ХIикматаб рижи
ХIикматаб рижи

Аза-азар соназ цебе Къуръаналда, Инжилалда ва цогидалги диналъул тIахьазда тасдикъ гьабун букIана дунялалда тIоцевесев чи хIатIракьалдаса гьавурав вукIин. ГIелмиял цIех-рехазухъ халгьабуни, далилал ратула гIумру бижиялъул аслулъун кколин хIатIракь. Щайгурелъул хIатI буго минералазул рекъон ккараб цолъи, молекулазул ва химикиял веществабазул реакциялъе лъикIаб квербакъи щолеб сверухълъи.
ГIалимзабаз абулеб буго гьел реакциябазул хIасилалда лъугьунин белкаби, ДНК ва ахиралда - чIагоял клеткаби. Нью-Йорк штаталъул Корнелльскияб университеталъул наногIелмабазул факультеталда хIалтIулел биоинженераз рикIкIунеб буго Дунялалда гIумруялъул кьучIлъун хIатIракь кколин абун.
ГIакълу бугев вукIиналдалъун инсанасда кIола лъикIабги квешабги батIа гьабизе. Инсанасулъ рукIине рес бугел моралиялгун рухIиял хасиятазул бищунго тIадегIанаблъун гIаданлъи ккола. Гьелъ гъорлъе рачуна рокьи, лъикIлъи, ракIбацIцIалъи, ритIухълъи, муруватлъи (ракIгIатIилъи), хIурмат-хъатир, чIухIи гьечIолъи, рахIму буголъи. Хъвадарухъан Андре Моруаца хъван буго: «Моралиял хасияталин гIадада гуро абулеб. Щайгурелъул гьел гьечIого я жамагIаталъе цебетIезе, я гIумру талихIаблъун букIине рес гьечIо.
Биологиялъулаб рахъалдаса балагьани, инсан ккола квана-гьекъей, жинца тIанчIи (лъимал) гьари, кIудияб гIей, жиб хвей гIадал тIабигIатал жиндилъ ругеб чIагояб организм. ГIакълу бугевлъун вукIиналъ батIа гьавула инсан цогидал чIагоял организмабаздаса.
Жиндир гIумруялъул аваллъун гьес босула кIиго клеткаялъул цолъи: инсул ва эбелалъул. Микроскопалда гъоркь лъун гурого жал рихьизе рес щолареб даражаялда гьитIиналлъун рукIуна гьел. ГIуравго, инсанасул клеткабазул къадар лъеберго триллионалде бахуна. Киналго органазда рессун рукIуна гьезухъе кислород, лъим ва питатательниял веществаби щвезарулел сосудал, капиллярал. Органазин абуни, черхалдаса гIумру гьабиялъул продуктал къватIире инариялъулъ гIахьаллъи гьабула. Сордо-къоялда жаниб ургьисалабазда кIола 200 литр бидул цIцIвизе, токсиназдаса ва шлаказдаса гьеб бацIцIад гьабизелъун. ГIадалнахалъул хIалтIи низамалда, битIа-бишизабун ин бараб буго тIулалъул ахIвал-хIалалда, щайгурелъул, плазмаялда букIунеб глюкозаялъул ва аммиакалъул даража аслияб куцалда рекъезабулеб алатлъун ккола тIул.
ГIажаиблъи, кинаб къохIехьей, къвакIи бугеб нилъер черхалъул. МачIчIабазул ракьа гьелъулго цIайиялъул чарамул кесекалдаса анлъго нухалда къвакIараб буго. Ракьаялъул тIасияб гъат гIуцIун буго цIакъго гъункараб материалалдаса. Гьелдалъун рукьбузда чорхол цIайи ва тIадецуй хIехьезе кIола.
Инсанасул чорхолъ анлънусгоялдаса цIикIкIун ччобори буго. Цого заманалда кIинусгогIан ччобориялъул гIахьаллъи къваригIуна цого-цо гали тIамизе ккани. Гьезул бищунго гьитIинаб абуни ккола гIинзул пардав (барабанная перепонка) цIазабиялъулъ гIахьаллъи гьабулеб, жиб миллиметралдаса дагьаб цIикIкIараб кIодолъи-гьитIинлъиялъул ччобори. Бищунго къо хIехьолеб, ахирисеб хIухьел инсанас цIазегIан жиб хIалтIулеб ччоборилъун ккола ракI.
