Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Тюлень

 

Дунялалда руго гIага-шагарго 30-гIанасеб батIияб тайпа тюленазул. Крабал кваналел тюленазул цаби руго гIажаибал.

ГIемерисел тюленал, бихьиналищ яги цIуялищали ратIарахъизе кIоларо. ГIумруги гьез, масала, бихьиналъ - 20-25 соналъ, цIуялъ - 30-35 соналъ гьабула. ТIинчIги гьабула 1-3. Гьабураб тIинчIалъул чорхол цIайи букIуна 10-20 кг, амма цIайи бахине байбихьула хехго, ункъабилеб къоялде 25-50 килограммалде щола. Чорхол цIайи бараб букIуна тайпаялда: 40 килограммалдаса 2,5 тоннаялде щвезегIан. Гьезул ласталги руго ракьаялъгун ччорбаз цIурал, цIакъ къвакIарал. 

Гьел руго ралъдал рагIалда хIинкъи гьечIого кьижулел хIайванал, хъаравулзаби толаро, зама-заманалдаса рорчIула ва сверухъе ралагьула. Гьезда кIола, ракьалдаго гIадин, лъелълъги кьижизе. Лъелълъ кьижула рахъунчIун, хIухьел босизе зама-заманалда кIалалги къватIире раккизарула.

Гьезда кIола гIодизеги, амма гIадамазул гIадаб пашманлъи лъугьиналдалъун гуро гьел гIодулел. ГIодула берал цIам, сали гIадал жалаздаса цIуниялъе ва бакъалда гьел ракъвангутIизе.

Гьезул рахьги букIуна, киталъулго гIадин, 50% цIикIкIун кьарияблъун. 

Гьезда кIола лъелълъ ва бецIаб бакIалда хасал гьаркьилал сигналаздалъун щиб бугониги бихьизе ва чан гьабизе.

Гьезул аслияб квен ккола ралъдал батIи-батIиял рухIчIаголъаби: ччугIа, моллюскаби, ракал, крабал. ЧIахIиял тайпабаз пингвиназдеги гьабула чан. Гьез ччугIа тIубанго къулчIула, чIахIиял ругони, кIийидеги тIун, кванала.

Лъелъе лъугьиндал рекIел кьаби хIинцлъула 4-15 кьабиялде, ракъдада кьабула минуталда жаниб 55-120 нухалъ.

Гьезда кIола гIемераб заманалъ лъелълъ хIухьел кквезеги. Ралъдал гъалбацI абураб тайпаялда кIола лъеда гъоркь кIиго сагIат базецин. Гьукъула 1500 метр гъварилъуде. Гьеб тайпаялъул тюленалда буго лъабабилебги тIелех, лъедолелъул бер цIунизелъун хIалтIулеб.

Тюленазул черхалда буго хасал кьаралъиялъул гъат, халатбахъун къокъине яги яги захIматаб гьава-бакъалда 2-3 моцIалде щунги къо хIехьезе кумек гьабулеб.

Гьезул черхалда букIуна къокъаб, кьварараб рас, гьелъ щибго квалквал гьабуларо тюленазе лъеда гъоркь хьвадизе, гьединго, цIунула квачалдаса. Ралъдалъ бажарула 25 км/сагIаталда хех лъедезе.

ГIемерисезул кьер букIуна цIахIилаб, цо-цоязда букIуна тIанкIахараб расен.

Нилъеда къокъаби ккун рихьаниги, гьел руго жалго жидедаго чIарал. Гъункула хIинкъи ккедал. Кольчатая нерпа абураб тайпаялъ гурони тIанчIазе бусенги гьабуларо. 

Берал чIахIиял ругониги рикIкIад бугеб жо гьезда лъикI бихьуларо. МахI чIвала 500 метралъ рикIкIад ругониги.   

 

 

МухIаммад ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...