Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Мергалрич (стрекоза)

 

 

Мергалрич буго хIикматаб, кутакалда берцинаб рухI-чIаголъи. Гьеб рикIкIуна ракьалда раккарал рухIчIа-голъабазул тIоце-ресезул цояблъун, 300 млн соналъ цебе ракьалда букIун бугин гьебин чIезабун буго гIалимзабаз.

 

Гьанже нилъеда рихьулел мергалричазул кIодолъи 12-13 сантиметр букIунеб батани, цебе гьел рукIун руго 60 сантиметр бугелги.

Гьез чан гьабула роржун унаго, гьаваялда. Чанги гьабула гьаваялдаго гъоркьчIелги гьабун. Боржунелъул цогидаб рахъалде унеб бугебин кколедухъги ун, хехаб къагIидалда сверунги бачIун, речIчIула гьеб чанида тIад. Кваналеб жоги гIицIго чан гьабун щвараб гурони букIунаро гьезул.

Гьезул чIандирогун кIалалъул кIиябго рагIаллъиялда ругел гъунцIби руго куткалда къвакIарал. ЧIандироялда руго цаби гIадал регIерал жал. Гьезул кумекалдалъун чан гьабун щвараб рухIчIаголъи, цин куркьбалги тIун загIип гьабула, хадуб боржун унаго тIутIунги бан, кванала. ГIадамазда гьез хIанчIуларо.

Гьезул буго ункъо кваркьи, щибабги хIалтIула жалго жидедаго чIун. Гьезда кIола бокьараб рахъалде роржине, хIатта нахъехунцин. ГIезегIан заманалъ цо бакIалдаса багъаричIогоги гьаваялда чIезе гьунар буго гьезул. Гьезда кIола хехлъиялда боржинеги, чанго азарго километр нахъа тезеги. РухIчIаголъабазул цонигиялда кIолеб гьечIо гьелда хадуб гъезеги.

Гьелъул бетIер буго 30 азаргогIанасеб батIи-батIиял гIуцIалабаздаса гIуцIарал, беразул цIураб. Аслиял беразда гьоркьор руго жеги лъабго гIадатиялги берал. Гьенирго руго гIисинал расал, сасал жидеда рагIи ва данде бачIунеб гьуриялъул хехлъи халгьабизе бажарулеб гIуцIи жиделъ ругел. Гьезда рихьулел руго инсанасдацин рихьуларел кьерал.

Гьез гIумру гьабула лъелъги. Хоноги лъола лъелъ ва личинкаби лъугьиндал, гьез лъеда гъоркь кIиго соналъ гьабула гIумру. Цо-цо тайпабаз анлъго соналде щвезегIанги гьабула. Хасаб тайпа буго цIамхIалаб лъелъ хоно лъолебги.

Абула гьезул лъабазаргогIанасеб тайпа бугиланги. Гьел руго батIи-батIиял кьеразул. Щибаб тайпаялъул черхалда ва куркьбазда буго хасаб, гIемеркьералъулаб лъалкI ва гIаламат. ГIумру гьабунги киса-кирего рукIуна.

Щибаб мергалричалъул кваркьиялда буго хасаб, жанисан канлъи бихьулареб тIанкI. Гьелъ кумек гьабула боржунелъул кваркьабазе квалквал ккезабулеб сороди лъугьине тунгутIизе.

Мергалричалъул гIуцIиялъухъ халги гьабун, хIадур гьарун руго цо-цо верталетал ва батIи-батIиял роржунел жал.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...