ГIадалнах – нилъер чорхол хIалтIи рекъезабулеб аслияб орган. ГIуцIун буго цоцазда бухьун бугеб кIиго бащалъиялдаса. ГIадалнахалдаса уна гвангвараялъулгун гIадалнахазул нервабазул 12 жут. Гьел нервабаз гIадалнахалдаги черхалъул батIи-батIиял органаздаги гьоркьоб информациялъулаб бухьен чIезабула. Масала, цо сундаялиго тIад хIетIе чIани ва гьеб предмет тамахаблъун, хIинкъи кьолареблъун букIин логодалъун бичIчIулеб бугони, гъоркьахIатIида ругел нервабазул окончанияздаса сигнал уна мугъзагьодалъул нахулъе, гьениса – гIадалнахалде.
ГIадалнахалъин абуни «малъула» гьеб предметалда тIад хIетIе чIеялъулъ хIинкъи гьечIин, жеги чIезе бегьулин, добго мугъзагьодалъул нахул нухалдаса гъоркьа хIатIихъе сигнал битIула. Нилъеца гьелъул пикруго гьабуларо. Доб предмет бегIераб букIарабани, инсанас хIетIе гьебсагIаталдаго туркIун нахъе босилаан.
ГIадалнахалъ «буюрухъал» кьола ва гьелдалъун нилъер организм къватIисел лъугьа-бахъиназдаса цIунула. ХIисаб гьабе, секундалъул цо бутIаялда жаниб кигIан гIемераб хIалтIи лъугьунеб бугеб инсанасул черхалъулъ.
Нилъеца, ургъизе ккечIого, «буюрухъ» тIубалеб буго. ГIалимзабазул хIисабазда рекъон, нервазулаб импульс хьвадиялъул хехлъи ккола 275 км/ч.
ГIурав чиясул гIадалнахалъул гIага-шагарго 1,4 кг цIайи буго. Гьебги ккола тIолго черхалъул цIайиялъул кIиго процент. Бидулъ хьвадулеб кинабниги кислородалъул щуйил бутIа хIалтIизабулебги гIадалнах ккола. ГIуцIиялъухъ балагьун гьеб буго тамахаб, гьелъулъ 80 процент лъел ва бидул буго. ГIадалнах рикIкIуна инсанасул черхалъулъ бищунго беэнлъи цIикIкIараб органлъун. ГIадалнахалда информациялъул кинаб къадар жанибе бачине, къабул гьабизе кIолебали гьанжелъизегIан жеги мухIканго лъалеб гьечIо. Амма гIага-шагарго 3-1000 терабайт батилин абураб пикру буго.

Цо хасал жидер гIуцIабазда гIадалнах жавабияблъун буго жеги рекIел хIалал лъугьиналъеги. 1950-абилеб соналда Пол МакЛейница гьезие цIар кьуна лимбическиял структураби абун. РекIел хIал хисиялъул эмоция тIибитIула бакьулъ бугеб (централияб) ва рагIаллъабазда бугеб (периферическияб) нервабазулал системабазда. Къокъго абуни, рекIел хIал хисиялъ асар гьабула черхалъул щибаб клеткаялъе. Ва гьелдалъун органазул хIалтIуе квалквал яги квербакъи ккечIого хутIуларо.
Органаз, сагIтил механизмалъ кинигин, щибалъ жиндаго тIад бугеб хIалтIи тIубазабула, киналго гьел гъункун цоцазда рухьарал ва рарал руго. Цо алат бекани, хвани, тIубаразулго хIалтIуе квалквал ккола. Черхалъул цIа-кан бахин, чара гьечIолъи, щекъер унти ва гьединал гIадаб щокълъиялъ тIубарабго черхалъул тату хвезабула. Масала, жиб гIемерисеб кIвар бугеблъун рикIкIунареб гIосода лъугьараб кариесалъ ккезаризе бегьула канлъи бихьиялъул лугбузул, гIинзул, ургьисалабазул унтаби, разаризе бегьула тIомода тIаде жал ва гь. ц. Унтарал дабазда яги цабзазулъ ракIарарал микробазда кIола черхалъул лугбазда цIакъ рикIкIад тIиритIизе, инсанасда жиндир щокълъи, заманалда къачIачIеб гIус сабаблъун ккарабали ракIалдецин бачIунареб манзилалдаса рикIкIад.
«КъватIисеб» кьишниялдаса инсанас свери бацIцIад гьабула, масала, жиндирго кинабниги буголъи, хал-шал гьабун, гьелъул низам чIезабулаго. ГIемерисеб мехалъ тIубараб куцалда рацIцIалъи гьабулаго щивав чиясда батула жиндие къваригIунареб къайи. Гьес гьеб яги садакъаде кьезе, яги бичизе бегьула. Гьединаб рацIцIалъи гьабиялъ тIадагьлъи бачIинабула. «Жанисеб» низамалъин абуни тIубараб черхалъулго хIалтIи берцинго ин рекъезабула.