Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Крокодилал ккола чIахIиял, лъелъги ракьалдаги гIумру тIамулел рухIчIаголъаби. Гьел ккола дунялалда ругел хIайваназул бищун церегосезул цоял.

 

Абула крокодилазул 28-гIанасеб тайпа бугин. Гьелги рикьула лъабго хъизамалде:

- ХIакъикъиял крокодилал: бищунго гIемераллъун кколел, жидер къокъаялда гьоркьобе 15-ялде щун тайпаги гъорлъе унеб. Бищунго машгьурал ккола гребнистый, нильский ва острорылый абурал крокодилал.

- Аллигаторал. Гьезда гъорлъе уна аллигаторазул ва кайманазул 8 тайпа.

- Гавиаловыял. Гьезда гъорлъе уна 2 тайпа. Гьел ратIа рахъизе лъала чIедерхалатаб гьумералдалъун.

Крокодилал ккола жидерго тIанчIазул кутакалда ургъел гьабулел хIайванал.

Бусен гьаби ва гьеб цIуни: цIуялъ мухIканго тIаса бищула бусен гьабизе бакI ва ракьулъгун салулъ лъола 20-80 хоно. Цинги гьелъ лъабго моцIгIанасеб заманалъ цIунула бусен.

ТIанчIи рахъизе кумек: ханида жаниб бугеб тIинчIалъ гьаризе байбихьула хасал гьаркьал, гьеб мехалъ эбелалъ бухъула ракь, цинги хоно кIалдибе босула ва гьебги бекун тIинчI къватIибе биччазе кумек гьабула.

Лъелъе рачин ва гьенир цIуни: кIалдирги ккун росула тIанчIи лъелъе ва чанго анкьалъ, хIатта моцIалъцин тIалабги гьарун, гIезарула гьел.

Гьоркьохъеб къагIида босани, гьез гIумру гьабула 30-ялдаса 70-ялде щвезегIан соналъ. 120 сон барабги крокодил бугинги хъвалеб буго цо-цо баяназда.

КIодолъи-гьитIинлъи батIи-батIияб букIуна тайпаялде, жинсалде ва ригьалде балагьун. Бихьинаб гIемерго кIудияб букIуна цIуялдаса.

- Гребнистый крокодил рикIкIуна бищунго кIудияб тайпалъун. Халалъи: бихьиналъул – 4-5,5 метралдаса байбихьун 6-7 метралде щваралги рукIуна. ЦIайи: 400-1000 кг, 2000 кг бугелги дандчIвала.

- Нилалъул крокодил. Халалъи: 4-5 метр. ЦIайи: 500 кгялдаса цIикIкIун букIуна.

- Острорылый крокодил. Халалъи: бихьиналъул – 4,3 метр, цIуялъул – 3 метралда щвезегIан. ЦIайи: бихьиналъул – 350 кг, цIуялъул – 75 кг.

Ракьалдасан бекеризе кIола сагIтие 17 км нахъаги тун. ГIолохъаназда кIола 10 метралъулги борхалъуде, гъутIбузде ххаризеги.

ГIумруялда жаниб гьезда баккула 3000-гIанасеб ца. Бортараб цаялъул бакIалда къокъабго заманалда жаниб бижула цIияб.

Гьезда кIоларо чIамизе, чIандирабаз дандекъан хъурула кIалдибе рехараб. Чан гьабун щварабги къулчIула яги кескал гьарун тIу-тIун бала. 

БагIари бугеб заманалда, гьогьомизелъун, регизеги регун гьез гьакIкIала кIал. Рахъинарула гIажаибал сасал.

 

 

МухIаммад ГIалиев

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....