна гьев тохтур кIиябго сура «Кагьфалъул» аят цIалараб мехалъ бегун течIого гьелда тIасан пикру гьабизе лъугьин, нилъеца гIадин тIаса-масаго течIого. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъ ахIула кидаго Къуръаналъул пикру гьабиялде: «Дуде Къуръан рещтIинабун буго, МухIаммад ﷺ, жиндилъ баракат бугеб. Гьаб Къуръан рещтIун буго гIадамаз гьелъул пикру гьабизе ва гIакълу бугел гIадамаз вагIза-насихIат босизе». (Сура «Сад», аят 29).

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...