Аслияб гьумералде

Рокьул хIикмат

Рокьул хIикмат

Г1алимзабазул пикру рекъараб калам буго Аллагьги Гьесул расулги вокьи щивав чиясда т1адаб бугин абураб. Гьелъие х1ужалъунги буго аварагасул гьадинаб х1адис: «Нужер цонигияв унго-унгоги иман лъуравлъун вук1унаро, гьесие Аллагьги Гьесул расулги жиндирго агьлуялдаса, боц1и-малалдаса ва киналниги г1адамаздаса ц1ик1к1ун рокьулеллъун рук1инег1ан», - абураб (Бухари).

Рокьи абула пуланаб жоялде т1абиг1ат гьесиялда, гьеб гьеси бук1иналъе г1оло жиб бокьаралда аск1об лазатаб, черхалъе х1алхьи щолеблъун. Гьеб гьеси къуватлъараб мехалда гьелда абулебги буго гъваридаб, чорхолъ бессараб г1ищкъуян.

Амма Бет1ергьанасде бук1ине кколеб рокьи щвезе рес бук1унеб гьеч1о лагъас жиндир рак1 дунявиял жалаздаса бац1ц1ад гьабизег1ан. Рац1ц1алъун хадуб бук1унебги гьеч1о цоги жоялде рокьи. Щайин абуни, хъвалеб буго рокьи бугин жиндаса гьеч1еб жо бух1улеб сипатилан. Гьелъул г1аламатги буго дунял-ахират бокьи къот1изаби.

Абула рокьиялъул загьир кколин жив вокьулев разилъи, бат1ин абуни - рак1 гьесие кьей.

Г1арифуназул биценаздасан буго:

– Фарисица бицана: «Аллагьасдехун шавкъ ккаразул рак1ал нур барал руго Бет1ергьанасул нуралдаса. Гьезул шавкъ багъарараб мехалъ гьеб нур зоб-ракьалда гьоркьоб кунч1ула. Цинги Аллагьас малаикзабазда абула: «Гьалищ Диде шавкъ ккарал? Нужеца нуг1лъи гьабе, я дир малаикзаби, Дун гьездехун ц1ик1к1ун шавкъ ккарав вуго», - абун.

Ибрагьим ибну Адгьамица абуна: «Цо нухалъ дун Лубнан абураб маг1арде вахана. Гьенив дида ватана цо г1олохъанчи ва гьесги абулеб бук1ана: «Я дир рак1, жиндие рокьиялда бугев, напсги жиндие хъулухъалда вугев, шавкъги жиндие кутаклъун бугев, кида дуда дандч1вай бук1ине бугеб?» - ян. Дица гьесда абуна: «Бет1ергьан гурх1аги дуда, Гьев вокьиялъе г1аламат щиб бугеб?» - ан. Гьес абуна: «Гьев рехсезе бокьи буго», - ян. Нахъеги дица гьикъана: «Черхалъулъ бессун Гьев вокьиялъе г1аламат щиб кколеб?» - ан. Гьес абуна: «Кинабниги х1алалъулъ Гьев к1очонгут1и буго», - ян.

Басраялда вук1ана Аллагьасде бугеб рокьиялъ г1емер г1одун бераздаса канлъи арав чи. Гьес абулеб бук1ана: «Я Аллагь , кидаллъизег1ан дун Дуда дандч1вазе гьеч1ев. Дур Т1адег1анлъиялх1а, нилъеда гьоркьоб гьалделеб ц1а бук1арабаниги дун вуссинароан, Дур кумек-тавпикъалдалъун, Дуде щвезег1ан», - абун.

Аллагьас нилъее насиб гьабеги Гьев вокьи ва гьелде рачунеб г1амал.

Мух1аммадг1ариф Къурбанов.

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Дун цIакъ нечон йикIана     Дун гьаризе гIадамал рачIараб къоялъ, гьезда дандчIвай гьабурав дир эмен, дагьав гьекъон вукIана. Цинги гьес байбихьана вукIинесев дурцасда хурхун махсараби гьаризеги. Дун цIакъ нечон йикIана. Гьанже дун абизе бокьарасул эбелалда кколеб буго лъикIаб гуреб...


ХIикматал махлукъатал

Тюлень   Дунялалда руго гIага-шагарго 30-гIанасеб батIияб тайпа тюленазул. Крабал кваналел тюленазул цаби руго гIажаибал. ГIемерисел тюленал, бихьиналищ яги цIуялищали ратIарахъизе кIоларо. ГIумруги гьез, масала, бихьиналъ - 20-25 соналъ, цIуялъ - 30-35 соналъ гьабула. ТIинчIги гьабула 1-3....


Баркала тохтурзабазе

ХӀурматияб «Ас-салам» газеталъул хIалтIухъаби! РакӀ-ракӀалъулаб баркала кьезе бокьун буго № 8 поликлиникаялъул участкаялъул тохтур АсхIабалиева ПатӀиматие ва медсестра ХIажиева Муслиматие.   Дир буго 80 сон. Дун гӀемераб мехалъ унтун йикIана хроническияб бронхиталъ, хъухIудиялъ...


Жиндир тIабигIат - Къуръан

ХӀадисазул тӀахьазул аслиял мурадазул цояблъун ккола МухӀаммад аварагасулﷺ шамаилал тIиритIизари, ай гьесул вукIа-вахъин, тIабигIат. Къокъго абуни, Аварагасда ﷺ хурхарабщинаб. Гьелъие гIиллалъун ккана МухIаммад Авараг ﷺ камилав, жиндаса мисал босулевлъун вукIиналъ.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ...


ГIарафа магIарда чIей

ГIарафа магIарда чIей хIежалъул бищун кIвар бугеб рукнулъун ккола, щайгурелъул, гьеб къо къалъаралдаса хадусеб къоялъул рогьел баккизегIан гьенив цо лахIзаталъгIаги чIечIев чиясул хIеж рикIкIунгутIиялъе гIоло. Цогидал рукнабазе цIараб хасаб заман гьечIо.   ГIарафа мегIер ва ГIарафа къо буго...