Аслияб гьумералде

Тохтур хIажалъиларо

Тохтур хIажалъиларо

Квен дагь гьабиялъул пайда

Аварагас ﷺ абун буго: «Нужеца ракIал гвангъизаре ракъиялдалъун. Шагьватазда данде рагъ гьабе ракъи-къечалдалъун. Алжаналъул нуцIида кIутIе квен дагь гьабиялдалъун. Ракъиялдалъун щолеб даража жигьадалъул даражаялда буго. Аллагьасе ﷻ рокьулел гIамалазулги ракъи-къеч гIадаб гьечIо», - ян.

 

Цоги абун буго: «Инсанасулъ шайтIан хьвадула чорхолъ би кинниги. Нужеца гьелъул нухал къай ракъиялдалъун», - абун (Бухари).

Квен дагь гьабиялъ черх щула гьабула, чорхолъ ругел заралиял жал къватIире рачIуна. Ракъи буго тохтурзабазги беццулеб пиша. Гьез абула ракъиялъ цо-цо лугби цIигьари гуребги, тIубараб черхго, хIажат гьечIел жалги чорхолъа къватIире рачIинарун, рукIалиде ккезабулин абун.

 

ГIадалнах

Ракъун ругебгIан мехалда гIадалнах лъикI хIалтIула. Медицинаялъул професор Джордж Кейхиллица хъвалеб буго ракъараб мехалда гIадалнахалъ цIунулин нейронал, ракIалда жо чIунгутIи лъугьине толарин, инфаркт ккезе гьукъулин, стресс лъугьине биччаларин абун.

 

ТIул

Австралиялъул гIалимзабаз чIезабун буго квен дагь гьабиялъ тIулае пайда гьабулеблъи. Сиднеялъул университеталда хIалтIулев гIалимчи Марк Ларансица хъвалеб буго: «Нижеца гьарурал цIех-рехаз бихьизабуна зама-заманалда ракъун чIеялъ тIулал аслиял клеткаби чIаголъулел рукIин. Гьеб ишалдалъун тIулада загьирлъарал цIиял белкабаз дагь гьарулел руго цIа-кан бахиналдалъун бидулъ лъугьунел заралиял хиса-басиял», - ян.

 

Ургьисалаби

Инфекция ккун яги цогидаб гIиллаялдалъун унтарал ургьисалабазе лъикIаб буго квен дагь гьаби. Ломоносовасул цIаралда бугеб институталъул гIалимзабаз чIезабун буго квен дагь гьабиялъ ургьимесалъе лъикIаб асар гьабулин абун. Гьеб къагIида (квен дагь гьаби) кIудияб асар гьабулеблъун батана ургьисалабазулъ би хIалтIи загIиплъиялдалъун лъугьунеб унти сах гьабиялъе.

Гьединго ракъун чIеялъ лъикIлъизабула кIущ къватIибе бачIинабулеб гIуцIи, гьениб лъугьараб унти.

 

Кванирукъ

ГIемерисеб мехалда кванирукъ унтулеб буго квен сабаблъун. Чехь бакъизабиялъ сах гьаризе кIолел руго гьел унтабиги. Дагь кванаялъ лъикIлъула квен бихIиялъул и шва гьелъул хIасилалда кванирукъалда лъугьарал унтаби сахлъула.

 

Гьуърул

Ракъиялдалъун дару гьабулез абула гьелъ кумек гьабулин ургьибе ккараб чороклъи къватIибе бачIинабизе, гьуърул унтиги бугин бищун хехго ракъиялдалъун сах гьабизе кIолебилан абун.

Цин цо къоялъ кваначIого чIела, хадусеб къоялъ дагьа-дагьаб жо кванала ва гьедин ругьун гьабила черх ракъиялде. Цинги гьелда кIола бронхиалияб астма, саркоидоз гIадал унтаби сах гьаризе.

 

РакI ва бидурихьал

Тохтур ва хъвадарухъан Хирвард Каррингтоница хъвалеб буго ракъун чIеялъ ракI лъадарулин абун. Масала, гьоркьоб къо бахъун кваначIого чIеялъ чиясда кIолин рекIелгун бидурихьазул, чакрил диабеталдаса, онкологиялъул унтабаздаса ургьимес цIунизе.

Италиялдаса Джорджино Дагнини абурав гIалимчияс халгьабун буго ракI унтарав 16 чиясухъ. Гьесул бербалагьиялда гъоркь, гьекъезе лъимги кьун, анкьго къоялъ ракъизарун руго гьел. Цинги Дагниница хъвалеб буго: «Дир бербалагьиялда гъоркь рукIаразул цо-цоял рукIана ракI, тIул кIодолъун, цIакъго захIматго унтарал. Къо бахъанагIан гьезие мадар ккана, хIухьел цIазе бигьалъана, тIул гьитIинлъана, кIущ бачIине лъугьана, гьорорал лугбал чучана, дагь-дагьккун лъугIана къватIибе тулеб жоги», - ян.

Ракъиялъ кумек гьабула триглицеридал дагьлъизаризе (гьел цIикIкIин ккола рекIелгун бидурихьазда унти букIин). РукIалида чIезабула пайдаяб холестерин, бидул тIадецуй дагь гьабула, рекIел кьаби гIадатияб хIалалде ккезабула.

 

Рак унти

Алжиралъул университеталъул профессорас хъвалеб буго лъабго къоялдаса моцIалде щвезегIан вакъун чIарав чиясул чорхолъ ругел ракалъул клеткаби холин абун. Вакъун чIейги кколеб буго бацIадаб лъим гьекъон гуреб, цоги жо кванангутIи.

Эрик Берг абурав тохтурас хъвалеб буго гьуинлъаби кваназе бокьулел чагIи ругониги гIарабиял къанагIатги рак унтиялъ унтулареблъиялъе гIилла лъазе бокьун букIанин. Ахирги гьесда лъан буго гьелъие гIилла - Рамазан моцIалъ гьез квен дагь гьаби ва чамасдак гIемер кванай букIин.

 

Ракъи ва онкология

Нидерландиялда бугеб медицинаялъул централъул гIалимзабаз хъвалеб буго зама-заманалда ракъун чIеялъ черхалъе пайда гьабулин абун. «Ракъун чIеялъ онкологиялъул клеткаби кваналел жалаздаса гьукъула, цинги гьел лъугьуна гьарулел дарманаз росулеллъун ва гьелъул хIасилалда ракалъул клеткаби хвезеги хола», - ян хъвалеб буго гIалимзабаз.

Хьюстоналъул Бейлора абураб медициналъул колледжалда халгьабун буго Рамазан моцIалъ кIал ккурал чагIазухъ. 30 къоялдаса бидул анализ гьабидал, баянлъун буго гьел чагIазул чорхолъ чанго хIажатаб белок хIалтIизе лъугьараблъи.

ПалхIасил, аварагас ﷺ абун буго нилъ ругин тохтурзабиго хIажалъуларел чагIийилан. Щай абуни, нилъеца чехь гIорцIизегIан квен кваналарин абун. Гьелъухъего, жидерго чорхол пикру гьабулез ва сахаб гIумру гьабизе бокьараз кваналеб жоялде кIвар кьезе ккела.

 

МухIаммадгiариф Къурбанов

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


Нухлул къанунал цIуни

Кинал ругониги балагьал рачIиндал нилъеца цоцазе кумек гьабула. Гьеб буго тIабигIияб жоги. Амма буго щибаб къойил кколеб балагь, нилъги жинде ругьунлъараб. Гьебги ккола нухазда кколел авариял. 2026 соналъул лъабго моцIида жаниб ккана 357 авария, хвана 61 чи, лъукъана 510-яв, гьезда гьоркьор руго...


ГIарафа магIарда чIей

ГIарафа магIарда чIей хIежалъул бищун кIвар бугеб рукнулъун ккола, щайгурелъул, гьеб къо къалъаралдаса хадусеб къоялъул рогьел баккизегIан гьенив цо лахIзаталъгIаги чIечIев чиясул хIеж рикIкIунгутIиялъе гIоло. Цогидал рукнабазе цIараб хасаб заман гьечIо.   ГIарафа мегIер ва ГIарафа къо буго...


Жиндир тIабигIат - Къуръан

ХӀадисазул тӀахьазул аслиял мурадазул цояблъун ккола МухӀаммад аварагасулﷺ шамаилал тIиритIизари, ай гьесул вукIа-вахъин, тIабигIат. Къокъго абуни, Аварагасда ﷺ хурхарабщинаб. Гьелъие гIиллалъун ккана МухIаммад Авараг ﷺ камилав, жиндаса мисал босулевлъун вукIиналъ.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ...


ХIарамалъул ракь

Макка-Мадинаялъул хиралъилъун нилъее гIела, жиндие гIоло кинабго махлукъат бижарав Авараг ﷺ тIад хьвадараб, гьев вукъараб ракьлъун букIин.   Нилъеда бихьулеб буго жакъасеб къоялъги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Макка-Мадинаялъул агьлу хьихьун бугеб куцги, гьениб гьанжелъизегIан цIунун бугеб...


Ахирисел хириял къоял

ТIаде щолеб бугеб иргадулаб моцI ккола ЗулхIижа. Гьеб ккола исламалда жаниб Ражабгун, ЗулкъагIидагун ва МухIаррамгун цадахъ, ункъабго хирияб моцIалъул, цояб. Гьел моцIазда жаниб ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хIарам гьабуна рагъ-кьал, тунка-гIусиял, би тIей.   Гьеб моцIалъул тIоцебесеб анцIго...